МагъчIваялъе рес

ЧIарадаса гугарухъан вахъана дунялалъул чемпионлъун


Садулаев Рашид
Садулаев Рашид

Гьал къоязда Узбекистаналда унел руго Эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталъул къецал. Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъе унел кIиго дагъистанияз гьенир рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гьезул цояв ЧIарада мухъалъул Гьачада росулъа Садулев Рашидги, Лаваша мухъалъул КъулецIма росулъа ГIабдусалам ХIадисовги кIиялго рахъана дунялалъул чемпионаллъун.

Узбекистаналъул тахшагьар Ташкенталда гьал къоязда унел ругел эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда Дагъистаналъул гугарухъабаз рихьизаруна лъикIал хIасилал.

Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ кIиго дагъистанияв, кIиявгоги магIарулав. 86 килограмм цIайиялда цеве вахъунев Садулаев Рашидги, 97 килограмм бакIаб цIайиялъул гугарухъан ХIадисов ГIабдусаламги.

Садулаев Рашид сентябралъул микьабилеб къоялъ чемпионлъун вахъана. Финалалда гьес къезавуна Кубаялдаса Рейнериса Салас абурав гугарухъан.

Дагъистаналда миллатцояз кIудияб рохалида къабул гьабуна Садулаев Рашидие щвараб бергьенлъи. Фейсбук сайталда цоцазухъе кьун баркулеб букIана киназго гьесул бергьенлъи.

Рашидил гьеб ккола кIиабилеб тIадегIанаб даражаялъул бергьенлъи. Исана апрелалда Финляндиялда Вантаа абураб шагьаралда гьев вахъун вукIана Эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпионлъун.

Садулаев Рашид ккола ЧIарада мухъалъул Гьачада росулъа.

ГIумруялъул 18 сон гурони гьечIониги Рашидида кIвана къокъабго заманалда жаниб гугарухъабазда гьоркьоб жиндирго цIар машгьур гьабизе.

Сербиялда ва Азербайжаналъул тахшагьар Бакуялда гIолилазда гьоркьор тIоритIарал турниразда чемпионлъунги вахъун исана гьес сапар бухьана Красноярскиялда Иван Ярыгинил цIаралда бугеб Гран При турниралде. Щуго ракIчIараб бергьенлъиги босун иргадулаб чемпионлъиялда дандчIвай гьабуна Рашидица.

Гьев хьвадулев вуго МахIачхъалаялда бугеб ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб эркенаб гугариялъул школалде, гьенив гьесул тренер ккола ГIумаров Шамиль, цадахъго цIалулев вуго ДГУ -ялъул юридикияб факультеталъул кIиабилеб курсалда.

МахIачхъалаялде вачIаралдаса гьесул кIиго сон гурони гьечIо, гьелде щвезегIан гугариялъул къецазде гьев хьвадулев вукIана росулъ бугеб спортшколалде.

Эркенаб гугариялда жанир Рашидица рихьизарулел хIасилазухъ балагьун киназго гьесда цIарчIвалеб буго вукIинесев Олимпиадаялъул чемпион вугин гьевилан. Гьединабго пикру буго Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренер Сажид Сажидовасулги.

Сажид Сажидов: «Узухъда Олимидаялъул хIаязул чемпионлъун вахъине аслияв претенденлъун вуго Рашид, амма гьелдаго цадахъ Аллагьас хъвараб гурони букIонаро, нилъеда лъаларелъул метериса къоялъ къисматалъ щиб нилъее къачIан бугебали, амма нахъойги абила 2016 соналъ олимпиадаялда бергьине киналго ресал руго Рашидил.

РакIчIун абизе кIола жакъасел дагъистаналъул спортсменазда гьоркьов къанагIатаб гьунаралъул гугарухъан вугин Рашидилан. Гьебго пикру буго цогидал дир пишацоязулги. Гьединабго сахлъиги къуватги хутIаги гьесие хадубккунги Аллагьас».

ЭР: «ГIабдусалам ХIадисовасул кинал ресал ругел чемпионлъун вахъине.

Сажидов Сажидов: «Финаналде щвезегIан гIезегIан захIматал дандчIваял рукIана гьесул, бугониги лъикIаб формаялда вачIана гьев ахирисеб дандчIваялде. Финалалда гьев речIчIизе вуго Азербайжаналдаса гугарухъангун. Дида ккола ГIабдусаламица бергьенлъи босилин гьенибилан».

ИчIабилеб сентябаралда финалиял къецазда цеве вахъине вугев дагъистанияв ГIабдусалам ХIадисовги ккола Европаялъул чемпион. 2012 соналда Лондоналда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязда гьесие битIккечIо, ХIадисовасе гьениб щвана мазгарул медаль.

Ташкенталда тIоритIулел хIаязда дунялалъул чемпионлъун вахъине киналго ресал ругин гьесулилан абулеб буго Дагъистаналъул тIасабищараб командаялъул бетIерав тренерас.

P.S Нижеца программа жанибе кьун хадуб лъана 97 киллограмм цIайиялда финалиял къецазул хIасилал. Азербайжаналдаса гугарухъан Хетаг Газюмовсдасаги бергьун Дагъистаналдаса ХIадисов ГIабдусалам вахъана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун.

XS
SM
MD
LG