МагъчIваялъе рес

Щиб бицинеб бортараб аэропланалъ?


Халкъазда гьоркьосеб цIех-рехчагIазул команда ана сепаратистазул контролалда гъоркь бугеб Донецк областалде Индонезиялъул аэроплан бортараб бакIалда информация бакIариялъул мурадалда. Гьанжеялдего хIинкъиял загьир гьарулел руго цIех-рехчагIазе доре-гьанире хьвадиялъул гIорхъаби чIезаризе бегьиялда ва кIвар кIудияб информация кьезе бегьулел алатал бакIалъул гIадамаз ва сепаратистаз нахъ росун ратиялда хурхарал. Щиб батизе бегьулеб цIех-рехчагIазда доре щвараб мехалда?

ЭР. – Авиакатастрофаби ккарал бакIазда щиб тIоцебего балагьулеб цIех-рехчагIаз гьединал?

Джозеф Бернсайд: «Байбихьудасаго гьез батизе ва цIунизе гIамал гьабула рейсазул хIакъалъулъ информация ва пилотазул кIалъаял. Гьелъ бихьизабула щиб аэропланалъеги, гьелъул агрегатазеги ккарабали. Щиб букIарабали пилотазул кабинаялда ва салоналда жаниб аэроплан бортилалда цебе.

ЭР. – Баталъи бугищ гIадатияб авария ккун яги яргъил асар щун рортарал аэропланаздаса щвараб информациялъул?

Джозеф Бернсайд: «Яргъил асар щун бортараб аэропланалдаса информация дагьалъ мукъсанаб букIуна. Гьеб бортилалда цебе гIадатияб режималъул кIалъаял рукIуна пилотазул кабиянаялдаса, жалго агрегатал хIалтIиялда хурхун автоматикияб къагIидаялда хъвараб информациялдаги букIинищха гIорхъабаздаса борчIараб батIияб жо. Кинабго жо хисула цинтIаго аэропланалде къватIисеб асар щвараб мехалда.

Аэропланалда хIакъикъаталдаги ракета речIун букIин лъазабизе ккани, хIалтIизабизе бегьула цIех-рехалъул цогидал къагIидабиги. Мисалалъе, аэропланалъул компонентазда хутIарал кьвагьулел гIаламатазул хIутIелазул, яги маххуда хутIарал хасал лъалкIазул кумекалдалъун.

ЭР. – ХIинкъиял загьир гьарулел руго, пуланал гIадамазул рес букIанин авиалайнер бортараб бакIалде щвезе. Бугищ гьелдаса хIинкъи цIех-рехалъе квал-квал букIиналъул?

Джозеф Бернсайд: «Гьеб буго бищунго кIудияб балагь гьеб ишалда. ЦIех-рехчагIазе цIакъ къаригIараб жо ккола авиакатастрофа ккараб бакIалда лъицаниги квер хъвачIого хутIи. Авиалайнер бортиялъул багьанаби ралагьулеб мехалда цIакъ кIвар кIудиял жавабал кьезе бегьула ратарал батIи-батIиял алатаз, гьезда гьоркьоб бугеб манзилалъ, гьезул позициялъ ва цогидалъ.

Авиалайнер хIакъикъаталдаги ракетаялъ бортизабун бугони, гьеб киналъулго кIвар гьедигIан кIудияб букIунаро.

Гьаб ишалда хурхун унгоги буго кIвар кIудияб информация кьолеб жо хвезабун яги нахъе босун букIиналъул щаклъи.

ЭР. - Дуца рехсон букIана кьвагьулеб гIаламаталъул лъалкIал ва хIакъикъат чIезабизе рес кьолел цогидал жал. Рес бугищ гьезул кумекалдалъун мухIканлъизабизе, биччан букIинищ яги букIинчIищ авиалайнералде ракета?

Джозеф Бернсайд: «Гьелъ гьединал ресал кьеялъул шансал цIакъ дагьал руго. Дир пикруялда, ракета биччараб техника, бакI ва цогидаб мухIканлъизабиялъе ралагьизе руго цоги далилал. Дида лъала, прессаялъ бицунеб букIана Цолъарал Штатазул рагъулазе ратун ругин гьединал хIужабийин. Радараз рихьизарурал аэропланалъул координатазда ва цогидал парметразда дандран хадуб мухIканлъизабизе бегьула кисса ва кинаб манзилалдаса ракета биччарабли.

ЭР. – Лъазабиял рукIана «чIегIерал яшикIал» ратанин абурал. Лъихъ гьел ругел гьанже? Бегьулищ гьезда бугеб информация хисизабизе яги хвезабизе?

Джозеф Бернсайд: «Гьеб суални кьезе кколааан гьел аппаратал риччалезе. Дир пикруялда, инсанас гьабураб бокьараб электрониб алатазда хиса-басиял гьаризе яги гьел хвезаризе бегьула.

ЭР. – Гьанже захIматаб суал, амма гIемерисезе лъазе бокьараб жо. Кинаб букIунеб ракета щвараб аэропланалъул пассажиразул хIал – гьел цинтIагойищ холел?

Джозеф Бернсайд: «Дида ккола, гурин. Гьединаб суалалъе жаваб кьезе захIматаб масъала ккола хIакъикъаталдаги. Дида ккола гьеб бараб бугин ракета щвараб бакIалдаги пассажирасдаги гьоркьоб букIараб манзилалдайин. Гьеб гьединго бараб букIунеб батила ракета кьвагьун лъугьарал бутIабазул къадаралдаги. Цо-цо пассажирал хун ратила доб ракетаялъул детонация ккарабго. Цо-цо пассажирал ва экипажалъул пилотал хун ратила хадур ругъназдаса. Лъабабилелин абуни, рукIун ратизе бегьула чIаго лайнер ракьда тункизегIан.»

XS
SM
MD
LG