МагъчIваялъе рес

Мадугьаласе хIажат вуго Сталин


Крым. Симферополь
Крым. Симферополь

"Тарих такрарлъула" абураб цо калима буго. Гьеб халкъалда гьоркьоб жибго тарихалъ бихьизабуна, гьеб пикру г1умруялъ тасдикъ гьабун щулалъараб бугин абизе бегьула. Гьеб такрарлъиялъе жибго жамгIияталда, пачалихъалда, геополитикаялда ва глобалияб дунялалда хасаб ахIвал-хIал лъугьунеб батула.

Гурони гьеб гIадатлъун лъугьинароан. Экономикаялъулги буго, бечелъи мискинлъиялъулги буго гьеб маятникалъул принцип. Цин цояб рахъалде гьетIун, хадуб - цогидалде. Бечелъиялда хадуб мискинлъи, къвакIарав нухмалъулесда хадув - тамахав. Гьеб букIана тарихалда. Масала, Горбачевасулгун Ельцинил нухмалъиялъул хIасилалда биххараб улкаги, тIатIала чIвараб экономикаги бугеб заманалда 1994 абилеб соналъ гьабураб цехI-рехалъ 30 проценталдасаги тIаде халкъалъе кумирлъун лъугьун вукIун вуго И.Сталин.

РакIалде ратила басриял, СССРалдаса ирсалъе щаварал автомашинабазул цIорода чIварал И.Сталинил суратал. ГIадамаца рокъор къададе тIад руссинарун рукIана. Гьел сунца раккарал жал? Тохлъукьего бечелъаралги мискинлъаралги гIадамаз раккизарун. Станинил пачалихъ лъикIаб букIанин лъицаниги абиларо. Гьеб букIана вахIшияб заман.

МацIазгун гIарзаз гIалимазабиги, гIакъилзабиги, гIуцIарухъабиги, дагьабниги гIаданиб нахги, каранлъ ракIги, эркенаб пикруги бугев щинав чи тIагIинавулеб мех. ТIад ретIине сахаб ретIел гуро, кваназе квен гуро, киналго киназдасаго хIинкъараб, бергьараз, тIалъи кодосез мискин халкъалда чIегIераб къо чIезабураб заман."Аллагь гьечIо!" (астагъфируллагь) ахIтIолел инкарчагIазул ва зулмучагIазул тIалъи. ГIажаибаб хIалтIи, жакъа киналъего эркенлъиги щвараб, динги биччараб, гIелмуги камилаб, бокьарас бокьараб гьабизе ресги кьураб заманалда къол щуго какги балев, Исламалъул рукнабиги тIуралев цо бусурманчи вахъула Сталин веццун кIалъазе ва гьев тIалаб гьавун къацандизе. Гьаб щиб хIикмат? Асие как гьукъиги, цIалаца вуххун захIматкъоял рикIкIун, магIу ххун хинкI кванан къоял тIамулеб заманги, къосараб уматги бокьунищ? Гуро. ГIаданиб нах бугев чиясе гьеб бокьизе рес гьечIо.

Щайха ас Сталин тIалаб гьавулев? Гьес Сталин тIалаб гьавулев вуго жиндиего гурев, жиндир мадугьаласе, жиндаса бечедасе, лебаласе, жиндир жахIда ккарасе. МацIал гьаризе, туснахъалъув реххизе, Сибиралда витIизе. Гьезул мацIаз гьаруна репрессиял, гIуцIана сияхIал, чIвана, хвезаруна, Сибиралъул бецIал магIданахъ квачалъгун рагьлица туризавуна чанги лебалав бахIарчи. Гьединаб пикру бачIана чанго къоялъ цебе Россиялда цохIого эркенабин рикIкIунеб информациялъул алат "Эхо Москвы" радиостанциялъ тIобитIараб цIех-рехалда, 40 проценталъ Сталин ритIухъ гьавурабго.

Гьебги бищунго либералияблъун рикIкIунеб халкъалда гьоркьоса гьаркьал. Гьебги улкаялъул нухмалъуда КГБялдаса вачIарав, цевехун живгоги коммунист вукIарав В.Путин вукIаго. Цониги либералги гьес гьабураб хаосги бугони бичIчIилаан гьеб тIалаб. Жакъа кин гьеб бижараб? Суалал... суалал. РакIалде ккола социалияб ращаголъи гьечIолъиялъул гIаламат батилин.

Жакъа пачалихъалъул информациялъул алатаз кигIан пропаганда гьабуниги кинабго хIакъикъат халкъалдаса бахчизе рес гьечIо лъилниги. Масала, Дагъистаналда моцIие 15 азарго гъурущ щолев мугIалимасухъеги, 8 азарго щолев пенсионерасухъеги социалиял гьиназдаса реххун бачIани Миллерилгун Сечинил къойил харж чамалиго миллион бугин, гьес гьебго лахIзаталъ тIалаб гьавизе вуго Сталин. Гьениб гIажаибаб жоги гьечIо.

Амма гьебго халкъалъул 80 ялде гIагарараб проценталъ рахъ кколеб буго гьевго Миллер ва Сечин хъулухъалда тарав В.Путинил. Живго Путиница абуни 5 абилеб марталда Сталинил хабада тIугьдул лъуна. Гьеб гIадамазе бокьана. Путин нилъго вугин, гьадав цо Сечин ва Миллер абурал чагIазе гIадлу гьабизе СталингIаги вукIараваниян угьунги биччалаго. Сталин хIажат ватана Сечиниеги, сон джипги босун кIичIардулев мадугьаласеги, жиндие гуро. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG