МагъчIваялъе рес

БизнесчагIазул форумги божилъи гьечIел хIакимзабиги


Dagestan - Forum of businessman/Exibitiom-1
Dagestan - Forum of businessman/Exibitiom-1

21 ноябралда МахIачхъалаялда байбихьана предпринимателазулгун бизнесчагIазул форум. Гьенире рачIун руго Россиялдасаги гьеб тун къватIисаги бизнесчагIи.

Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазаница мисалалъе рачана республикаялъул экономикаялъе квербакъулел олигархалгун бизнесчагIи – Зиявудингун МухIамад МухIамадовал, Сулейман Керимов, ГIумар МуртазагIалиев, МухIамад СагIадулаев ва цогидал.

Амма хадубго какун гIодоб лъуна республикаялъул экономика – биххун тIатIала кколеб бугила умумуз данде гьабураб магIишат. ТIадежоялъе килщида килищ кIутIун жо гьабуларел хIакимзабиги ругила, жидеего щолеб давладул гурони ургъел гьечIел.

Ургъел гьечIолъиялда тIаде лъай гьечIолъиги бугила. Мисалалъе, Москваялдаса гIарац бачIине рес кьолел проектал хIадуризецин лъалеб гьечIила гьезда. Гьедин жиндир лъай-хъваялдалъун Москваялдасан биччалеб бугеб гIарац кодобе щолеб гьечIила хIакимзабазул лъавукълъиялъ (гьез мекъи документалги цIун).

Гьенир кIалъана советияб заманалдасаго машгьурал заводазул нухмалъулел. Масала, Гъизляралъул заводалъул директор Ибрагьим АхIматIов. Цогидазда дандеккун жидер доба иш лъикI бугин абуна гьес, амма гIолилал рачIунел гьечIила хIалтIизе. Гьезие бокьун гьечIила басрияб къайи-цIаялда хIалтIизе. Гьединлъидал цIияб аппаратура босизе жидее гIарац къваригIун бугила.

«Электросигнал» заводалъул директор ГIабдуразакъов ТIалхIатица бицана зама-заманалдасан халгьабиял тIоритIизе рачIунел низам цIунулез рахIат хвезабун бугила жидер. Гьединазул 28 гIуцIи рагIула республикаялда. Ришватал тIалаб гьаризе лъугьунила гьел.

Гьеб хIужа тасдикъ гьабуна республикаялъул прокурор Рамазан Шанавазовасги. Гьедин гьез гьукъун буго исана заводазда тIобитIизехъин батараб 150 гIан халгьаби.

Форумалъул ахиралда кIалъана медицинаялъул гIелмабазул доктор МухIамад Мажидов. Чанго сон буго гьес хIукуматалде цо проект битIаралдаса, амма доз гьелъие жаваб кьолеб гьечIо.

Мажидовасе къваригIун буго Дагъистаналда фармацевтикаялъул завод базе. Хас гьабун абуни, бидул бакIалда чорхолъе биччазе бегьулеб дару ургъун буго гьес. Амма гьелъие хIажатаб 5 млрд гъурущ республикаялда гьечIин жаваб кьуна тохтурасе дармилгун промышленносталъул министр Юсуп ГIумавов.

Мажидов МухIамадица ЭР-ялъе гьадин загьир гьабуна форумалда тIасан пикру.

Мажидов МухIамад: «ГIемераб хабар бицунеб буго гьаниб. Модернизациялъул бицунеб буго. Гьеб жо ккола, мисалалъе, хьитида рукъи байги. Революция гьабизе ккола гIелмудулъ. Гьединаб революция гьабизехъин буго нижеца цIияб даруги биччан. Каспи ралъдалъ буго нилъер чорхое къваригIанщинаб жо.

Мажидов МухIамад
Мажидов МухIамад

ГьабсагIат 40 процент гурони нилъер хIукуматалда доноразул би гьечIо. 80 проценталъ дарабиги къватIиса росулел руго. Гьеб кинабго хисулеб дару гьабунани кигIан лъикI букIинеб. Брендин рукIуна бицунел.

Масала, нилъер бренд бугин кубачиязул хунжрул, ансадерил гIунсби, табасараназул халичаби…

Нилъее къваригIун буго Дагъистаналъул медицинаялъул бренд! Гъолъ нилъ дунялалдаго лъазаризе руго. Жеги кибниги гьечIо гъодинаб дару. Гьелъие гьанже президентас гьаниб нух бахъараб гIадаб жо кканилан кколеб бугоха дида. Би хисулеб дару къваригIинчIого киданиги букIине гьечIо хIукумат, чиги унтичIого вукIунаро».

Форумалда экономикаги хIакимзабиги каканиги, республикаялда гIезегIан ругин церетIеялъе ресалги инвесторазе хIажатал шартIалгиян абулеб букIана къватIиса рачIарал гьалбадерица.

XS
SM
MD
LG