МагъчIваялъе рес

Экстремистиял материалазул сияхI цIикIкIунеб буго


13 апрелалда Россиялда жеги кIиго материалалдалъун цIикIкIана экстремизмалъул магIна гъорлъ бугелин рикIкIунел материалазул федералияб сияхI.

Гьелда хадуб халккола юстициялъул министерлъиялъ. Гьеб сияхI ахираб заманалда цIакъго халалъизе лъугьанин рикIкIунеб буго "Сова" абулеб информациялъулгун анализ гьабиялъул централъ.

Гьедин гьеб сияхIалда гIуна 2733 материал. Гьеб ккола "Приставное благочестие" абураб фильмги, интернеталда лъурал наци-скинхедазул хитIабалги. ГIурусазул цо килисаялдаса пуланал вализабазул букIараб къайи-къоно бахъиялъул хIакъалъулъ бицунеб гьеб фильмалда гъорлъ кинабгIаги экстремизм гьечIилан рикIкIунеб буго информациялъулгун анализ гьабиялъул «Сова» абулеб централъ.

Ахираб заманалда цIикIкIунел ругин экстремизмалда хурхарал гIайибал гIунтIизариялъул хIужабийин абураб магIнаялъул данделъи гьабуна моцIалъ цебе гьеб централда. Басмаялда рахъун рукIана гьеб централъул хIалтIухъабазул докладалги. Масала, цояб докладалъул автор ккола Мария Кравченко.

Гьадин бицана гьелъ ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда.

Мария Кравченко: «Байбихьуда экстремизмалда данде хIадурараб къанун къабул гьабун букIана рокьукълъиялда данде гьабулеб рагъ гIадин. Гьединлъидал нижер централъги разиго рахъккун букIана гьелъул. Амма ахираб заманалда Украинаялда кколел ругел лъугьа-бахъиназги цогидалъулги асралда гъоркь цIиял тIадежураял гьарулел руго гьеб къануналде тIаде. Амма киналго гуро гьел хIалтIизарулел ругел. Дида бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде къанун бахъулезги ургъун буго рес, гьел тIадежураял гIицIго гьезде хIажалъи ккараб мехалъ гурони хIалтIизарулареб къагIида билълъанхъизабураб. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго нижер централъ хIадур гьабураб ахирисеб докладалдаги».

Мария Кравченкол пикруялда рекъон, жидеего яги тIолабго жамгIияталъе хIинкъи бугин ккараб бокьараб информациялъе нух къазе ракI ккун буго улкаялъул тIалъиялда. Гьедин бижанин «Луговоясул къанунги» ян рикIкIунеб буго гьелъ. Гьеб ккола диваналъ хIукму къотIизегIан чIечIого интернеталда пуланаб информация гьукъулеб гIадат

Мария Кравченко: «Уголовияб кодексалда рукIарал церегосел статьяби гьанжеги хIалтIизарулел руго. Гьел хIалтIизарулел руго Украинаялда кколелда тIасан жидерго пикру загьир гьабурал политикиял оппонентазда дандеги. Гьединал чагIазда тIад чанги такъсир гьабиялъул иш рагьана 2014 соналъ. Гьелъул статистикаги кIиго нухалъ цIикIкIанин абизе бегьула. Къокъ гьабун абуни, экстремизмалъулаб магIнаялъул кIалъай гьабурал чагIазда хурхун байбихьараб такъсиралъул цIех-рех гьабиялъул иш цересел соназда дандеккун кIиго нухалъ цIикIкIана 2014 соналъ».

ПалхIасил, исана февралалдасан хIалтIизе лъугьараб Россиялда экстремизмалда данде чIараб къанун. Гьелда рекъон, масала, экстремизмалъул магIна загьирлъулеб батани, прокурорасул изну буго бокьараб сайт къазе буюрухъ кьезе.

Амма гьелда рази гьечIо Болъихъ росулъа Муртуз ХIасанхIажиев. Жиндирго сайт буго гьесул.

Муртуз ХIасанхIажиев: «Хасго прокуроразул бугеб даражаги хIисабалде босун, цIакъго санагIалъи гьечIеб къанун буго гьеб - гьезухъе гьединаб кверщел кьей. Гьанже рагIи эркенго загьир гьабизе бегьулеб къагIида щибха хутIараб – митингал гьукъана. Цодагьабниги эркенго кIалъазе хутIараб бакI букIана интернет. Гьанже нилъ тоталитаризмалде щолел руго, щунго руго».

ЭР: «Нужер балъхъадерил сайталдехун низам цIунулел мекъи балагьарал хIужаби рукIанищ?»

Муртуз ХIасанхIажиев: «РукIана. Нижер мухъалъул диванчагIи, прокурор рукIана абулел дуца щибали жо мекъи хъван бугин, гьаб бегьуларин, доб бегьуларилан. Гьанже, узухъда, гьезие къануналъ рес кьолеб гьечIищха дир сайт къазе. Гьебги гьабила жидее къваригIараб жо гурин гьеб, тIасахун тIалаб гьабулеб бугилан».

Бицен гьабулеб къануналдалъун цIикIкIанин ФСБялъул кIварин абулеб буго цеехун рехсарай Мария Кравченкоца. Цо рахъалъ, гьелъул кьаби щолеб бугила диниял вакилзабаздеги.

XS
SM
MD
LG