МагъчIваялъе рес

Экстремизмалде данде къеркьеялъул цIияб "гIатIилъи" - интернет


2015 сон байбихьаралдаса интернеталдасан терроризм ритIухъ гьабиялъул ва рокьукълъи бижибаялъул хIузабазда хурхун 19 такъсир гьабиялъул иш рагьун бугин Дагъистаналдайилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъ.

Ахираб заманаялъ рахъарал къанунал ксенофобия ва терроризм тIибитIиялда данде рахъаралилан ругониги, гьел кколила жамгIиталда жаниб бугеб хIал лъазе бокьунгутIи ва гьез хIакъикъаталдаги гIаксияб хIасил кьолин рикIкIунеб буго экспертас.

ЦерегIан къояз Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул комитеталъ рагIалде бахъинабун буго информ-сурсатазул кумакалдалъун рокьукълъи бижизабиялда бан МахIачхъалаялдаса 26 сон барав гIолиласда хурхун тIобитIараб цIех-рех. Гьесде гIайиб гIунтIизабулеб буго Угловияб кодексалъул 280 ва 282 статьябазда рекъон.

ЦIех-рехалъул комитеталъул баяназда рекъон, гIолилас 2014 соналъул май моцIалъ «Вконтакте» абураб социалияб гьиналда тIибитIизабун буго сурат, гъоркь цо социалияб къокъаялдехун яги миллиял шартIаздехун рокьукъли бижизабулеб ва экстремизмалде ахIулеб хасият бугеб хъвай-хъвагIай. ГьабсагIаталде цIех-рехалъул идараялъ гIурал хIужаби ракIарун ругила, гьеб такъсир тасдикъ гьабулеб ва гьеб иш диваналде кьунин лъазабулеб буго ЦIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев хисулев Расул Темирбековас. Гьесго тIаде жубана 2015 сон байбихьаралдаса, экстремизмалде ахIиялъул ва рокьукълъи бижизабиялъул хIужабазда бан 19 такъсир гьабиялъул иш рагьанила ва диваналде кьун ругила. Гьел хIужабиги цIикIунел ругила

Расул Темирбеков: «Рокьукълъи бижизабиялъул ва экстремизмалде ахIиялъул хIужабазда хурхун кинабнги 19 хIужа тIатинабун буго гьаб сон байбихьаралдаса. Гьел ишал ккола гьаб соналъ рачIарал, гьел рикIкIинчIого араб соналъ рачIарал ишалги руго цIех-рех рагIалде бахъун диваналде кьурал. Интернеталъул ва социалиял гьиназул мониторинг гьабулеб хасаб къокъа буго, гьеб гуребги пикру букIана тIалъиялъул гьеб ишалде жигарал социалиял гьиназул гIахьалчагIи ва блогерал гъорлъе журазаризе, амма жеги мухIканаб жо гьечIо».

Дагьаб цебегIан, Терроралда данде чIараб комитеталъул данделъиялда гьоркьоб лъун букIана суал, интернеталдаса терроризм тIибитIиялде данде къеркьезе хасаб кибердружина гIуцIизе, амма гьелъулги кинабгIаги мухIканлъи лъаларин баян гьабуна Темирбековас.

Жакъа жамгIияталда жанир ругел конфликтазул ва гьелго интернеталда ругел конфликтазул битIараб бичIчIи гьечIин тIалъиялъул ва къуваталъул идарабазулин рикIкIунеб буго кавказовед ва социолог Энвер Кисриевас. Бокьараб иш къануналда данде кколеб яги кколареб букIиналъул хал гьаби ва цояб битIараб бугин тей, цогидаб мекъи бугин чIезаби кколила мекъаб, гьеб кколила чиясул эркенлъи гьукъиялъул цо тайпа, щай гурелъул, гьеб тайпаялъул къанунал цIакъ магIна гьечIел рукIиналъ.

Социологасул пикруялда, жакъа интернеталдасан экстемизмалде ахIиялда ва рокьукълъи бижизабиялда хурхун тамихIалде цIалел чагIи кколел руго аслияб куцалъ гIолилал, 30 соналъул ригьалде рахинчIел. Гьел хIужаби тIатинарун, тамихIалде цIан гуреб, гьелъул гIиллаби тIатинаризе кколила унгоги гьединал хIужаби тIагIине бокьун батинийилан абулеб буго Кисриевас.

Энвер Кисриев: «ТIалъиялъул битIараб бичIчIи гьечIо жамгIияталда жанир ругел конфликтазул. Нилъеда лъала, кинаб бугониги «захIматаб», бигьаяб гуреб жамгIияталда жанир конфликтал тIагIинаризе лъугьине бегьуларо. Жакъа Кавказалда бугебги, Дагъистаналда хас гьабун босаниги, жамгIият ккола бигьаяб гуреб, ай гIемерал диниял, миллиял, батIи-батIил бербалагьиял ругел гIадамал ругеб жамгIият. Руго гьенир ксенофобиялъул хIужабиги, амма, масала, цо рахъалъ балагьани ксенофобилан абизе бегьулев чи, цогидаб рахъалъ гьелда данде вугев чи вукIуна, гьелъул магIна ккола гьеб тайпаялъул хIужабазул данде ккун гурого халгьабизе бегьуларин абулеб.

Ахираб заманаялъ рахъарал гьел къануназ, цIакъ бигьаго бокьараб калам терроризмалъул хIужа гъорлъ бугеблъун рикIкIине рес кьолеб буго. Гьеб буго, дир пикруялда, инсанасул эркенлъи гьукъи, рагIи гьукъи, гьелъ негативиял лъугьа-бахъинал цIикIкIинаризе рес буго. Инсанасул бокьараб иш бигьаго битIараб яги мекъаб бугин рикIкIине рес кьолеб къанун мекъаб ккола. Гьелго экспертизаби росаниги, цо рагIи бугищ рокьукълъхи бижизабулеб яги гьечIищали чIезабулел, гьел кутакалда цокIаллъи гьечIел халгьабиял руго. Интернеталда гIадамал кквей релълъуна катида ругел чIутIул кквеялда, гьелъ кинабниги хIасил кьоларо».

Гьеб гуребги, бокьараб абураб каламагицин, экстремизмалъул хIужаби гъорлъ ругеллъун рикIкIине рес бугилан тIаде жубана экспертас. Мисаллъун гьес бачана гьаб соналъул май моцIалъ Унсоколо мухъалъул ХарачIи росдал дибир экстемизмалде ахIиялъул гIайиб гIунтIизабун тамихIалде цIай, 2012 соналъ хвел ккараб бакIалда гьабураб кIалъаялъулъ экстремизмалде яхIиялъул хIужаби рукIин чIезабун.

XS
SM
MD
LG