МагъчIваялъе рес

Специалистазул ракI чIараб буго Россиялъул аэропланалда бомба кьвагьизабун букIиналда


Мисралъул Синай бащдабчIинкIиллъиялда Россиялъул аэробусалъул катастрофаялъул цIех-реххалда гIахьаллъулезул 90 проценталъул ракIчIараб буго, хъвай-хъвагIаязда букIараб хъуй гьеб бомба кьвагьиялъул хъуй букIиналда.

Гьелъул хIакъалъулъ Reuters агентлъиялъе Каиралда лъазабуна жиндирго цIар рехсезе бокьичIев Мисралъул экспертас. Гьес инкар гьабун буго гьединго мухIканлъиял къватIир чIвазаризеги.

ГьатIан къоялдаго жиндирго сайталда Халкъазда гьоркьосеб авиациялъул комитеталъги тасдикъ гьабуна, бортараб А 32I-лъул регистраторалъ жиндирго хIалтIи гьоркьоб къотIизегIан аэропланалъул системабазул хIалтIи гьоркьоб къотIиялъул ишарабазул регистрация гьабун гьечIеблъи.

Авиакатастрофа ккараб бакIалда МАКалъул специалистаз халат бахъинабулеб буго хIалтIи Мисралъул, Франциялъул, Германиялъул ва Ирландиялъул вакилзабазда цадахъ.

Цолъарал Штатазул Цех-реххазул федералияб бюро разилъун буго Россиялъе Мисралда аэроплан бортиялъе ругел багьанаби ралагьиялъе кумек гьабизе. Гьелъул хIакъалъулъ шамат къоялда лъазабуна The New York Times газетаялъ.

XS
SM
MD
LG