МагъчIваялъе рес

Донбассалда Малайзиялъул авиалайнер бортизабиялда хурхараб цIех-рехх рагIалде бахъунеб буго


Гьединаб лъазаби премьер-министрас гьабуна шамат къоялда Куала-Лумпуралда трагедиялъул сон тIубаялда бан тIобитIараб къварилъиялъул тадбиралда цеве вахъунаго.

Цебесеб соналъул июлалда Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде унеб Малайзиялъул авиакомпаниялъул лайнер бортизабиялъул хIасилалда хвана 298 чи.

Катастрофаялъул цех-реххалда гIахьаллъулел Австралиялъ, Бельгиялъ, Нидерландаз ва Украиналъ халкъаздагьоркьосеб жамгIият ахIулеб буго Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул нухмалъиялда гъоркь халкъаздагьоркьосеб хасаб трибунал гIуцIиялде ва гIайибиязе гьениб диван гьабиялде.

9 июлалда гьеб инициативалде жиб данде букIиналъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъ.

XS
SM
MD
LG