МагъчIваялъе рес

Цо-цоязе жакъаги хlажат вуго Сталин


МахIачхъалаялда Нухазулгун автомобилазул Университеталъул къеда чIван бугеб Сталин сурат нахъе бахъиялъул мурад бугеб гIарза хъван буго гьал къоязда республикаялъул прокуратураялде адовокат Къадиев Расулица. Гьелдалъун Сталинил репрессиязул къурбаназул наслаби хIакъир гьарулел ругин рикIкIунеб буго адвокатас. Руго гьесулгун пикру данде кколарелги.

Адвокат Расул Къадиевас тIалаб гьабулеб буго МахIачхъалаялъул, нухазулгун-автомобилазул университеталъул къада чIван бугеб Сталинил сурат нахъе бахъеян. Сталинил репрессияллъун ккарал гIадамазул наслаби хIакъир гьаби кколин гьеб сурат гьениб байилан рикIкIунеб буго адвокатас. Гьеб нахъе бахъи тIалаб гьабун Дагъистаналъул прокуратраялде гIарзаги хъван буго гьес. Жиндирго гьеб пикру ритIухъ гьабизелъун гьес далилаллъун рачунел руго Конституциялъул ва федералияб къануналъул статьяби. Гьеб сурат университеталъул къеда бан букIиналъ хIакъир гьарурел ругин цохIо МахIачхъалаялъулал гурелги, гьединго Чачаналдаса ва цогидал регионаздаса рачIаралги гьалбалилан абулеб буго Къадиевас.
Гьесухъе жиндирго рази гьечIолъи гьабун кIалъан вачIун вуго бицен гьабулеб университеталда цIалулев студент.

Къадиев Расул: «Дида лъаларо гьев щив кколевали гьес жиндирго цIар бицинчIо, абуна жив рази гьечIин дица тIалаб гьабулеб бугеб хIукмуялда, Сталин сурат битIун бан бугин гьенибилан. Гьеб къанун хвезабилъун кколин дица абидал гьелъухъ гIинтIамичIо гьес, дица абулеб жо битIун гьечIолъи чIезабизе мугIалимзабигун студентал ракIарилан лъазабуна гьес дица, гьединаб цо магIна гьечIеб кIалъай кканаха нижер».

Гьеб сураталда сверун бахIс багъарун букIана араб соналдаги. Гьеб букIанин университеталъул ректорасул хIукму ва универстиетатъул хIалтIухъабазулги щибниги дандечIей букIинчIин гьелдеян бицун букIана до мехалъ «Эркенлъиялъе» гьенив хIалтIулев Мурад МухIамадовас.

Къадиев Расулица гьабулеб жо битIараб гьечIилан абуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул ЖамгIияб палатаялъул вакил Хадулаев Шамилица. Гьеб гуребги кватIичIого тIаде щолеб кIудияб бергьенлъиялъул байрамалда цебе гьединал хитIабалгун цевевахъин гьеб бугин гьасагIат нахъе ругел рагъул ветеранал хIакъир гьари гIадаб жо, щайгурелъул КIудияб ВатIанияб рагъда, гитлерил фашизамалда тIад Совет хIукуматалъ кинданиги бергьенлъи босизе букIинчIин Сталин хIукуматалъул нухмалъуда вукIинчIевани.

Хадулаев Шамиль: «Нилъер жакъа демокартиялъалаб жамгIиятги, рагIуе эркенлъиги кьун батани, щивасул ихтияр буго жидее загьир гьабизе бокьараб пикру къватIибе кьезе. Амма жакъа Сталиниде тIаде тIолеб бугебщинаб чороклъи тIейги, гьес гьаруралги гьаричIелги такъсиразул гьесде гьалгощинал сонал ун хадуб гIайиб гIунтIизаби битIун гьечIо, гIунтIизабулеб букIун гьеб цIехезе кколаан гьев чIаго вукIаго. Амма гьев хун хадуб байбихьана гьесул цIар хIакъир гьабизе Хрущевас. Амма хрущевги, Брежневги гьединго Ельцинги нилъее къадру бугел гIадамал гуро, къадру буго Сталинил, гьоркьоб кигIан заман аниги».

Нижеца гьединго бухьен гьабуна лъеберабилел соназ депортациялъул къурбанлъун ккарав Гумбет мухъалъул ТIасагьарадерихъ росулъа Будунов ГIалибулатилгун. Гьезул тIубараб росуго гочинабун букIана Чачанлъиялде. Амма вижараб ракь рехун тун къватиб гIмру гьабизе кканиги жакъа сталинидехун щибниги дагIба гьечIо ГIалибулатил. ГъалатIал камурал чагIи гьаб ракьалда рижичIин Сталин какаралги гъалатIал Гитлерил фашизм щущахъ биххизабиялъе гьес гьабураб бахIарчилъиялъ бахчулин, гьесул сурат цо гуреб цо чанго университеталъул къеда базе мустIахIикъаб бугилан абулеб буго Будунов ГIалибулатица.

Будунов ГIалибулат: «БитIараб бицани, кигIан гьел гьев какун гаргаданиги, бихьинаб гIамалалъул чи вукIана гьев, гьададин хIукуматги цIунарав чи вукIанилан живго тезе бегьулариш гьев».

ЭР: Гьесул сурат къеда базе бегьуларилан рикIкIуниш дуцаги?

Будунов ГIалибулат: «Бегьуларилан абуларо дица, бокьараб бакIалда чIвазе бегьиларищ гьадасул сурат, чIахIиял чагIаз бицунаришха «За Сталина» йиланги ахIун танкаялда гъоркь регизе унаанин рагъухъаби. Гьеб буго дир пикру. ГъалатIалги рукIун ратила гьесул, амма цохIо балагьи букIана гьесул цо бихьинчиясул багьаяб».

Гьебго пикру загьир гьабулеб буго интернеталда хъвай-хъвагIай тарал цогидал дагъистаниязги, Сталин вукIинчIевани сунде нилъ киналго кколелали лъаларин ва ВатIанияб рагъда щвараб бергьенлъиялъухъ гьесие баркала гурони кьезе бегьуларин.

Расул Къадивеас битIараб гIарзаялъе жеги жаваб гьабун гьечIо прокуратураялъ, гьелъул хал гьабизе жеги чанго къо базе бугилан абун буго адвокатасда. Жиндир пикру гьезги гIахьал гьабилин абураб хьул буго гьесул
XS
SM
MD
LG