МагъчIваялъе рес

Терроризмалдасаги кlудияб хlинкъи


Спартак Москва Ярославлалъул Шинникгун футбол хlалаго фанатаз борхараб нацистазул байрахъ, Ярославль, 30Окт2013
Спартак Москва Ярославлалъул Шинникгун футбол хlалаго фанатаз борхараб нацистазул байрахъ, Ярославль, 30Окт2013

Жакъа Россиялда халкъазда ва миллатазда гьоркьор конфликтал цIикIкIун ругин цо-цо жавабиял хIалтIахъабазул пуланал миллатаздехун гIемерго бичIчIулареб бербалагьи букIиналъин рикIкIунеб буго Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамазаница. Гьес рикIкIунеб буго улкаялъе терроризмалдасаги цIикIкIараб бугин национализмалдаса хIинкъийин. Руго гьесулгун гьеб пикру гIахьал гьабуларелги.

Къадиров Рамазаница гьедин абуна дагьаб цебегIан «Известия» газетаялъе кьураб интервьюялда. Нагагь кавказиясухъа такъсир ккун батани, гьеб лъачIого ургъичIого ккун батаницин гьелъул кIудияб ахIи-хIур багъаризабулин, гьеб ккараб бакIалде щалалиго «бабичал-мабичал» рортулин тIадеги жубан буго гьес. Чияс такъсир гьабун букIин чIезабуни гьев такъсирчи вугин ва гьесул миллаталъул къануналда цебе кинабгIаги кIвар букIине кколарин рикIкIунеб буго Къадировас.
Жакъа Россиялъе терроризмалдаса кIудияб хIинкъи национализмалъул бугин рикIкIунеб буго чачаназул нухмалъулес. Гьесул пикруялда, миллатчагIазул митингазде рахъунелщинал гIадамал жанир тIамизе ккола. Гьез чи чIвани туснахъалъул шартI бихьизабураб тамихI гьабулин гьезие, цогиязе абуни 20 сон кьолин - жинда гьеб бичIчIуларин ва гьеб мекъаб бугин абун буго «Известия» газетаялъе Къадировас.

Чачаназул нухмалъулесул рагIабазе жинца комментариял кьеларин, амма гьесда жинцаго щиб бицунеб бугебали лъалеб гьечIин абуна «Сова» абулеб информациониябгун-аналатикияб централъул хIалтIухъан Верховский Алексардрица Эркенлъи Радиоялъе.


Верховский Александр
Верховский Александр
Верховский Александр: «Дида ккола Къадыровасда жинцаго щиб бицунеб бугебали лъалеб гьечIин, гьелъие комментарий кьезеги дие бокьун гьечIо. Амма абила национализм гьеб батIи-батIияб жо бугин: рукIуна националистиял политикиял партиялги, рукIуна бецIаб бакIалда гIадамал чIвалел националисталги. Гьеб батIи-батIияб жо буго».

ЭР:Къадировас гьел рагIаби улка биххун иналъул хIинкъи гIадахъ босун абурал ратани...

Верховский Александр: «Лъаларо, Къадировасе гьелъул гьедигIан кIудияб кIвар щай бугебали, амма улка биххун иналъул жакъа биценго гьечIо. Батаниги гьеб проблема буго Шималияб Кавказалда, гьебги национализмалда бараб гьечIо.
Жиндир бищун хъачIал формабазда радикалияб национализмалъ улка биххиялде гуреб улкаялда хIинкъи цIикIкIинабиялде рачуна. ХIинкъи цIикIкIуна гьитIинал халкъазул вакилзабазе гуребги, киназего. Гьеб буго къойидаса-къойиде цIикIкIунеб бугеб проблема».

Къадировасул интервьюялде тIадруссани, гьес жеги абулеб буго, къанунада бихьизабун гьечIин кавказиясе гьабулеб тамихI сибиралда гIурасе гьабулелдаса кьварараб букIине кколин. Жинца киналго кавказалъулал цIунулел ва гьелъ лъикIал тIокIалин абулеб гьечIин, гьезда гьоркьор ругин мекълъаби гьарулелги. Гьединазул чанго чи Москваялдаса Чачаналде нахъеги вачун эбел-инсухъе тIадвуссинавунин жидецаян бицун буго Къадировас. Гьес абулеб буго цIализе арав чи цIализе кколин, хIалтIизе арав чи хIалтIизе кколин. Жидерго миллияб бечелъиги цIунун, цогидазул адабияталъул адабги гьабун, къануналги хвезаричIого рукIине кколин кавказиялин абун буго Къадировас.

Миллияб суал борхулев чи жакъа Россиялъе террористасдаса, гьезда хадув вилъарасдаса ва гьезул кьералъе гIадамал ахIулесдаса хIинкъи бугев вугин рикIкIунеб буго гьес. Гьединаз такъсир бокьараб заманаялда ва бокьараб бакIалда гьабизе рес бугин. Гьединазде данде ярагъ хIалтIизабизе изну букIине кколин полициясулин абулеб буго Къадировас.

Дёмушкин, Белов-ПоткингIадал чагIаз нухмалъи гьабулел миллатчилъиялъул гIуцIаби гьукъизе кколищан гьикъидал Къадировас абуна гьел гIолилал пуланал чагIаз цIунарал ва гьез малъарал гьабулел чагIи ругин. Миллатчилъиялъул гIуцIабазда сверун кинал рукIаниги кьварарал тадбирал байбихьани, гьел жиде-жидерго рукъзабахъе тIадги руссун парахатго рукIине ругин.

Чачаналъе рачIараб мехалдаги «Я русский» ай «Дун гIурусав вуго» абун хъварал гурдалги ретIун хьвадулел рукIанин гьел. Щибха гьезда гьабизе кколеб букIараб гьел гIурусал ратани? Гьанир жал чIвазе ругин гIагийищ гьезда ккун букIараб? Жиндихъе рачIараб мехалдацин гьез абулеб букIанин киса-кирего дуца хIадурарал гIадамал лъун рукIанин. ГIадатиял гIадамазда гьоркьор кинал гьоркьорлъаби рукIунелали гьезда лъаларебгIаги букIун батилин абуна гьес. Жиндир инсул хIакъалъулъ гьез абурал рагIабазда тIаса лъугьин гьареян жинца абураб мехалда гьез гьеб гьаранин ва жал мекъал рукIанин абунин, гьел гIантал чагIи гьечIоанин бицун буго Къадировас «Известия» газеталъе.

«Сова» абулеб информациониябгун-аналатикияб централъул баяназда рекъон, 2009 соналда миллияб рокьукълъиялъул кьучIалда гьарурал такъсиразул къадар 2100-ялде гIунтIун букIун батани, 2012 соналда гьеб къадар анцIго нухалда дагьлъун буго ва рещтIун буго 212-ялде. Амма 2013 соналда гьеб дагьабго цIикIкIине байбихьун буго. Ахирал соназда Россиялъул жамгIияталда жаниб миллатчилъиялъулал бербалагьиял лъалаго щулалъулел ругеб мехалда миллатчилъиялъул кьучIалда гьарурал такъсирал дагьлъиялъул гIилла щибан гьикъана нижеца «Сова» централъул хIалтIухъан Верховский Александрида.

Верховский Александр: «Гьел тарихал гьедин цоцазде дандекквей бигьаяб иш гуро. Масала социологаз жамгIияталда гуреб бербалагьиял лъазелъун гьарулел цIех-рехал гьеб цо жо буго, такъсиразул къадар цоги жо буго. Такъсирал жамгIияталъул кIудияб гъаталъ гурелъул цо пуланаб къукъаялъ гьарулел жаллъидал рукIунел. ЦIикIкIунисеб нухалда гьезул хIаракатчилъиги бараб букIуна полициялъул хIалтIул лъикIлъи-квешлъиялда. Рес буго такъсирал гьаризе цIикIкIун яги дагь хIинкъизе.

Социологазул, масала Левада централъ кьолел тарихазде балагьани, нилъеда бихьулеб буго цересел 2000-билел соназдаса байбихьун этникияб рокьукълъиялъул даража цIикIкIараб бугониги гьеб цо ккураб хIалалда букIин, амма 2013 соналда гьеб даража лъалаго цIикIкIана. Дица рикIкIуна гьеб бараб бугин нухмалъиялъул мигрантазде данде гьабулеб политикаялдайин.

Зулмуялъул бицани, гьеб бараб буго полициялъул хIалтIуда. 2008 соналде щвезегIан полициялъ гьелде кьолеб кIвар дагьаб букIана. Хадуб, полициялъул хIаракаталда, зулмуялъул къадар дагьлъун букIана, амма гьебго 2013 соналда гьеб цIидасан цIикIкIине байбихьана. Гьаб сагIат нижехъ гьечIо мухIканал тарихал, амма абизе кIола араб соналъ зулмуялъул къурбанал цебесеб 2012 соналде дандеккун гIемер рукIанин, ракI чIун абизе кIола гьезда гьоркьор чIварал гIадамазул къадар гIемерал рукIанин.

Зулму дагьлъиялъул тренд букIун батаниги, араб соналда гьеб гьоркьоб къотIана. Хадуб щиб букIине бугебали лъаларо. Цоги нухалда абила, жамгIияталъул бербалагьиязда бараб жо гьеб гурин, гьеб буго полициялъул хIалтIуда бараб жо. Гьанже гьез цIикIкIун кIвар кьезе байбихьун буго нацистазул пропагандаялъе. Гьезие гьедин бигьаяб буго».
XS
SM
MD
LG