МагъчIваялъе рес

Гугарухъанас дагьалъги "машгьурлъизабуна" Дагъистан


Калмыкия. Дагъистаналъул спортсменас жиндирго "бахIарчилъи" бихьизабулеб куц
Калмыкия. Дагъистаналъул спортсменас жиндирго "бахIарчилъи" бихьизабулеб куц

Дагъистаналдаса гугарухъанас Калмыкиялъул тахшагьар Элистаялда буддал монументалда мал бан ва динияб даражаялъул бакIалда рекъечел ишал гьариялъ республикаязда гьоркьосеб даражаялъул резонанс бижизабуна.

Гьеб иш сабалъун нахъбахъун буго Элистаялда тIобитIизе букIараб регионалияб гугариялъул турнирги. Калмыкиялъул жамагIаталъул цокIалаб пикру гьечIин ккаралда тIаса, гьеб конфликт хадубрагIи букIинчIого хутIи щакаб бугин рикIкIунеб буго гьеб республикаялдаса экспертас. Дагъистаналдаги цокIалаб пикру гьечIо гьеб лъугьа-бахъиналда тIаса. ТIалъиялъ официалияб хIалалда тIаса лъугьин гьараниги, гIадамаз ракIалде щвезабулеб буго Калмыкиялда мажгиталде рехун батун букIараб болъонил бетIер ва цогидаб мажгит бухIи.

Элистаялде тIобитIулеб букIараб экенаб гугариялъул турниралде рачIарал Дагъистаналдаса гугарухъабаз шагьаралъулгун лъай-хъвай гьабизе экскурсия тIобитIулаго, гьеб къокъаялда гъорлъ вукIарав 22 сон барав СагIид ГIусмановас буддистазул храмалда жаниве лъугьун гьениб хIажат тIубан ва бахIарзазул аллеялда бугеб буддал монументалда мал бан буго. Гьеб кинабго бахъулеб букIун буго живго ГIусмановас ва «Periscopе» социаияб гьиналда тIибитIизабун буго.

Гьебго сордоялъ гугарухъабаз чIейи гьабураб Элиста» гостиницаялда цере ракIарун руго ццим бахъарал гIадамал. Гьез тIалаб гьабулеб букIун буго ГIусмановас гьабуралъухъ рецIел. ТIаде щвараб полициялъ гьес жинцаго гьабуралдаса тIаса лъугьин гьаризегIанги тун, гьев ккун вачун ун вуго. Дагъистаналъул ва Чачан республикаялъул гугарухъаби гьеб лахIзаталдаго Калмыкиялдаса нахъе рачун руго.

Лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ лъайдал, Калмыкиялде официалияб куцалда республикаялъул халкъалда цебе тIаса лъугьин гьаризе ана Дагъистаналъул тIалъиялъул нухмалъулев ГIабдусалам ХIамидов. Калмыкиялъул бетIер Алексей Орловас лъазабуна дагъистанияв туснахъ гьавизе рес бугин гьеб вандализмалъул акталъухъ.

МахIачхъалаялдаса гугарухъан СагIид ГIусмановасда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьун буго диниял бербалагьиял инжит гьариялда бан. Гьесие лъабго соналде щун туснахъалъул болжал кьезеги рес бугилан лъазабулеб буго Калмыкиялъул ЦIех-рехалъул идараялъ.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ бихьизабунин спортсменазе гIицIго гугари, яги цогидаб спорталда куцай гуребги, тарбиялъул хIалтIиги гьабизе хIажат букIинин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Элистаялда ккаралда бан баянал кьолаго Россиялъул гугарухъабазул сборнаялъул бетIерав тренер ХIажимурад МухIамадовас. Олимпиялъул чемпион живгоги гIемерал батIиял улкабазде ва респуликаязде щун вуго, амма киданиги гьединаб лъугьа-бахъин я жиндирго заманаялъ, я цебеккун букIараб жинда рагIун букIинчIин бицана гьес.

ХIажимурал МухIамадов: «Нилъер ракьцояз, гIолилаз гьединаб иш гьабиялъ ракIбуссинабуна . Чан нухалъ дунгоги, нилъер гугарухъабиги къватIисел пачалихъазде арал ва унел, амма гьединаб жо жеги ккун букIинчIо. Гугарухъаби рукIа, цогидал спорталъул чагIи рукIа, лъазе ккола, цогидаб пачалихъалде, республикаялде унаго, гьезул диниял бербалагьиязул адаб гьабизе кколеблъи.

Гьеб лъугьа-бахъиналъ бихьизабуна, цо чияс гьабураб жоялъ тIолго республикаяде ва киналго дагъистаниязде рагIад реххулеб букIин. Гьелгун хIалтIи гьабизе ккола тарбия кьеялъул. Щай гурелъул гьез квегIиса яги квараниса босараб гали танкан республикаялъул даражаялъул лъугьа-бахъиналде сверула. Гьезда бичIчIизабизе ккола гьез республикаялъул гьумер бихьизабулеб букIин».

Калмыкиялда цокIалаб пикру гьечIила гьеб лъугьа-бахъиналда бан, амма гьеб тайпаялъул конфликтазул кидаго хадусеб букIунин рикIкIунеб буго гьеб республикаялдаса эксперт Аксен Хараевас. Калмыкиялда гIумру гьабун ругила кIудияб къадар дагъистаниязул. Цере-цереги миллатазда гьоркьор гIиси-бикъинал конфликтал кколаанила, амма гьеб тайпаялъул резонанс багъаризабун букIинчIила гьез.

Аксен Хараев: «Цереги гIисинал ричIчIунгутIиял рукIунаан дагъистаниялгун. Республикаялъул жанубияб рахъалда, гIорхъода ругел мухъазда гIумру гьабун руго дагъистаниял Калмыкиялда. Цо-цо баяназда рекъон, Калмыкиялда гIумру гьабун руго чанго азарго дагъистаниял. Гьаб ккараб вандализмалъ гIадамал риххизарун руго.

Аслияб къадар гIадамазул кутакалда рокьукъаб бербалагьи буго дагъистанияздехун. Руго гIадамал, цо чияс гьабураб жо сабаблъун тIолго халкъалде гIайиб гIунтIизабизе бегьуларин абулелги. Амма гьеб лъугьа-бахъиналъ бихьизабулеб буго, цогидаб регионалде унаго, гьеб бакIалъул тарихгун ва культурагун дагьабниги лъай-хъвай гьабизе кколеблъи, цо дагъистанияз гуребги, калмыказги, цогидазги. ГьабсагIат хIинкъи буго гьелда гьеб конфликт лъугIиларин абун. Гьеб инцидент кутакалда квешаб бакIалде бачIана ва гьелъул жеги хадусеб букIине буго».

Хараевасул пикруялда, хIинкъи буго Калмыкиялда чIейи гьабун ругел дагъистаниязе зарал гьабизе радикалиб бербалагьи бугел калмыказ.

Дагъистаналъул жамгIияталдаги гьечIо цокIалаб пикру ккаралда тIаса. Официалияб хIалада тIаса лъугьин гьараниги, цо-цояз ракIалде щвезабуле буго 2014 соналда Ставрополь икълималъулгун гIорхъода бугеб Калмыкиялъул ракьалда бухIун букIараб мажгит ва гьединго цогидаб мажгиталде рехун батун букIараб болъонил бетIер. Калмыказ бусурабазул дин къабихI гьабизе хIаракат бахъиялъулги ругин хIужаби, амма гьелда бан бусурбабазда цебе тIаса лъугьин гьаричIин лъицагойин рикIкIунеб буго цо-цо дагъистанияз.

Ахирал баяназда рекъон, Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас тIадкIалъай гьабун буго Калмыкияда ккаралда бан Дагъистаналъул Спорталъул министрасе. Гьединго хIалтIудаса нахъе рехун вуго Калмыкиялде ун букIараб гугарухъабазул къокъаялъул тренер.

XS
SM
MD
LG