МагъчIваялъе рес

Лъие къваригIун бугеб «Авиаагрегат»?


МахIачхъалаялда бугеб «Авиаагрегат» абураб заводалъул генералияв директор ХIамзатов Гъайирбег къуваталъул идараз ккун вуго. Гьесде гIунтIизабулеб буго бюджеталъул гIарцуда аскIор мекълъаби гьарун ругилан гIайиб.

aviaagregat
aviaagregat

Заводалъулъ хIалтIухъабаз гьев эркен гьавеян митинг гьабуна рузман къоялъ. Директор жанив тIамун вуго заводалъул балансалда бугеб 18 гектар ракь бахъизе къасд тIамурал чагIаз абун рикIкIунеб буго гьез.

«Авиаагрегат» заводалъул директор ХIамзатов Гъайирбег ккун вуго къуваталъул идарабаз араб анкьалъ. Гьесда гIунтIизабулеб буго тендер лъазабулаго къанун хвезабиялъул гIайиб. Амма гьеб хIужа гурони мухIканго кинаб гIайиб гьесда бугебали ва кин гьес бюджеталъул гIарац хвезабурабали къуваталъул идарабаз лъазабулеб гьечIо. 28 апрелалда диваналъ гьев цIех-рехалъул заманалда кIиго моцIалъ туснахъалъув лъезе хIукму гьабун буго.

Лъие къваригIун бугеб «Авиаагрегат»?
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:46 0:00
Интернет-мухъ

Гьелда рази гьечIел заводалъул хIалтIухъабаз рузман къоялъул бакъанида тIобитIана митинг. Гьез тIалаб гьабулеб буго заводалъул генералияв директор ХIамзатов Гъайирбег рокъове виччаян. Заводалде ракIарун рукIан гIага-шагарго 200-гогIан чи.

Гьез кодор ккун рукIана ХIамзатовасда аскIоб ритIухъаб цIех-рех тIалаб гьабиялъул лозунгал тIад хъварал игIланал. Цере рахъунезул щивас бицунеб букIана заводалъул директор вацIадав, ритIухъав ва жиндир хIалтIи лъалев чи вугин, гьес завод цIунун бугин ва гьев жанив тIами заводалде гьабулеб гьужум бугилан.

Заводалъул акционеразул советалъул нухмалъулев Сайпула Пириловас «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана.

Сайпула Пирилов: «Жакъа нижер хIалтIухъаби гьанир ракIарун руго кинабгIаги чIванкъотIараб гIайибги гIунтIизабичIого заводалъул генералияв директор жанив тIамиялда разилъи гьечIолъи загьир гьабизе. Кинаб бюджеталъул гIарац бичIчIулеб гьечIо, щайгурелъул, нижер завод буго акционеразухъ, кинабгIаги бюджеталъул гIарац ахирисеб анцIго соналда жаниб гьанибе щвечIо. Рехсараб уголовияб хIалтIуда хурхун гIайиб гIунтIизабулел идарабазулгунги нижер киданиги бухьен букIинчIо».

ХIалтIухъабаз бицана, цебеккунги батIи-батIиял чагIаз хIалбихьулеб букIанин жидер идараялде гьужум гьабизе, гьеб банкроталде ккезабизе, ялъуни заводалъул ракь хасал чагIазухъе ккезабизе. Гьеб гьабизе бокьарал чагIаз директор туснахъалъуве ккезавиялда щаклъи бугин жидер. ГьабсагIаталда завод жиндир бугеб къуваталда хIалтIулеб гьечIо, цебеккун кIудияб аэропланалъул цо-цо бутIаби гьарулеб букIараб заводалда гьабсагIаталда гIемер хIалтIи гьечIо.

ГIемерисезе бокьун буго заводалъул ракь жидеего ккезабизе. ГьабсагIаталда заводалъухъ буго I8 гектар ракьул, гьелда бер щун букIана шагьаралъул администрациялъул цебеккунгиян абуна заводалъул коммерческияв директор Николай Грузиновас. Чанго соналъ цебе администрациялъ гьабураб гьединаб хIукму заводалъул хIалтIухъабаз митинг гьабун хисизабун букIана.

Завод бутIа-бутIа ккун бикьизе хIаракат бахъана батIи-батIияб заманалда батIи-батIиял чагIаз. Гьаб нухалдаги гьебго жо такрарлъулеб бугилан бицана директор хисулев Садай Кулиевас:

Садай Кулиев: «Гьаб завод бугеб бакIалда бугеб ракьул багьа буго кIудияб. Шагьар бакьулъ бугеб гьаниб рукъзал разе ва гьеб бичизе бокьарал чагIазул къадар гIемер буго. Амма гьединал хIалбихьиял гьарулел рукIана цереги. 90-лел соназда рачIунаан тIад ярагъ барал гIадамал гьанире ниж хIинкъизаризе, доб мехалъ дозул жо ккечIо.

Хадур шагьаралъул ва хIукуматалъул хIакимзабаз хIалбихьана гьанисан ракь тIезабизе, гьелъулги жо ккечIо. ХIалтIухъабаз бихьизабуна жидерго цоцалъ гъунки. Гьанже гьабгощинаб заманалъ заводалъе гIоло хIалтIарав, гьеб цоги заводал гIадин биххизабичIого цIунарав директор жанив лъолев вуго. Нижеца ахIи балеб буго республикаялъул бутIрузде, улкаялъул бутIрузде, цIех-рехалъул идарабазул нухмалъулезде, гьаб жо чIезабеян».

«Новое дело» газеталъул экономикияб гьумер бачунев журналист Андрей Меламедовасул пикруялда рекъон, Авиаагрегат буго республикаялда бищунго кIудияб рес бугеб, улкаялъул рагъулал къуватазул къваригIел тIубазе кIолеб завод. Советияб пачалихъалъул заманалда гьеб заводалда гьарулаан аэропланазул цо хасал бутIаби, аэропортазда къваригIунел алатал ва заводалда цадахъ хIалтIулаан 1500 хIалтIухъан. Чанго соналъ цебе рехсараб заводалда гьабулеб букIана АвтоВАЗалъул машинабазе электроусилитель.

Амма ахирал соназда АвтоВАЗалъ Кореялдаса росулел руго гьел алатал. Ахираб соналъ гьезул багьа цIикIкIун буго. Импорт хисиялъул гIемер бицунел рукIинчIого хIакимзабаз нилъер гьеб заводалъухъе тIад буссинабизе ккола гьеб хIалтIи, заводги гьелъул махщел бугев директорги цIунизе кколаян рикIкIунеб буго гьес.

ГьабсагIаталда Авиаагрегаталда хIалтIун вуго Сайпула Пириловасул рагIабазда рекъон 1200 чи. Щибаб соналъ республикаялъул бюджеталде кьола 80 млн гъуруш гIарац, хIалтIи гьечIониги.

XS
SM
MD
LG