МагъчIваялъе рес

Россиялда националистал


Москва. Бирюлевоялда гlадлу биххиязул заманаялда, Октябрь 13, 2013.
Москва. Бирюлевоялда гlадлу биххиязул заманаялда, Октябрь 13, 2013.

Исана сон байбихьаралдаса ксенофобиялъул ва миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда чIван вуго анкьго ва лъукъун вуго 29 чи. Гьедин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун «Сова» централда. Цо-цо баяназда рекъон, Россиялъ Крымалъе аннексия гьабуралдаса улкаялъул информалатазда кавказофобиялъул яги исламофобиялъул магIна бугел баянал дагьлъун руго ва киназулго кIвар Крымгун Украиналде ва магърибалъ Россиялде данде гьаризе рес бугел санкциязде буссун буго. Амма «Соваялъ» къватIире кьолел баяназ бихьизабулеб буго Россиялда национализмалъул проблема кIочон гьечIолъи.

Исана соналъул лъабго моцIалда жаниб ксенофобиялъул ва миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда анкьго чи чIван руго Россиялъул батIи-батIиял регионазда: Москвагун Петербург шагьараздаги, Москваялъул, Владимиралъул, Иркусткалъул, Сахалиналъул ва Пермалъул ракьазда, гьединго Карелиялда ва Татарстаналда.

Ульранационалистазул жигар март моцIалда лъалаго цIикIкIанин абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.
Араб соналда ксенофобиялъул кьучIалда чIван вукIун вуго 20 ва 170ялдаса цIикIкIун чи лъукъун вукIун вуго. Аслияб къагIидаялда гьел тIадекIанцIиял Москвагун Петербургалда гьарунги рукIанин лъазабулеб буго «Соваялъ».

«Националистал кидаго рукIана ва рукIине руго»,- гьедин рикIкIунеб буго «Соваялъул» хIалтIухъан Александр Верховскияс. Гьес 12 соналъ хал ккун буго националистазул багъа-башариязда цо гIелалъ цоги гIел хисулеб куцалъул. Жакъа гIолохъанал националистазул цIикIкIунисел гьединал гIуцIабазул лидералъун рикIкIунел я Беловасухъе яги Крыловасухъе ине гьечIин, политика пайда гьечIеб жолъун рикIкIунин гьезин абулеб буго Верховскияс.

Амма террорги гьезул гIемерго лъугьунеб гьечIин рикIкIунеб буго гьес. Мигранатал рухулел ругин руханагIан гьел Россиялде рачIунелги ругин. Гьанже гьез тактика хисизабе байбихьун бугин абулеб буго Верховскияс. Цебе, масала, таджик чIван туснахъалъуре ккезе рес букIун батани, гьанже гьез гьарулел ругин рейдал, маршал ай гьедин бихьизабулеб бугин жидерго къуват ва гьелъухъ щивго жанивги тIамуларин.

Амма тактика гIел хисани иргадулаб нухалда хисизе рес бугин абулеб буго Верховскияс. Балугълъиялде вахинчIеб ригьалда националистазул къукъаялде ккарав чи гьенив къанагIатги хутIуларин 20-22 сон бан хадув: гьезул гIемерисезе кудиял гIун хадуб гIемерго кIвар букIунарин «Россияги гIурус миллатги» хвасар гьабиялъул ва гьел хисун цоги балугълъиялде рахинчIел лъимал рачIунин бицана гьес.

«Сноб» абулеб интернет-порталалъ кIалъа-ралъаял гьаруна радикалиял къукъабаздаса лъималгун. Гьез бицун буго жидер идараби гIуцIун ругеб куцалъулги, щиб гьез гьабулебалиги, жидеца гьабулелдехун жидер эбел-инсул бугеб бербалагьиялъулги.

Цо-цо мехалда данде ккара-ккарал рухула

«Армеец», 15 сон, Москва:

«Щуго сон цебе гьудулзабаз дие бицана национализм абураб багъа-башари бугин. Валагьана интернеталда, цIалана гьениб батараб ва дие гьеб рек1ее гIуна. Кавказ миллаталъул чагIи хIехьезе кIоларелъул дида. Гьедин байбихьанаха. 40-50 чи вакIарун ниж рукIунаан нижерго авалалда свердулел, кколаан нухда рата-ратарал таджикал. Батаразухъа гIарац бахъулаан, цоял рухулаан цогиял кьищни-къул балел къалазде жанире рехулаан.

Ахираб заманаялда ниж ракIарула аскIоб бугеб дармил централда. Гьениб нижер 30-гIан чи вукIуна. Гьекъараб жо цIикIкIарас ахIула цинги: «Рилъа, хачал кквезе!»-ян. Цо-цо мехалда, гьадинго инаго, данде ккара-ккарал рухула.
ЛъикI ретIа-къарав гIурус мацIги берцинго бицунев чи ватани, ниж гьесда хъваларо. Кавказалъулалги киналго гурелъул квешал ругел. Гьебги кIочене бегьуларо. Амма цо квас-расул цIурав, «Дагъистан» хъвараб тIагъурги лъун яги «Кавказ-сила»-ян хъвараб гурдеги ретIун, гьелде тIадеги лезгинка кьурдулев чи вихьани, бадиса канлъи унаха.

Цояс абун букIана дида: «Гьев чи дур бищунго квешав тушман вугин цебе чIезабе ва кьабе гьев тIокIав вахъинаредухъ»,-ян. Узухъда, гьезда цо-цо мехалда ракIги гурхIула, хадуб ракIалде ккола: «Гьа, тIагIинаре цереса»,-ян ва нахъеги мал бала.

Гурони бегьуларо. Гьелгун кIалъан жо кколаро. «Мун щив, гьале гьабсагIат ахIула дица имгIал АхIмад, гьес мун гьаб бакIалда чIвала»,-ян журала. Гьединазде данде зар гурони бегьуларо.

Нижер авалалда гьанже гьезул квал-квал гьечIо. «ЧIегIеразул» цонигияс бер борхуларо. Ахикь тира-сверулел лъималазде ахIула гьез: «Щай бадиве гьаккарав, гьабсагIат цаби гъенезарила»,-ян.

Дун гьитIинаб мехалда дие гьезул квал-квал букIинчIо, амма ахираб заманаялда гьезда гIурхъаби кIочон руго. Гьел кквезеги ккун нахъе ритIизе ккола.
Нижер школалдаги гIемерисел лъимал руго националисталги расисталги. Гьеб киналъулго гIайиб хIукуматалда бугин рикIкIуна дица. Мигрантал руго учузго хIалтIулеб къуват, гьел гьанире рачIунел-рачIунелги рукIуна. Гьанирги киналго хъулухъчагIи руго коррупционерал. Гьезги щибго гьабичIого щвараб жидедего гъоркье хъвалеб букIуна.

Узухъда, нижеда кIвезе букIана мигрантазул бакIалда гьел хъулухъчагIи рухизе. Гьеб захIматаб иш гуро, амма хадусан гьес дуда канлъи бихьизе тезе гьечIо. Щивали лъаларев чванта-кIодо вухунинги абун дирго гIумру хвезабизеги бокьилищха?

Нижер бищун кIудиясе буго 19 сон. Щиб нижеда гьабизе кIолеб улкаялда ахIвал-хIал рукIалиде бачине ккани? Нижеда кIола рекерахъдизе ва мигрантал хIинкъизаризе.

Эбел-инсуеги аслияб жо буго дун полициялъухъе щунгутIи. Гьелъ дун гьезукьа кидаго лъутула. Нижер гьаниб полиция кIвахIалаб буго, гьединлъидал гьезукьа лъути-кIудияб иш гуро. Гьезие кIвар гьечIо лъил гьумер дица буханиги».

Слава, 17 сон, Егорьевск:

«Кваранисел пикраби дир гьитIинаб кьоялдаса нахъе руго. Дун вукIана футболалъул фанатлъун. 15 сон дица абараб мехалда арматураялъ вухун хвезавун вукIана «Зениталъул» цо фанат. Гьелдаса нахъе дир пикру тIубанго хисанин абизе бегьула. Дица кIкIвана бетIер, байбихьана данде кколеб рок-бакъаналъухъ гIенеккизе ва свастикаби рахъизе. «Монархия цIунияле гIоло» абулеб багъа-башариялде лъугьун вукIана дун, гъоркьиса «ГIурусазул маршалда» дида ратана «Егорьевскаялдаса гIурусал» абулеб багъа-башариялдаса лъимал. Хадуб дун лъугьана гьезул къукъабалъе.

Абизе ккола аслияб къагIидаялда миллияб багъа-башариязда футболалъул фанатал ругин. Гьениб гьезул къадар 90% проценталдецин бахуна. Гьанже гьеб кинабго модаялда буго, «чуркабазда» хадур лъугьине бегьула-адреналин щола.
Нижерал тIаде балагьун ратIа рахъизе лъала: кIкIварал бутIрулги, спорталъул тIажалги, хъахIал хьиталги, гьелги хасал маркабазул (Airmax, Fred Perry, Lonsdale, Stone Island…)

ГIурусал гурезда гьоркьор дир гьудулзаби гьечIо. «ЧIегIераздаса» рикIкIад чIезе къасд гьабула дица: гIадамазда щиб ракIалде ккелеб-националистин дидагоги абун кавказалъулазда аскIов вугинищ».

Яна, 17 лет, Москва:

«Русские пробежки» ай «ГIурусазул рекери» абулеб багъа-башари букIин дида лъана 2011 соналда, гьел ракIкIун бащдаб лъагIалидасан. ГIемерав чи векерулев вукIана Москваялдаса Санкт-Петербургалде. Дун хIикмалъизаюна гьелъ ва диеги бокьана гьелъул бутIалъун йикIине. Доб заманаялда дун йикIана гьекъолдулеб, хъалиян бухIулеб квешаб къукъаялда гьоркьой, гьениса нахъе ине ва цIиял гьудулзаби ратизе бокьун букIана дие.

Нижер авалалда щибаб анкьица тIоритIулел рукIана гьел «рекериял». Гьениве лъабго чи гурони вачIинчIониги гIахьаллъулей йикIана дунги. Хадуб нижер къукъаялъул лидерлъун тана дун.

Гьеб тадбиралда «ГIурусазул рекери» абула ниж Россиялда рукIиналъ ва гIурус халкъалда гьоркьор рукIиналъ. Нижее къваригIун буго гIурус культура цIигьабизе, гIолилал цолъизаризе. Дида кIудияб ургъел буго жакъа гIолилал я черх лъадариялъул ялъуни моралияб рахъалъ цебе тIолеб гьечIолъиялъ. Нижер къукъаялда бокьарал рукIине бегьула. Ниж политикаялда гъорлъ гьечIо. Бокьула гьенир рихьизе гIаракъи гьекъоларел, хъалиян бухIуларел сахал гIурус гIадамал. Нижер багъа-башариялда хъубаб мацIги бицунаро.

Узухъда, нижгун рекеризе бегьула бокьараб миллаталъул гIадамал. Щивго нахъе гъоларо нижеца. Нижеда гьоркьор арменалги руго.

Национализм абураб жо дида бичIчIула сахаб гIумру гьабиялъулъ ва культура цIуниялъулъ. Нижер багъа-башариялъе лъицаниги гIарацги кьоларо. Нагагь байрахъал росиязе яги цоги сундуе букIаниги гьеб хIажалъани, нухмалъулез жидерабго кьола. ГIадатиял гIахьалчагIахъа гIарац босуларо».

Эбел-инсул хьуб буго жидер лъимадуе щибго квешаб жо ккеларин, хъанчги кодоб ккун какал ралел рукIуна

Павел, 18 сон:
«Официалияб куцалда дун гьечIо цониги миллияб багъа-башариялда. Гьелъиеги дир дирго гIиллаби руго. Дун гьенивги вукIун дидехун суалал ракIкIани, дир эбелги хIалхьиялда тезе гьечIо, гьей жуязайизе дие бокьун гьечIо.
Дица гьабулеб бугеб гIагараздаса бахчиялъул магIна бихьуларо дида. Кида-къадги гьезда гьеб лъала. Эбелалъ абула кивениги инчIого рокъов вукIайин. Гьезда кIвелищха дун кидаго рокъов кквезе. Гьезул хьул букIуна лъимадуе щибго квешаб жо ккеларин, хъанчги кодоб ккун какал ралел рукIуна.
Дун цIалулев школалда йиго ислам босарай яс. Дица гьикъана гьелда дуца дин щай хисарабин. Гьелъ абуна жиндие бусурманав вас вокьанин. Гьез кин гьабулеб: дун вокьулищ-босе ислам. ГIурусал гьез рачинегилъидал рачунарел. Ясалъул абуни гIумру хвезабула.

Дида цебе бугеб масъала буго лъикIаб лъай щвей. Армиялда хъулухъги гьабун дун цIализе вуго пачалихъалъе нухмалъи гьабизе малъулел цIалул идарабазда. Нижер багъа-башариязе цIаларал ва махщел бугел гIадамал къваригIун руго. Дие бокьун буго нижер официалияб регистрацияги бугеб националистияб партия букIине. Нухмалъиялдеги рорчIун гьенисан система хисизабизе ккола».

Исана сон байбихьаралдаса расистазул ва ультранационалистазул пропагандаялъухъ Россиялъул диванханабаз къотIун буго 24 хIукму. Гьезда рекъон, батIи-батIияб болжалги бихьизабун, жанив тIамун вуго 25 чи. Гьедин лъазабулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулеб «Сова» централъ.
XS
SM
MD
LG