МагъчIваялъе рес

Пайда босизе рес гьечlел бигьалъаби


ХIалтIизе изну босизе Федералияб миграционияб хъулухъалда цере читIиралда чIарал мигрантал, Москва, 25Окт2013
ХIалтIизе изну босизе Федералияб миграционияб хъулухъалда цере читIиралда чIарал мигрантал, Москва, 25Окт2013

Россиялъул Федерациялъул Щураялъ ратификация гьабуна хIалтIул гьоркьорлъабазда хурхун россиялъулгун-таджикистаналъул къотIи-къаялда хиса-басиял гьариялъул протоколалъе. Гьелда рекъон, кIиябго рахъалъул гIадамазе щолеб буго цоцазул улкабазда цебе гIадин цо гуреб лъабго соналъ хIалтIизе ихтияр босизе рес. Амма гьелдаса кIудияб рохел гьечIо Россиялда хIалтIулел Таджикистаналдаса мигрантазул.

Гьелда рекъон Россиялде хIалтIизе рачIунел таджикистаналъул гражданазе лъабго соналъ тIадруссинчIого хIалтIизе рес щолеб буго.
Цебесеб къотIиялда рекъон Таджикистаналдасан хIалтIизе Россиялде рачIарал гIадамазе лъагIелалъ гурони Россиялда рукIине рес кьун букIинчIо.
Гьелго ресал къотIиялда рекъон кьолел руго Таджикистаналде Россиялдасан хIалтIизе аразеги.

Федерациялъул шураялъул къватIисел ишазда тIасан комитеалъул нухмалъулев Михаил Маргеловас рикIкIунеб буго къотIиялде гьарурал хисабасияз рес кьезе бугин таджикистаналъул гражданазе Россиялда хIалтIизе лъикIал шартIал чIезариялъеги ян.

Амма таджикистаналъул диаспораялъ рикIкIунеб буго мигрантазе хIалтIизе чIезарурал шартIалали щай гурин лъикIлъулел, таджикистаналъул гражданазул ахIвал хIал Россиялда тIадеги хIалуцине бугин абун.
Россиялда ругел таджикистаналъул гражданазул цолъиялъул нухмалъулев Абдулло Давлатовас гьадин абун буго информациялъул алатазе:

Абдулло Давлатов: «КъотIиялде хисабасиял гьаризе ругин россиялъул тIадтараз лъазабураб тIоцебесеб къоялъго таджикистаналъул гражданазде ярагъгун тIадекIанцIиял гьарун руго цоялда хадур цоял.
Лъазе кIвечIез ганчIидгьабун буго таджикистаналдасан пачIунеб поезд.
Россиялдаса нахъе гъурал ва депортация гьабурал таджикистаналъул гражданазул къадар цIикIкIун буго.
Араб соналъул цохIо декабралда таджикистаналъул гражданазде гьабун буго 5 гIанасеб яргъилаб тIаде кIанцIи. Таджикистаналъул халкъалдехун агрессия цIикIкIанин абизе бегьула россиялъул информациялъул алатаз кьолелъухъ балагьунги,
нижехъе гIарзалъ рачIунел таджиказулги къадар цIикIкIиналдалъунги.
Гьеб битIахъе бараб буго кIиябго улкаялда гьоркьоб хъвараб къотIиялде хиса-басиял гьариялда».

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезги рикIкIунеб буго ахираб заманалда таджикистаналъул гражданазде тIадекIанцIиял цIикIкIун ругин россиялда миллатазде рокьукьлъи загьир гьабулезул рахъалдасан.
Мисалалъе Чита,Саратов Челябинск, Перьм, Москва гIадал шагьаразда гьаб сон бай бихьаралдаса нахъе 10 гIанасев таджикистаналъул гражданин чIван рехун ратун руго. ГIакъубакьеялъул гIаламаталги ратун руго жаназабазда.
Гьединал хIужжаби цере лъолел руго инсанасул ихтияразда тIасан «Сова» централъ.

Гьезухъ балагьун къватIисел улкабазул, хасго гьоркьохъеб азиялъул гражданаздехун Россиялда агрессия цIикIIун букIиналъул хIакъалъулъ абизе бегьулин лъазабулеб буго «Сова» централъ.
Цоги рахъалдеги кIвар буссинабулеб буго россиялъул коммерциялъул гуреб «Этмос» абулеб идараялъул нухмалъулев Каримджон Еровас.

Каримджон Еров: «Россиялда кканщинал такъсирал ишал мигрантазде рехизе хIаракат бахъулеб буго, ва щибниги гIайиб гьечIел хIалтIухъаби нахъе гъезе,депортациял гьаризе лъугьунел руго».

Щибго къваригIинчIогойищ таджикистаналъул гражданазе Россиялда хIалтIизе рачIиналъе бигьалъаби гьарулел ругел?
Россиялъул аскариял Таджикистаналда теялъул къотIи халатбахъинабулаго таджикистаналъул тIадтараз церелъун руго россиялъул рахъалда шартIал.
Россиялде хIалтIизе рачIунел таджикистаналъул гражданазе бигьалъиял гьареян абурал.

Гьелъ рачIине ккун руго россиялъул рахъ бигьалъиязде.
Амма жибго таджикистаналъул халкъалъ рикIкIунеб гьечIо россиялъул рахъалъ мигрантазе гьарурал бигьалъиял таджикистаналъул тIадтаразул бергьенлъилъун .
Мигрантазе гьел бигьалъияз хайир кьезе гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз.
«Инсанасул ихтияразда тIасан центр»-абулеб жамгIияб идараялъул хIалтIул миграциялда тIасан координатор Нодира Абдуллоевалъ информациялъул алатазе абуралда рекъон мигрантазул аслияб массаялда кIвезе гьечIо гьел бигьалъияздасан хайир босизе.

Щай гурелъул цин бугони гIемерисел хIалтIулел руго легалиял гуреб къагIидаялъ.
Цоги рахъалъан хIалтIизе легалияб къагIидаялъ рачIине бокьаразеги рес щолеб гьечIо гьеб гьабизе квотаби чIезарун рукIиналда бан.
Россиялъул миграциялдатIасан хъулухъалъ абулеб буго гьечIин хIалтIизе бакIин.
Амма гьебго идараялъул кIалтIа гьоркьохъабаз ричIулел руго квотаби кIиго багьаги тIаде абун.

Инсансул ихтиярал цIунулей Нодира Абдуллоевалъул рагIабазда рекъон таджикистаналъул тIадтараз жидерго гражданазул рахъги ккун кьварарал тIалабал лъолел гьечIо Россиялда цере.

Официалиял лъазабиязда рекъон россиялда хIалтIулел таджикистаналъул гражданазул къадар бахун буго 1300 000 гIанасев чиясде.
Официалиял гурел- дагьалги цIикIкIун ругин абулеб буго экспертаз.
XS
SM
MD
LG