МагъчIваялъе рес

Цо-цо дагъистаниязе даим чIагояв Сталин


Сталиница гьарурал кIалъаялги, кьурал интервьюялги, гъулбасарал документалги данде гьарураб тIехьалъул презентация.
Сталиница гьарурал кIалъаялги, кьурал интервьюялги, гъулбасарал документалги данде гьарураб тIехьалъул презентация.

Щай дагъистаниязе даим чIаго хутIулеб бугеб жинда хурхун цо ккураб пикру гьечIеб Сталинил фигура?

Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана 1941-1945 соназда букIараб рагъул хIакъалъулъ Сталиница гьарурал кIалъаялги, кьурал интервьюялги, гъулбасарал документалги данде гьарураб тIехьалъул презентация.

МахIачхъалаялда «Эпоха» басмаханаялъ 2000 экземпляралъул тиражгун къватIибе биччана гьеб кIиго моцIалъ цебе.

Гьеб тадбиралъул вакилзаби рази гьечIоан батIи-батIиял тIахьазда, фильмазда Сталин вихьизавулеб къагIидаялдаса. Гьезул пикруялда рекъон, Сталин сурукъго вихьизавизе къваригIун буго цо-цо чагIазе.

Масала, Сократ абурав коммунистас гьадин абуна гьениб.

Сократ: «Гьев вукIана берцинаб куцалъул чи. Америкаялъулалгицин мукIурлъана гьелъие. Советияб заманалда букIараб улкаялъул нухмалъиялдаса вакил Громыкоца хъвараб тIехьалда абулеб буго Сталинил хIакъалъулъ рагIи абизе мустахIикъал ругин гIицIго гьесда аскIор эхетун рукIарал гIадамал. КъватIиса пачалихъазул нухмалъулелгицин рукIунаанила гьесул кIалдире балагьун, гьес щиб абулебали бихьизе».

Сталиница улкаялде бачIинабураб балагь хIакъикъаталда инкъилаб ккун тIоцересел соназдаго байбихьанин, масала, 1918 соналъул 5 сентябралда Лениницаго гъулбасараб документ букIанин СССРалда концлагерал гIуцIизе гьабурабилан кIалъана гьеб данделъиялде рачIарал. Цинги гьез рагIи-рагIи ккун рехсана Сталиние къимат кьун Гитлерица, Черчиллица, Рузвельтица абуралин рикIкIунел рагIаби. Масала, Гитлерица абунила гIурус халкъалъул кIудияб талихIлъун кканин улкаялъул нухмалъиялда Сталин вукIин.

КIудияб улкаялъул бетIерлъуда ругел чагIазе, цо рахъалъ босани, цо ккураб къимат кьун бажаруларин абуна ЭР-ялъе тарихчи Зураб ХIажиевас. Чара гьечIого лъикIалги квешалги рахъал ратизе рес бугила гьединал чагIазулъ. Масала, Сталиница аслияб кIвар кьолаанила жиндирго тахбакIги улкаги цIуниялде, халкъалъул тIалабаздейин абуни бищун ахиралда гурони щолароанила ирга. Гьединлъидал улкаялда росарал киналгIаги бергьенлъаби рукIанила халкъалъ гIумруги кьун, гIетIги тIун росарал.

Сталинил бищун кIудияб тIокIлъи кколин гьесул заманалда СССР сверун ядерияб къолден борчинилан рикIкIунеб буго тарихчияс. ХутIарал жал ругила цIакъго щакал бергьенлъаби – масала, Гитлерилгун рагъулъ СССР бергьиналъе аслияб квербакъи Сталинил букIанин аби. Щайин абуни Сталин вукIинчIевани, жибго гьеб рагъги ккечIого букIине бегьулаанила.

Зураб ХIажиев: «Бакъбаккул рахъалъул Европа бикьизе гьес Гитлерилгун дандбан букIинчIебани, рагъ ккечIого букIинеги бегьулаан. Молотовасулгун Риббентропил пактги хъван Гитлерилгун гьудуллъиялда рукIана гурищ гьел, Гитлер цогидал улкабазде тIаде кIанцIиялда дандечIейги гьабичIого. Масала, 1939 соналда Гитлер Польшаялде кIанцIана, цинги нилъецаги Германиялъги Бресталда цадахъаб парадгицин тIобитIана. Гьелдасан байбихьана дунялалъул кIиабилеб рагъ. Гьеб мехалда нилъеца Гитлерил рахъ ккун букIинчIебани, доб рагъги СССРалдехун бачIинчIого букIине бегьулаан, Гитлерги дова Франциялдагун Англиялда, бакътIерхьул рахъалдехун вагъулев хутIилаан. Гьеб балъгояб жо гуро, амма цIакъго рагьунги бицунароха гьелъул хIакъалъулъ. Щайин абуни, цебе бахъун гьелъул бицине лъугьани, доб рагъда хурханщинаб цогидалъул къимат хвезе бегьулелъулин абун.

Гьединго ракIалде щвезаризе бегьула Сталинил заманалда туснахъ гьарунниги, гIакъуба кьун хвалде ккезарунниги гьоркьор инарурал гIадамазул аза-азар къисматал…

Дагъистаналъул тарихалда хурхун абуни, Сталинил заманалда цохIо имам Шамилил цIар бахъанигицин ГУЛАГалде ккеялда хIинкъи кIудияб букIана. Гьеб мехалда риччалел рукIана тIахьал Шамиль Туркиялъулгун Англиялъул жасус кколинги абун. Гьединал гIахьучIалги рицун, божизабулеб букIана халкъ».

БукIаниги, Дагъистаналда тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел руго Сталин ритIухъ гьавулел гIадамал, хасго гIолилал. Гьезда берцин бихьулеб буго улкаялъе нухмалъи гьабулаго Сталиница хIалтIизабулеб букIараб зулмуялъулаб къагIида. Гьелъулъ гьев Путинидаги релълъинавулев вуго гьез.

XS
SM
MD
LG