МагъчIваялъе рес

Сверухъ чи гьечIев къирал ва нух къосараб гIел


Цо машгьураб, нус-нус соназ цоцахъе кьолеб калима буго гIадамаз кидаго улкаялъул вукIа, районалъул вукIа, росдал вукIа нухмалъулесе къимат кьолаго абулеб. «Свита делает короля» - сверухълъиялъ къачIала къирал, пача, хан, бетIер абураб. Гьел рагIабазул автор мухIканго лъаларо, амма гIемерисез гьел рикIкIуна некIсияв Китаялъул философ Конфуций абурав чиясул рагIабилъун.

Гьелъулъ гуро иш бугеб, иш буго кигIанисеб къадаралъ сверухълъиялъ нухмалъулесул хIакъалулъ лъикIаб, ялъуни квешаб пикру бижизабулеб абураб суалалъулъ? БетIерас сверухълъийищ гIуцIулеб, сверухълъиялъ бетIерищ?

Кинаб роценалдалъун нухмалъулесул къадру борцунеб, рейтинг абураб жо гIуцIулеб? Масала, щай нилъер республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул рейтинг Дагъистаналъул бетIерлъун вачIинегIанги, вачIун хадуб щибниги гьес гьабилелдеги 80 проценталдаса цIикIкIун букIараб?

Республика терактаздасагун бандитазул флешкабаздасаги, бюрократазулгун рохьилазул магъалобаздасаги хвасар гьабураб мехалда гIодобе араб гьеб рейтинг? Гьес абурал гIиссинал, гIемерисеб мехалда жидедагоги ричIчIичIел жалги гIочIода чIван гIадамал какдолел, хьандолел, гIарзахъдулел?

Лъида ракIалда кколеб букIараб гьанжеялдаса лъабго ункъго соналъ цебе нахъасан нуцIаги къан рокъор гIинде щурун какизе кIоларел рукIарал гIадамал хъулухъаздаса инилан?

Республика бацIцIад гьабуна рищни-къулалдасагун чороклъиялдаса, республика бацIцIад гьабуна аслиял бандитаздасагун экстремистаздаса, республикаялда цониги хъулухъчи, министрал, депутатал, районазул ва шагьаразул бутIрул хутIичIо тIасан бачIараб амру тIубаларел ва пачалихъалъул власть хIаларел.

Щайха рейтинг гъоркье унеб бахине кколеб букIараб бакIалда? Щай гурелъул гьел кьурарал тIаса аниги жеги жамгIияталъул гIадалнахгун пикраби руго дол кьураразул асаралда гъоркь.

Бер къанщичIого гIадамалги чIвалел, бакI-бакIазда бомбаби лъун къватIалги кьвагьулел, кокаинги сунтIун багIараб канлъуда гъоркь нилъеда данде автомашинаги бачунел чагIи берцин рихьараб, гьеб гуч ва бахIарчилъилъун хIалеб республикаялда ас вачIун культураялъул бицине лъугьарабго гьеб мацI бичIчIулеб гьечIо.

ХIатта гьелда тIад релъанхъулелцин руго. «Зачем нам его далалай, бабки нужны» - ян абуна цо къоялъ гIумруялъ цониги тIехьги цIаличIеб, цебехун бюджеталдаса гIарацги цIулеб букIараб цо рухIчIаголъиялъ. Гьеб халкъалъул даражаялъухъ балагьичIого гьарулел руго выставкаби, фестивалал, рагьулел руго цIиял музеялгун поэзиялъул театрал, библиотекабигун культураялъул рукъзал.

Гьел рагьизе кколарин абураб пикру гуро гьаб, гьаб буго жеги гIун гьечIин гьеб бичIчIулеб ва цIияб къагIидаялъ пикру гьабулеб гIел абураб пикру. Амма гIезаризе ккола гьел, рагьизе ккола библиотекабиги.

Гьел цIиял чагIаз гьавизе ккола жидеего цIияв, жидедаго гъорлъа вахъарав «король». БатIияб хвасарлъи гьечIо Дагъистаналъе. Жакъа лъеберилъ ругел гIолохъабазул 90 проценталда лъала чIаго ругел ва чIварал шагьаралъул «мокрушникал» (гIадамал чIвалел чагIи) - бетонал, квадратал, железкаби ва анцI-анцI цогидал тIокIцIарал, гьезул росу-ракь, тухум-кьибил ва гьарурал «гьунарал».

Гьезда лъаларо академик Сахаров, политикияв диссидент ва эркенлъиялъе гIоло туснахъалъув арав бахIарчи, намусалъул асир Вазиф Мейланов, интеллигенция ва гьезул ишал. Гьел цIарал гьезда рагIунцин ратиларо.

РагIунги щайха азие ал, гьел лъаналдаса лъачIого бигьаяб бугеб мехалда. Жакъа ГIабдулатIиповасда сверухъ гьечIо кинабгIаги «свита», гьеб гьечIолъиялъ бортана гьесул рейтинги. Руго гьесие рекъараб мацIги бицун киндай щиб бугониги тIезабилаян тIаделъараб агьлу.

Гьел лъагIалида жанир чанго нухалъ хисулелги руго. Пайда щиб, гIурус матрешкабазда жаниб цойги ясикIо гIадин цIогьорасда жанив цойги цIогьор, ришватчиясда жанив цойги ришватчи гурони ватулев гьечIо ва иш букIарабго бакIалде щолеб буго. Гьесул гьечIо цониги пикруцояв ва щолеб жоялдаса инкар гьабун хIалтIизе къачIарав цониги чи, бищунго божарал, гIагарал, аскIосел чагIаздаса байбихьун. Гьев вуго «свитаялъ къачIачIев къирал».

Щибха хутIараб гьесие? ХутIана жакъасеб гIелалъул гIаданиб нах хисизе, гьезул ботIролъа гьадал «железка, бетон» гIадал махх-мачIалги нахъе реххун, рацIцIадал пикрабиги, Аллагьасдаса хIинкъиги, иманги, яхIги, рогьоги, гьунарги битIун бичIчIизабизе гIун бачIунеб гIелалда.

ТIехь цIализе ва библиотекаялде ине нечоларел гIадамал гIезаризе. Гьеле гьез вахинавила букIиниселде жидедаго гъорлъа цевехъан. Ва гьев вукIина сверухълъиялъ къачIарав къирал. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG