МагъчIваялъе рес

Астраханалда лъимер хвасар гьабулаго хвана дагъистанияв


МахIамад ГIабдулхаликъов
МахIамад ГIабдулхаликъов

Астраханалда цIа ккаралъуса лъимер хвасар гьабулаго хвана Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Сасикьа гIолохъанчи МухIамад ГIабдухаликъов.

ЦIияб Сасикьа гIолохъанчи ГIабдулхаликъов МухIамад хвана бухIулеб рокъоб хутIараб лъимер хвасар гьабизеян цIадав кIанцIун. Астраханалъул гIорхъолъа арал ишазул министерлъиялъ лъазабухъе, лъугьа-бахъин ккана январалъул 24 къоялъ Астраханалда.

Амма гьанже гурони гьелъул хIакъалъулъ лъицаниги лъазабун букIинчIо. ЦIа ккун буго цо чIужугIаданалъгун гьелъул кIиго лъимералъ гIумру гьабулеб рокъоб. Гьенив рукъ ккун заманаялъ гIумру гьабун вукIана гьениве хIалтIизе арав ГIабдулхаликъовги. Рукъ букIун буго басрияб цIулал. ЦIа ккараб мехалда киналго къватIире кIанцIун руго. КъватIиб чIужугIаданалда ракIалде щун буго жиндир ункъо сон бараб лъимер жаниб хутIун букIин. Гьеб хвасар гьабизеян жаниве кIанцIун вуго дагъистанияв, амма нахъвуссине кIун гьечIо.

Гьевги лъимерги ва гьеб сордоялъ гьесухъ гьоболлъухъ вукIарав цоги дагъистаниявги хванилан лъазабулеб буго тIадехун рехсараб министерлъиялъ. Амма хварасул имгIал МухIамад ГIабдухаликъовас (цIаргIахьал) батIиял баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе

МухIамад ГIабдулхаликъов: «Гъов вукIун вуго дой гIаданалъул рокъов заманаялъ гIумру гьабулев. ЦIа кин ккарабали жеги лъалеб гьечIо, цIа ккун хадуб ккралъул гурони баян щвечIо. Дора рукIарал чагIаз бицухъе, дора хун руго дой чIужугIаданалъул эбел-эменги, цояб лъимерги. Гьас тIоцебе къватIибе бахъинабураб лъимералда щибниги цIа хъван гьечIо, до эбел-эмен тIубанго рухIун руго».

Гьединго хварасул имгIалас абуна, дов вас вукIанин дова хIалтIизе, жиндиего бетIербахъиялъе арав. Цевеккунги гьениве хIалтIизе ун вукIун, гьесда лъалеб букIун бугин гьеб бакIги.

МухIамад ГIабдулхIаликъов: «Гъов хIалтIизеян ун вукIана дове. Гьесул инсуцаги рес кьолаан гьесие жиндиего бетIербахъиялъе дове гьаниве ине. Гьанжеги гьев ун вукIана жинца бихьизабилин инсуда кин хIалтIизе кколевали, кIиго моцIидаса машинаялдаги рекIун вачIине вугин. Абулебги букIана гIолохъабаз гьев нахъе къай гьечIев вас вугин, гьелъул хIисаб гьабизе кколин».

Гьединал, дагъистанияз Россиялда жидер гIумруялъе хIинкъи букIаго гIадамал хвасар гьариялъул хIужаби цереккунги рукIана. 2013 соналъ Москваялда кIиго яс хвасар гьаюлаго гIоралъ восун хвана 24 сон барав Рахметов Марат. Гьесда кIвана ясал хвасар гьаризе. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас хварасул эбел-инсуе пачалихъиял шапакъатал кьуна. Гьебго соналъ Хабаровск шагаьаралда къецазде арал Дагъистаналдаса ичIго боксерас хвасар гьавуна цIа ккараб трамваялъуса 30 чи.

XS
SM
MD
LG