МагъчIваялъе рес

Россиялде Сталинил «мацI» гуребги заманги тIадбуссине рес буго


Прагаялда DOX Централда лъун букIараб Владимир Путиниде бахъараб карикатураялъул баннер, 13Июн2014
Прагаялда DOX Централда лъун букIараб Владимир Путиниде бахъараб карикатураялъул баннер, 13Июн2014

Россиялде сталинизмал ай Сталинил заманаялъул лексикон тIадбуссунеб бугин рикIкIунеб буго журналист ва блогер Филипп Кацица. Гьелъул бицунеб жиндирго макъалаялда гьес кьолел буго улкаялъул доб заманаялъул ва гьанжесеб заманаялъул нухмалъиялъул лъазабиязул ва каламазул жинцаго гьабураб цIех-рехалъул хIасил ва гьесда гьениб батун буго гIемераб цоцазда релъараб бакIал. Сталинизмал тIадруссиналъ жибго сталинизм тIадбуссиналъул хIинкъи букIинеги рес бугин рикIкIунеб буро Россиялъул блогераз ва гьеб ахIвал-хIалалда хадуб хал кколез.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул мацI тIадбуссунеб буго цебесеб советияб къагIидаялде.

ГIурус мацI бигьаяб мацI гуро гьелда заманалги анлъго падежги букIиналъ гуреб. ГIурус мацI бицунел къагIидабаз бихьизабула кIалъалесул яги хъвадарухъанасул рекIел хIал, политикияб ситуация яги рихьизарула бицен гьабулеб заманаялъул. ахIвал-хIалалъул кьерал. ГIурус мацI бицунеб къагIидаялда кIола махIцин загьир гьабизе. Гьедин хъвалеб буго журналист ва блогер Филипп Кацица.

Гьедин Россиялъ дипломатиялъул мацI халтIизабулеб бугонигицин, жидеего бокьараб абизе гьез тIаса рищула батIи-батIиял кьерал рихьизарулел мацIалъул къагIидаби, Россиялда мацIалъ абулелдаса цIикIкIун бихьизабула. Гьеб гьедин буго 1917 соналдаса нахъе.

Большевиказ революция гьабун хадуб тIоцебесеб лъагIалида жаниб Владимир Лениница хисизабуна алфавит, грамматика, синтаксис ва гьебго заманаялда улка буссана къо-моцI малъиялъул григорианияб къагIидаялде.

Улкаялда раккана гIемерал цIиял рагIаби ва хисана кIалъалеб къагIидаго. Гьеб кинабго гьабун букIана жидеца бицунеб бугеб КIудияб Гьереси халкъалда бичIчIиларедухъ, абулелъулъ балъгояб магIна лъеялъе. Гьелдаса кIудияб пайда босана хадуб Сталиницаги.

Сталин кIалъалеб къагIида кIвар кьечIого тезе кинго рес букIинчIо. ГIурус мацI рахьдал мацI гьечIониги гьесдаги гьелъул къуват лъалеб букIана.

Гьев кIалъалеб куцалъул букIана ункъго аслияб къагIида.

Жиндиего суал кьей

Сталиница хъвараб «Марксизм ва мацI лъазабиялъул суалал» абулеб хIалтIуда буго гьелъие лъикIаб мисал: «Бижулеб буго суал, щибха хисараб гIурус мацIалда Октябралъул инкъилабалда хадуб? МацI лъалаго бечелъана, гьелде гъорлъе журана цIиял рагIаби ва идиомаби».

Амма гьеб «суал бижана» гIицIго Сталиница гьеб борхиялъ.

Метонимия

Сталинил заманаялда байбихьана цо хасаб бакIалъе яги алаталъе гIатIидаб цIар кьеялъул къагIида ва хадубги гьелдаса гIатIидго пайда босана. Гьезул цо-цоял хутIун руго советиял архивазда. Масала I976 соналъул гьадинаб лъазаби: «Магърибалъул къуватазда кIолеб буго къецбан ярагъ гьаби чIезабиялъул суал щиб гьабунги захIмалъизабизе».

«Магърибалъул къуватал» абураб жоялъул магIна ккола америкаялъул рагъулабгун-индустриалияб комплекс абураб. Амма «къуваталин» абун гьелъие кьун буго глобалияб магIна.

Провокативиял комментариял

Гьелъул классикияб мисал буго 1977 соналъул Советияб коммюникеялда:

«Китаялда (нилъеда бихьулеб буго) гIатIилъулеб буго антисоветияб кампания. Гьелъул рахъ кколеб буго пропагандаялъул батIи-батIиял идарабаз ва кинабго даражаялъул хъулухъчагIаз. Китаялъул прессаялъ ва цоги информалатаз щибаб къойил чороклъи тIолеб буго СССРалде тIаде. Цебего дунялалъул халкъазда цебе сурараб империалистияб пропагандаялдаса гьелъул кIудияб батIалъи гьечIо».

Гьанже мисалалъе бачунеб буго Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъчи Александр Лукашевичица Америкаялъул Пачалихъияб департаменталъ 2015 соналда дунялалда инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхун гьабураб ва Россиялда гьеб рахъалъ бугеб ахIвал-хIал какараб докладалъе кьураб къимат:

«Америкаялъул пачалихъияб департаменталъ 25 июналда къватIибе кьураб дунялалда инсанасул ихтиярал цIуниялда хурхун доклад загIиблъизабун буго цебегогIадин политикияб хасият бугел тIасанкIалъаяз ва идеологиял штампаз. Америкаялъул гIадатиял малъа-хъваял тун батIияб щибниги гьениб гьечIо. Гьеб гIуцIун буго жалго мунагь гьечIеллъун рихьизариялъе хIалтIизабулеб гьересияб логикаялда тIад».

Гьеб кIиябго нухалда Москваялъул жаваб къваригIун букIанищ?

ТакъсирчагIазул мацI

Россиялда гражданияб рагъалъ гIатIидго тIибитIизабуна такъсирчагIазул мацI. Кьвари бихьизабичIони гурхIелгьечIолъи бихьизабизе гьеб Сталиницаги хIалтIизабулеб букIана.

1930 соналда Сталинил заманалъулаб такъсирчагIазулаб жаргон бихьизабун букIана Илья Ильфица ва Евгений Петровас «Меседил бече» абулеб асаралда. Гьелъул аслияв герой махщел токIав авантюрист Остап Бендерица хIаракат бахъулеб буго цIияб экономикаялъул политикаялъул шартIазда бечелъизе.

Гьениб бицен гьабулеб буго журналистазул къукъагун Бендер поездалдаги рекIун инаго ккаралъул. Революционияб репортаж хъваялъул цIиял рихьизариязда рекъон, гьел журналистазул мацI букIуна цIакъ мукъсанаб. Бендерица ургъула доб заманаялда гьарзаяб I00 клише хъвараб рагIибусс. Гьеб лъикIго дандекколеб букIана партиялъ журналистикаялъе рихьизарурал стандартазде. Бендерица лъикIаб даран гьабула журналистазе гьел рагIибуссалги ричун.

***

Жакъа президент Владимир Путиница цIигьабун буго кIалъаялъул рахъалъ Сталинил ункъго аслияб къагIида. Гьес дипломатазда ва тIадегIанал хъулухъчагIазда лъазабунги буго жидер советиял «умумуз» хIалтIизарухъе гьелги хIалтIизаризе.

Авторас хал гьабун буго 2011 соналъул сентябралдаса байбихьун 20I5 соналъул июналде щвезегIан Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ гьарурал лъазабиязул. Хасаб программаялъул кумекалдалъун анализ гьабун буго 22 азаргогIан документалда букIараб 2,5 млн. гIанасеб рагIул.

Жиндиего суал кьей

Жиндиего суал кьеялъул къагIида Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ хIалтIизецин гьабулеб букIанин абизе бегьулеб буго 2012 соналъул хасалихълъиялде щвезегIан. Гьебги абулеб букIун буго «Россиялъул цо-цо партнераз...» абун. Жиндиего суалал кьеялъул къагIида загьирлъизе байбихьун буго Путиница Магърибалдехун позиция кьваризабураб 2013 соналдаса байбихьун. Гьеб бищунго гIемерлъун буго 2014 соналда. Аслияб куцалда автор вихьизавулареб министерлъиялъ прессаялъе гьарулел лъазабиязда гьеб загьирлъун буго 200 гIан нухалда.

Каламазулъ жиндиего суал лъезе бокьулеб буго къватIисел ишазул министр Сергей Лавровасеги. 189 лъазабиялда «бижулеб буго суал» яги гьебго магIнаялъул батIи-батIиял къагIидаби гьес хIалтIизарун руго 66 нухалда.

Метонимия

ТIадбуссун буго метонимияги. Лавровас 20I3 соналда Пачалихъияб Думаялде гьабураб хитIабалда хIалтIизабулеб буго: «Оппортунистиял мурадалги цIунун цо-цо пачалихъаз...»,-абураб къагIида.

Украиналда кризис байбихьаралдаса абулел «магърибалъул партнерал», «къуваталъул гегемон», «дунялалъул полициялъун жалго жидедаго рихьулел цо-цо улкаби» абулел гьел киналго рагIабазул магIна буго Америкаялъул «ХъахIаб рукъ» яги Цолъарал Штатал абураб.

ТакъсирчагIазул мацI

ТакъсирчагIазул мацI хIалтIизабиялъул рахъалъ живго Путин лъидасаго нахъе ккун гьечIо. Россиялъ террористазде данде рагъбазе бугин абизелъун гьес абун букIана хIажатханаялъурги чIвазе ругин. ТакъсирчагIазул жаргонлъун кколеб «мочить» абулеб рагIиги хIалтIизабун. Гьединго гьесул каламазул фаворитлъун рехсола: «Жинсиял гIаламатал рукIаралани дир кIудаэбел кIудаэменлъун вукIинаан»,-ян гьес дунялалъул цоги улкаазул лидерал ругеб бакIалда гьес абулеб.

Дипломатаз хIалтIизабуларо такъсирчагIазул жаргон, амма Путинил Россиялда иш батIайиса буго.

2012 соналъул 29 июналда Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъул брифингалда абун букIана «американиязе бокьула жидер рахъ кколел гъоркье цIазе, гьезул мурадазе кIвар кьезегIан»,-ян. Гьениб бицунелъул магIна лъаларев ва гIурус мацIалъул хаслъаби лъаларев чиясда гьениб щибго квешаб жо бихьуларо, амма гьениб хIалтIизабун букIана такъсирчагIазул дунялалда хIалтIизабулеб ва чиясе жинсияб хIал гьаби абураб магIнаялда хIалтIизабулеб «опустить» абураб рагIи.

Проактивиял комментариял

1991 соналда советияб нухдаса инкар гьабураб Россиялъ хисизабун букIана дипломатияб мацIги. КъватIисеб дунялгун дипломатал кIалъалел рукIана нейтралияб мацIалда. Амма гьеб хисизе байбихьана 2007 соналда.

Гьеб соналъ Мюнхеналда хIинкъигьечIолъи цIуниялда хунхун букIараб конференциялда Путица абуна СССР биххи 20-абилеб гIасруялъул бищунго кIудияб геополитикияб катастрофа букIанин. Гьелде тIадеги Путиница Магърибалда гьабуна Россия гIодобегIан гьабизе хIаракат бахъиялъул гIайиб ва абуна «жиделъ къижараб жанавар борчIизабугейин».

Гьеб заманаялда жив хIалтIулев вукIанин Россиялъул информалатазда ва жинда бихьулаго хIукуматалъул газетабаз босизе байбихьанин зомбиязул лексикайин хъвалеб буго гьаб макъалаялъул автор Филипп Кацица.

Гьебго заманаялда Россиялда цIикIкIунеб буго нацистазул атмосфера, цоги миллаталъул чагIаздехун рокьукълъи. ЦIикIкIунеб буго Россиялдаса нахъе унел жугьутIазул къадар. Гьединазул цояв ккола мугIалим ва гIалимчи Илья Франк. Гьес Эркенлъи Радиоялъул гIурус хъулухъалъе абулеб буго жиндир анлъго сон барай яс «нацистазул пропагандаялъул» цIураб школалде хьвадизе бокьун гьечIин жиндиейин.

Илья Франк: «Дир йиго гьитIинай яс, исана гьей школалде ине ккола. Дир ракI гъанцIула Россиялъул школалде ине ккезе гурин гьейин абураб пикруялъго. Дие бокьун гьечIо гьениб букIине бугеб пропаганда гьелда рагIизе. Дагьалъ церегIан дие щвана Израилалда гIумру гьабизе изну кьолел документал».

Россиялда машгьурав гIалимчи лингвист Франкица улка тезе хIукму гьабун буго улкаялда нацистазул атмосфера букIиналъ.

Илья Франк: «Ниж нахъе гочине руго исана хасало тIубараб хъизанго Россиялда бугеб нацистазул атмосфераялъукьа лъутун. Дица хIалтIи рокъобго гьабула ва къватIиве дун гIемер вахъунаро, амма вахъарабго дие гьеб загьирлъула».

Россиялъул хIукуматалъул баяназда рекъон, 20I4 соналъул тIоцебесеб ичIго моцIалда жаниб улка тун буго 203 659 азаргогIан чияс. Гьелда цебесеб соналъул гьебго заманаялда жаниб улка таразул къадар абуни букIун буго I20 756 азаргогIан чи. Гьезулги цIикIкIунисел гочун руго Израилалде.

Http://www.rferl.org/content/jews-are-fleeing-/27I07988.html

Иммиграциялда хурхун Израилалъул агентлъиялъул баяназда рекъон, Россиялдаса гьенире гочунезул къадар исана соналъул тIоцебесеб кварталалда 40% цIикIкIун буго.

Гьанжесев иммигрантги вуго цересезде дандеккун гIолохъанав ва лъикIаб лъай щварав.

ТIадехун бицен гьабурав Фрэнкица хъван руго культураялда ва мацIал лъазариялда сверун жиндирго цогиязда релъинчIеб къагIида бахъарав чи.

http://english.franklang.ru/index.php?option=com_content&view=article&id=I&Itemid=II

Гьес гьедин батIияб дунял рагьун букIана аза-азар гIурусазе. Гьанже гьев ургъулев вуго гьеб методиякаялда батIияб улкаялда щибдай гьабизе бугьаладайин абураб суалалда тIад.

Июналда гIурусазул политолог Владислав Иноземцевас хъвалеб букIана Владимир Путиница нухмалъи гьабулеб бугеб Россия къо бахъанагIан Бенито Муссолиница нухмалъи гьабулеб заманаялъул фашистазулаб Италиялда релъунеб бугин.

http://nv.ua/opinion/Inozemtsev/obyknovennyy-fashizm-pravda-o-vladimire-putine-58980.html

Амма Фрэнк гьеб пикруялда тIад тIубанго рекъолев гьечIо.

Илья Франк: «Батизе рес буго гьеб фашистазул Италиялдла релъон, гьенибги бецIцIизе ккараб жо гьечIелъул. Амма руго гьелъул фашистазул Алманиялда релъарал бакIалги, батIалъабиги рукIинарищха. Релъараб бакIал буго улкаялъул бутIруз ва диниял церехъабаз гьарулел калъаял фашистазул Алманиялдаса Гебельсил къагIидаби хIалтIизариялъ. РакIалде кколеб буго цо-цо мехалда гьесул каламазул тIубарал кескал росулел ругин гьезин. Дида кколеб буго гьел киналго цо гIаммаб бакIалда куцалел ругин гьелъиейин. Гьезул каламал гIуцIулел чагIаз хIадурал рецептал росулел ругин кколеб буго».

Илья Фрэнк вуго немец мацIалъул мугIалим. Гьес бицухъе гьес гIемер цIалун руго немец мацIалда тIахьал, гьездаго гьоркьор I930 соназда хъваралги.

Илья Франк: «Дун вуго немец мацIалъул мугIалимасул лъай щварав чи. Дица гIемер цIалана немец мацIалда хъварал тIахьалги рихьана документалиял фильмалги. Оригиналалда Гебельсихъги гIенеккана. Узухъда, дида рихьула цIакъ гIемерал релъарал бакIал ва гьелъ рекIее квешаб асар гьабулеб буго».

Фрэнкил пикруялда Россиялъул халкъалъул 90 процент унтун буго жалго жидедасаго чIухIиялъул ва цогиздехун рокьукълъи бекьиялъул вирусалъ. Гьеб халлъулеб буго YouTube сайталдаги цогияздаги, макъалаязда гъоркь хъвалел комментарияздаги. Гьединго гьеб бихьулеб буго тIахьал ричулел тукабазда ричизе лъурал тIахьазул цIаразулъгицин: «Донецкалъул рагъухъабазул мемуарал», «Америкаялъул квешлъиялъул хIакъалъулъ», «Майданалдаса хадуб Украиналда ккарал рокьукъал ишазул хIакъалъулъ» ва гь.ц.

Илья Франк: «Дида ккола гьеб бугин Сталин эпоха байбихьулаго рукIарал гIадамазе щвараб тарбияйин. Гьезие захIмалъулеб букIана мацIалъулъги улкаялда кколеб бугелъулъги загьирлъулеб гIантлъи бихьизе. Хадуб гьез гьелъул хIакъалъулъ хъванги букIана».

ГIуртIаколо бугеб кьодасан Авар гIурулъе кIанцIи ругьунаб иш буго гIолохъабазе Цо-цоял жеги борхалъудасаги кIанцIулел руго. Файл бачIана Алисаца

XS
SM
MD
LG