МагъчIваялъе рес

Гьаб заманаялъул багьадур РахIматов Марат (видео)


Маратил суратал рихьизарулей эбел
Маратил суратал рихьизарулей эбел

Москва гIурулъ гъанкъулей йикIарай кIиго яс хвасар гьаюлаго живго гъанкъарав дагъистанияв РахIматов Маратие пачалихъалъул шапакъат кьезе кколин бицунеб букIана гьеб лъугьа-бахъин ккарал июналъул ахирисел къоязда. Амма гьелдаса хадуб кIиго анкьалдаса цIикIкIун заман араб мехалда гьеб лъугьа-бахъинги Маратил бахIарчилъиги кIочене тезе хIаракат бахъулеб бугин гьеб иш ккараб Звенигородалъул нухмалъиялъин рикIкIунеб буго цо-цо журналистаз. Щай бахIарчи кIочене толев вугев?

Марат дагъистанияв вукIин лъайдал жидерго миллатчилъи бихьизабизе гьев гъанкъараб къоялъго байбихьун буго Звенигород шагьаралда. Гъанкъулев вугев васасе кумек гьарун вачIарав гьесул инсуе инкар гьабун буго гьеб шагьаралда бугеб «ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул» вакиллъиялъ. Гьанир гъанкъулел чагIи жиб жиб къоялъ гIадин рукIунилан тIаса –масаяб жаваб кьун буго гьеб идараялъ васги кодове щоларого къварилъиялда вугев инсуе.

Жинца депутатазде гIунтIун ахIи-хIур бахъинабизе бугилан лъазабун буго гьеб мехалъ гьес, васасул жаназаги батичIого жив рокъове ине гьечIилан инсуца кьварун лъазабураб мехалъ рачIун руго лъадалъ жанир хIалтIулел гIадамазул кIиго къукъаги гьединг чанго расаги.

Бищунго жив хIинкъизавунин вукIанин вас кодове щвечIогоццин хутIияладайин абураб пикруялъилан ракIалде щвезабулеб буго жиндирго доб мехалъ букIараб ахIвал-хIал Маратил эмен Тельманица. КIиго сордо-къоялъ чIечIого валагьаниги Маратил жаназа кодоб щун гьечIо. Гьелдаса хадуб жибго тIабигIаталъ квер бакъун буго Марат ватизе. Гьеб сордоялъ бараб чахунцIадалдаса хадуб гIурул лъим эхеде бахун хадуб каарчелаз жидецаго къватиIве рехун вачIун вуго гьев.

Гьеб лъугьа-бахъи ккана 24 июналда. Москва гIурул рагIалда жиндирго гIагарав вас Расимгун гIодов чIун вукIарав Маратида рихьуда гIурул хIинкъ бугеб бакIалде ккун кумекан ахIулел чвердолел рукIарал ясазул хIинкъарал гьаркьал. Хех гьабун гьезие кумекалъе гIурулъе кIанцIарав Маратихъа бажарула гьел хваср гьарун, амма живго къватиIве вахъизе заман гIун гьечIо, гьев гIуруца жаниве цIан уна.

Амма я оперативиял информация кьолел сайтазда, я гIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул рахъалъ министерлъиялъул сайталда, кибниги Маратил хIакъалъулъ хъван гьечIо гьеб къоялъ, я гьелдаса хадуб. Гьединго гьесул цIар батун гьечIо хIатта гIурулъ гъанкъун хварал цогидал гIадамазул сияхIалдацин.

Я Маратица хвасар гьарурал ясазул, я гьел хвасар гьарулаго гъанкъун хварав гьесул хIакъалъулъ Звенигород шагьаралъул информалатаз жакъа къоялъги кинабниги баян кьун гьечIо къватIибе.

Щайгурелъул шагьаралъул нухмалъиялъ гьедин лъазабун бугилан абулеб буго Москва икълималда вугев Дагъистаналъул вакил МухIамад Сайгидовас. ГьабсагIат цIе- рех унеб бугин гьелъ бихьизабилин кин щибалиян къокъав жаваб кьун буго гьелда хурхун Звенигород шагьаралъул нухмалъулев Савицкий Леонидица.

Жиндир цIар бицине разилъичIев шагьаралъул мэриялъул хIалтIухъанас гьадин баян гьабулеб буго щай жидерго гьединаб пикру бугебали:

«Дагъистаналъе бокьун бугоха жидерго багьадур загьир гьавизе, амма жеги лъаларелъул гьев гIурулъе щиб гьабизе кIанцIаравали, щиб лъалеб ясазда хIал гьабизеги ракIалда букIарабищ гьесдаяли».



Суал бачIунеб буго жидее тIагIамбахъи гьабулев вукIарав 100 кило цIайиялда вугев вас гьел ясазищха гъанкъизавурав абун? Гьелде дандеги гьадинаб жаваб кьолеб буго мериялъул хIалтIухъанас.

«Гьединги абулеб гьечIоха нижеца, амма гьаниб аслияб суал буго гьев дагъистанияв вукIин, гьединго гьанивги гьев къануналъ кьураб ихтияралад рекъон вукIаравищ гIумру гьабуналиги лъалареб жо буго».

ХIасил-калам гIилла бугин Марат Дагъистаналадса вукIин, гьединан рагьун абулеб буго жиндирго кIалъаялда мэриялъул хIалтIухъанасги.

«РахIмуяб ракI» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъул дагъистаналда бугеб вакилъиялъ ахIи-хIур багъаризабуна гьеб хIужаялда сверун . Ясал хвасар гьаруралъухъ пачалихъалъулаб шапакъаталъе мустIахIикъав вугин Маратилан абураб суал цебе лъураб данделъи тIобитIана гьез июлалъул ункъабилеб къоялъ. БатIи-батIиял жамгIиял гIуцIабаз жаваб гьабунин жидер гьеб ахIиялъеян бицана «Эркенлъи» радиоялъе фонадалъул хIалтIухъан МухIамадица:

«Чистое Сердце» фондалъул вакил, МухIамад: «МугIрузул халкъалъул миллаталде данде гьабулеб ургъун бахъараб политика буго гьезул гьеб. Гьелъул киналго рачунел руго пачалихъ тIубанго биххизабиялде. НекIсияв румазул цо гIакъилас абун букIун буго жансиеб миллталъул цоцалъ тунка-гIусиял лъугIулел гьечIони нужеца валагьейин къватIиса нужее хIинкъи кьолев тушман, гьеб мехалъ цоцалъ дагIбадулел рукIарал киналго миллатал цолъун жидерго къуват гьез буссинабизе бугин къватIив вугев тушманасде. Дагьабниги жиндирго къимат бугеб пачалихъалъ гьедин гьабизеги гьабула, Россиялдайин абуни гIаксалда, жанисел тушабазде букIуна кинабго къуват хIалтIизабун, цогидаб пачалихъалда гьедин гьечIо, хIатта Америкаялдацин».

МухIамад гьединго щун вуго Маратил инсул росу Табасаран мухъалъул ХIапыз абураб росулъе. Фондалул цIаралдасан Маратил эбел инсуе 300 азарго гъурущ гIарцги кьун буго гьез. Эмен Тельманилгун гара-чIвари гьабуна «Эркенлъи» радиоялъги.

КIиго яс хвасар гьаюлаго васас бихьизабура гьунаралъе мустIахIикъаб къимат кьезе инкар гьабулеб бугин Россиялъул миллатчагIазилан абураб хабар рагIунго гьечIоан гьесда. Жиндир васас дагъистаниясе хасиятаб куцалъ умумул чIухIизе бегьулеб хасият бихьизабун бугин, гьанже гьел чагIаз бицунеб чIандаялъул жинде ургъел гьечIилан мукIурлъана гьев:

Тельман РахIметов: «Щиб гьез бицаниги щиб гьанже, дир васас хвалдаса хвасар гьарурал ясалцин мукIурлъана жидер васазухъа бажаризе букIинчIин гьединаб гьунар гьабун. БокьаралгIан гаргадулел рукIаян абе, дие гьелъул кIвар гьечIо. Гьел хабараздаса хадуб дир васги хваралъуса вахъун вачIинаро…

Маратил хIакъалъулъ документалияб фильм бахъизе ракIалда буго «РахIмуяб ракI» абураб фондалда. Гьесие мустIахIикъаб шапакъат швеялъе квербакъи гьабеян абураб кагъат битIун буго гьез Дагъистаналъул нухмалъулев ГIабдулатIипов Рамазанихъеги, улкаялъул президент Путинихъеги.

XS
SM
MD
LG