МагъчIваялъе рес

А. Солдатов: "Антиэкстремистияб къанун цIакъго гIатIидго хIалтIизабиялъул ресал руго"


ГьанжегIагар «Сова» абулеб информация кьеялъулгун анализ гьабиялъул централъ къватIиб загьир гьабуна инсанасул ихтияразда хурхараб доклад. Амма аслияб куцалда гьениб кIвар буссинабулеб буго 2014 соналда Россиялда низам цIунулез экстремизмалда данде чIараб къануналдаса гIорхъодаса ун пайда босулеб букIиналде.

Экстремизмалда данде чIараб къануналдаса цIикIкIун пайда босулеб бугин жидерго хасаб лъай гIодобегIанаб даражаялда бугел низам цIунулез, гьелдалъун гьезие къваригIун бугин жидеца хIалтIи гьабулеб ххвел бихьизабизеяйин рикIкIунеб буго доклад хъварал «Сова» централдаса чагIаз. Амма хIалтIухъаби гьединал ругеб гIечIого, жибго къанунги буго кканиги-ккечIониги инсанасул ихтиярал хвезаризе, кколарелщинал гьукъа-къаял гьаризе рес кьолеб, бицен гьабулеб централъул вакилзабазул пикруялда рекъон.

Гьединго гъоркькъинарулел руго цо ккураб, гIадатияблъун лъугьаралдаса батIияб пикруги, гьединго цодагьалниги чIаголъи бугел гIадамалги. Гьединаб къагIида загьирлъизе байбихьанин 2012 соналъул бащалъиялдаса, амма гьанже Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназ гьеб тIубанго хIалуцинабунин хъвалеб буго цебехун рехсараб докладалда.

Гьелда тIасан пикру загьир гьабизелъун ЭР-ялъ бухьен гьабуна гьединал темабазда хъвадарулев Россиялдаса журналист Андрей Солдатовасулгун.

Гьадаб «Сова» абулеб централъ рикIкIунеб буго Украинаялда ккарал лъугьа-бахъиназ тIубанго хIалуцинабунин экстремизмалда дандечIараб къануналда сверухъ иш. Масала, кIицIулниги цIикIкIанин «рокьукълъи бижизабиялда бан» цIех-рехал гьарулел ишал, интернеталдасан тIибитIизабулеб информациялъе чIвалеб гIорхъи ва цогидаб. Амма гьелда гъорлъ лъугьине бокьун гьечIин я Конституциялъул диваналъе, яги ТIадегIанаб диваналъе.

ЭР: «Андрей, дур пикруялда, бугищ гьеб гьедин?»

Андрей Солдатов: «Жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз цо-кIиго къоялъ цебе инсанасул ихтиярал цIуниялъул шураялъул данделъиялда абуна жидеца хадубккунги кьваризабизе бугин гьеб къанун. Масала, гьанжеялдаса хадуб интернеталда информациялъе нух къазе рес кьезе бугила Генералияв прокурорасе гуребги, регионазда ругел прокуроразеги. Гьелдалъун цензураялъул къуват кутаклъизе буго. Украинаялда хурхараб жоги гIемер буго гьениб, жибго гьеб нтернеталдасан гьарулел блокировкабазул хIакъалъулъ къанун 31 декабралда къабул гьабун букIаниги.

Украинаялда гьел гъалмагъирал ккелалде мех букIана гьеб. Амма машгьурал сайтал – «ЁЖ», «Каспаров. Ру», «Грани. Ру» къана Путиница Кремлялда миллиял хиянатчагIазулги «щуабилеб колоннаялъулги» бицунеб къоялъ. Цинги гьелдаса хадур гIемер «загьирлъана» гьел «миллиял хиянатчагIиги щуабилеб колоннаги».

Амма гьеб киналдаго цадахъ, «Соваялъ» хIадурараб докладалда хъвалеб буго, ахираб заманалда къокълъулеб бугин экстремизмалъул магIнаялъул сайтазул рахъалъ гьабураб, щибго магIнаги гъорлъ гьечIеб, гурелщинал гIорхъабиги чIвалеб федералияб сияхI. Унголъунги цо бакIалда чIун бугин гьеб сияхI халатги гьабичIогоян дуцаги рикIкIунеб батани, щиб гьедин ккеялъе гIиллаян гьикъидал, Андрей Солдатовас гьадин жаваб кьуна.

Андрей Солдатов: «Гьединаб сияхIалда бан библиотекабазул хал гьабулелинги абун, низам цIунулез байбихьана тIолабго интернет бачунелщинал бакIазулги хал гьабизе. Прокуратураялъул хIалтIухъабиги рачIунаан балагьизе библиотекабаздегун школазе, букIине кколедухъ лъикI блокировка лъун бугищ гьениб хъулухъ гьечIеб информациялъеяли. Гьел гьеб мурадалдеги щвана. Гьезул мурад букIинчIо щив вукIаниги тамихIалде цIазе. Гьезие къваригIун букIана гIицIго тIалабал кьваризаризе.

Интернет бачунелщинал чагIазда бичIчIун букIине пачалихъалъе щиб къваригIун бугебали. Гьедин 2 сонгун бащадалда жаниб школазул директораздагун библиотекабазул нухмалъулезда тIад гIакIаби къотIиялдалъунги цогидалдалъунги гьел жидерго мурадалде щвана – гьезда кIвана нилъеца «миллиял хиянатчагIазда» гьоркьоб гIумру гьабулеб букIин халкъалда бичIчIизабизе. Гьединлъидал гьанже гьединал рейдал гьариялъул щибгIаги магIна гьечIо. Щайгурелъул дол мурадалде щведал».

Экстремизмалда дандечIун бахъараб федералияб къанун, инсанасул ихтияразе гIатIилъи кьун, хисизабилин кколищ дуда федералияб тIалъиялъин абураб суалалъе Андрей Солдатовас жаваб кьуна жинда гьединаб къасд бихьулеб гьечIин гьезулъ. Гьелъул гIаксалда, жидерго хIалтIудаса разиго ругила гьел. Щайин абуни доб байбихьуда жинца бицен гьабураб инсанасул ихтиярал цIунулезул данделъиялда кIалъарав низам цIунулев ракIалде щвезавейила.

XS
SM
MD
LG