МагъчIваялъе рес

Олимпиада ва Шималияб Кавказ


Сочиялда Олимпиял хIаял лъугьун хадур Шималияб Кавказалда рагъулаб дандечIей байбихьизе бегьулин, лъазабулеб буго цо-цо экспертаз. Олимпиадалде хIадурлъиялъ квекIенал гьарулел руго Кавказалъул республикабазда гIумру гьабулезе. Мисалалъе, Чечняялда, Ингушетиялда ва Дагъистаналда гIумру гьабулезе Краснодаралъул мухъалде ине бокьун батани, гьезие къваригIине буго хасаб документ.

Гьелъул цодагьалъ цебе Facebook сайталда бугеб жиндирго гьумералдаса бицана Ингушетиялъул президентасул пресс-секретарлъун вукIарав, адвокат Калой Ахильговас.

Гьеб хабаралъ ахIи-хIур бахъинабуна интернеталда, амма гьеб хабар уяб гьечIилан цо-цо хIакимаз кIалъаялги гьаруна, Ахильговасда гьерсихъаниланги абуна.

Гьел бугьтаназе жавабги кьуна адвокатас. «Гьеб документалда хурхараб хасаб буюрухъ хIакимаз бихьизабиларо. Амма хIакъикъат гьадинаб буго: Сочиялда хIалтIулев лъалев цо дагъистанияс бицана гьеб документалъул.

Гьединго Ингушетиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул шураялъ телевизоралдаса лъазабуна, Кубаналде ине бокьараз жидехъеги рачIун гIарза хъвазе кколин», - илан хъвана адвокат Ахильговас.

Дагъистаналъул ХIинкъи гьечIолъиялъул шураялъул секретарь хисулев Бек Каграмановас «Новое дело» газеталъе кьураб баяналда рекъон, Кубаналде ине хасаб документ дагъистаниязе къваригIунаро.

Краснодаралде автобусал унел МахIачхъалаялъул «Северная» автостанциялда «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасе абуна жидедаги щибго лъаларин хасал документазул хIакъалъулъ.

Амма автостанциялъул диспетчерас тIаде жубана пассажиразул гIарзаби ругилан жиб-жиб посталда чIухь баялда тIаса.

Гьанибго тIаде жубала, Владимир Путиница цодагьалъ цебе Сочиялда хурхараб хасаб буюрухъ гъулбасана. Гьелда рекъон, Олимпиял хIаял унеб мехалда Сочиялде рачIунел россиялъулаз гIарза кьезе ккола жал заманалъулаб сияхIалде росеян. 7 январалда хIалтIизе байбихьана гьеб буюрухъ.

Олимпиял хIаял лъугьун хадур Шималияб Кавказалда рагъулаб дандечIей байбихьизе бугилан лъазабулеб буго Foreign Policy машгьураб журналалъ.

Гьеб журнал къватIибе бичала Америкаялъул цолъарал штатазда ва халкъазда гьоркьосеб политикаялда хурхараб макъалаби рахъулда журналалда.

Жиб-жиб соналда журналалъ прогноз гьабула дуниялалда рукIине бегьулел конфликтазул. Исана рукIине бегьулел дандечIеязда гъорлъ Foreign Policy журналалъ Шималияб Кавказги рехсолеб буго.

Терроралде дандекъеркьей Россиялда вахIшилъулеб буго ва къуват хIалтIизабун гурони терроралъул масъалаби улкаялда тIуралел гьечIилан, хъвалеб буго Foreign Policy журналалъул мухбир Луиза Арборица.

Гьелъ рикIкIунеб буго къуваталъул механизмаз бугеб ахIвал-хIал хIалуцинабизе буго. Мисаллъун журналисталъ бачунеб буго Дагъистан. Рамазан ГIабдулатIиповасул политикаялда гъалатIал рихьулел руго журналисталда.

Салафитазде гьужумал, изну гьечIого яргъид гIуцIаразе ракълилаб гIумруялде тIадруссине кумекалъе гьабураб адаптациялъул комиссия къай, халкъиял низамцIунулезул тIаса ккарал ишал ургъунго рихьунгутIи – Дагъистаналъул нухмалъулесул гьел гъалатIал рехсолел руго Foreign Policy журналалда бачIараб макъалаялда.

Журналист Юлия Латынинал пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалда рагъулаб дандечIей букIине гьечIо.

Юлия Латынина: «Терроралда данде къеркьоларо армиялъул кумекалдалъун, терроралде данде къеркьола хасал хъулухъазул кумекалдалъун. Шималияб Кавказалда рагъулаб кIудияб конфликт букIинин абураб жоялда дун божуларо, щайгурелъул гьелъие гIиллаби гьечIо.

Амма терроралъул масъала санаидаса санаиде Кавказалда кIодолъулеб буго. Гьелда тIад хIалтIизе ккела. Хасал операциял республикабазда лъазарунги гьеб масъала тIубаларо.

Мисалалъе, тIубанго Дагъистаналда хасаб операция гьабуни – террор тIагIине гьечIо.

Экстремизм цIикIкIарал республикаялъул цо-цо мухъалги къан тIобитIани лъикI хасаб операция. Дир хIисабалда, операциял тIоритIине ккола чIван-къотIараб бакIалда».

Кин-букIаниги, Россиялъул жанубияб рахъалда терроралде дандечIараб кIудияб операцияб тIобитIунеб бугилан абизе бегьула.

«Известия» газеталъ хъвалеб буго, ислам дин босарал гIурусазул хал-шал гьабулеб бугин хасал-хъулухъаз Ставрополалда, Астраханалда ва Краснодаралда. Гьел бусурбанал гIурусазда гъорлъ рохьилазул махI речIарал чагIи ругищали балагьулеб буго хасал хъулухъаз.
XS
SM
MD
LG