МагъчIваялъе рес

Футболалда рагъдагIадин


Ростовалдаса футболалъул болельщиказул лъабго чи вуго МахIачхъалаялда централияб клиникаялде ккун.

Гьезул ботIрол нахуе жагъаллъи ккун, черхалда гIужал лъун, гьединго бакI-бакIалда би ккун бугин бицана тохтурзабаз. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, Ростовалдаса болельщикал Каспи ралъдахъе ун руго 2 августалда МахIачхъалаялда «Ростовги» «Анжиги» командаби хIан хадур. Гьеб хIаялда къуна Дагъистаналъул команда. Гьелда ццим бахъарал дагъистаниял лъугьун ругин Ростовалдаса болельщиказул автобусалъе нухги къан, ганчIал речIчIизеян лъазабулеб буго низам цIунулез. Гьеб бакIалда дагъистаниязул 25-ниги чи вукIанила. Гьедин низам цIунулез полициялде вачун вуго 12-яв. КIигоял хутIизегIан жеги балугълъуде рахинчIел лъимал кколел руго гьел.

ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ Ростовалъул командаялъул нухмалъулев Виктор Кулешовас абулеб буго ралъдахъе рачIиналде, жеги кваназе гIодор чIараб бакIалда, кафеялдаго байбихьанин дагъистаниязулгун жидеразул дандеккунгутIиял. Гьелъулги ралъдахъ ккаралъулги бахъараб видео Москваялде, футболалъул рахъалъ гIуцIараб Россиялъул Шураялде битIун бугин.

Каспийскалдаса Багир абурав гIолохъанчи хIалтIулев вуго «Ростовгун» «Анжи» хIараб стадионалда – «Анжи-Аренаялда». Гьениб жаниб щибниги къварилъи букIинчIин бицана гьес ЭР-лъе.
Багир: «Гьаругьинан тIобитIана матч. Гьеб лъугIун хадур киналго берцинго нахъеги ана. Хадуб щиб гьезда гьоркьоб ккарабалиха… ПалхIасил, матчалъул заманалда щибниги дагIба-рагIи букIинчIо».
Интернеталда гIемер дагIба-рагIи буго гьеб хIужаялда тIасан. Масала, гьелъие гьадинаб магIнаялда жаваб кьолеб буго МухIамад ХIасанов абулев дагъистанияс:

МухIамад ХIасанов: «ТIокIабги щибха нужее къваригIун букIараб? Цогидал клубаз кидаго провокациял гьарула «Анжиялъе». ТIолабго Россиялдаго «Анжиялдехун» бихьизабулеб рокьукълъиялъ хIасил кьолеб бугоха. «Анжиялъ» гьабизе кколеб жо буго гьеб чорокаб чемпионаталда хIачIого чIей. Щайгурелъул гьеб команда гIицIго Дагъистаналъул команда букIунилан, кколеб куцалда хIазе тезе гьечIо Россиялъ гьелъие».

МахIачхъалаялдаса ХIайбат Муслимова гIемер щола Анжиялъул болельщиказда цадахъ Россиялъул шагьаразде. Гьенир чанги кколин батIи-батIиял тунка-гIусиял, амма улкаялдаго рагIун гьелъул хIакъалъулъ ахIи балеб гIадат гьечIин дагъистаниязулин бицунеб буго ХIайбатица ЭР-лъе.

ХIайбат Муслимова: «Керимовас «Анжи» клуб босаралдаса, дунялалда машгьурал футболистал росаралдаса нахъе бугоха нилъер рахъалдехун гьеб чороклъи гьулчулеб. Конкуренция лъиениги бокьуларелъулха. Дида берда бихьулаго Казаналда нилъер болельщиказда тIадеги кIанцIун рукIана цогидал. Амма доз гIадин нилъераз гьелъул хIакъалъулъ хъвалароха. Самараялъул болельщиказги гьбауна гьединабго жо. Амма дагъистанияз гьезие гьабураб жо щибниги букIинчIо. Гьедин жиб-жиб шагьаралда букIуна тунка-гIуси, амма жал руханин абун бицунароха нилъераз кибниги».

Цебе лъун бащдаб черхгун МахIачхъалаялда тирулел ростовалъулазул ретIа-къай бокьун батиларин дагъистаниязеян абулелги руго. Гьеб пикру тасдикъ гьабулеб буго Насрула Къурбановасги. Гьев ккола «Анжиялъул» болельщиказулгун хIалтIи гьабулев чи. 2 августалда Ростовалдаса гIолохъаби ралъдахъеги рачIун гьекъолдулел, хъубал рагIаби абун, сверухъ ругезул адаб хварал жал гьарулел рукIанин бицунеб буго гьес интернеталдасан.
XS
SM
MD
LG