МагъчIваялъе рес

А. Бортников: "Гьеб теракт букIиналда ракI чIараб буго"


Москва мукIурлъана Мисралда авиалайнер А32I бортиялъе багьана теракт букIиналъе. ФСБялъ лъазабулеб буго, гьеб теракталде хурхен бугел чагIи кквезе кумек гьабураб информациялъухъ кьезе бугин 50 млн. долларин.

Россиялъул Федералияб хасаб хъулухъалъул нухмалъулев Александр Бортниковас президент Владимир Путингун дандчIвалеб мехалда лъазабуна, Россиялъул «Когалымавиа» компаниялъул лайнер Мисралъул Синай башдабчIинкIияллъиялда бортиялъул багьана кколин терактин.

Александр Бортников: «Нижер специалистазул информациялда рекъон, аэропланалда тIад кьвагьун буго тротилалъул эквивалент босун килограммалъул бакIлъиги къуватги бугеб бомба. Гьеб сабаблъун авиалайнер бихх-биххун ун буго гьаваялдаго. Гьеб бихьулебги буго аэропланалъул фюзеляжалъул бутIаби рортарал террориториялъул кIудияб гIатIилъиялдасаги».

Бортниковасул рагIабазда, гьеб теракт букIиналъул ракI чIун абизе бегьула.

Гьеб лъазабиялъе реакция хIисабалда Путиница абуна, гьеб кколин бищунго бидулал такъсиразул цоябин.

Владимир Путин: « Нилъеца магIу бацIине гьечIо бадисаги ракIалдасаги. Гьеб абадиялъго нилъелъ хутIизе буго. Амма гьелъ нилъее квал-квал гьабизе гьечIо такъсирчагIи ратизе ва гьезие тамихI гьабизе. Гьел цIарккун лъазаризе руго. Нилъеца гьел ралагьизе руго кисса-кирего. Нилъеца гьел ралагьизе руго планетаялъул бокьараб бакIалда ва гьезие тамихI гьабизе буго».

Гьанже баянлъараб ракIалдеги босун, Сириялда бугеб Россиялъул авиациялъул хIалтIи халат бахъинабини щиб, гьеб хIалтIи дагьалъги къувалъизабизе бугин, гьезда бецIизабичIого хутIулареб къагIидаялдайин, жубана Путиница.

Кколищ гьеб Россиялъ Сириялда ракьдатIасаб операция байбихьизе бегьулин? Талат къоялдаго тIобитIараб пресс-конференциялда президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабуна, бицен гьабулеб гьечIин гьединаб операциялъулин.

Дмитрий Песков: «Президент Путиница цо нухалъ гуреб лъазабун букIараб, Россиялъул гьениб гIицIго рагъулаб авиациялъул компонента букIине бугин ва ракьдатIасаб асаралъул бицен гьабулеб гьечIин. РакIалде щвезабила, Россиялъул рагъулалгун космикиял къуватаз жиндерго операция Сириялъул республикаялъул ракьдатIасаб рагъулаб операция тIобитIиялъе квербакъиялъе гьабулеб букIин».

Талат къоялда информалатаз тIибитIизабураб лъазабиязда рекъон, Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ ругел Россиялъул гумиздаса «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ жиндирго тахшагьарлъун лъазабураб Ракка шагьаралде биччан буго чанго ракета.

Жидерго цIиял лъазабиял президентас ва Бортниковас гьарун руго I6 ноябралъул маркIачIуда. Амма Кремлалъул пресс-хъулухъалъ гьеб хадусеб къоялъ гурони къватIиб чIвазабичIо.

Гьеб гуребги Путиница лъазабуна, гьеб ишалда жидер хьул бугин «гьудулзабазул кумекалдегийин». Гьес КъватIисел ишазул министерлъиялда тIад къана гьединаб гьари бугеб хитIаб киналго партнеразухъе битIиялъул.

Информалатазул лъазабиязда рекъон, Синаялъул гьаваялда ккараб катастрофаялъул жавабчилъи жиндего тIаде босана Россиялда гьукъараб «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ.

Борталда бомба кьвагьи бищунго букIине бегьулеб багьаналъун рехсолеб букIана гьелда цебе халкъаздагьоркьосел экспертаз ва официалиял хъулухъчагIаз. Гьеб версиялъул рахъ кколез аслияб аргумент хурхинабулеб букIана Сириялда тIобитIулеб операция Россиялда бецIизабизе «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъе бокьизе бегьиялда.

Амма Россиялъул хъулухъчагIаз, гьездаго гъорлъ президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас ахIулел рукIана гьеб лъугьа-бахъин Сириялда тIобитIулеб операциялда хурхинабиялдаса инкар гьабиялде. Россиялъул транспорталъул министр Максим Соколовасни байбихьудаго лъазабун букIана, Мисралъул авиациялъул экспертазул кинабгIаги информация гьечIин гьединал «гIахьучIал» тасдикъ гьарулелин.

Гьединал лъазабиял гьарулел рукIаниги, Россиялъ гьоркьор къотIизаруна Мисралде авиарейсал.

Мисралъул Шарм аш-Шейх шагьаралдаса Санкт-Петербургалде рейс тIобитIулеб «Когалымавиа» компаниялъул А321 лайнер бортана 3I октябралда Синаялъул бащдабчIинкIиллъиялда. Хвана тIад рукIарал киналго, ай, 217 пассажирги экипажалъул 7 чиги. Гьеб катастрофа кколеб буго Россиялъулги Совет Союзалъулги авиациялъул тарихалда бищунго кIудияб.

Федералияб хасаб хъулухъалъул жамгIиял бухьеназул централъ лъазабулеб буго, такъсирчагIи кквезе кумек гьабулеб информациялъухъ шапакъат хIисабалда кьезе бугин 50 миллион долларин.

XS
SM
MD
LG