МагъчIваялъе рес

«Болъоназул» гриппалъ унтаразул къадар 77 чиясде бахун буго


Дагъистаналда захIматаб «болъоназулилан» абулеб гриппалъ унаразул къадар 77 чиясде бахун буго. Араб анкьалда республикаялда 4 азаргоялдаса циIкIун ОРВИ ва гриппалъ  унтарал чагIи тIатинарун руго. Гьезул аслияб къадар кколеб буго 14 сон бачIел лъимал.

ГIаммаб куцалда, H1N1 вирусалъ унтаразул къадар улкаялда босанани, цIикIкIараб гьечIин республикаялдайин лъазабуна гьал къояз тIобитIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрас.

«Болъоназулин» абулеб захIматаб гриппалъ унтаразул къадар кIудияб хIутIулеб буго Дагъистаналда. Гьедин, жакъа къоялде, тIатинабун бугин 77 унтарав, гIаммаб куцалда Дагъистаналъул эпидемиологиялъул централъ тIобитIараб халгьабиязда тIатинабун буго 91 унтарал, гьезул 77 чиясул батун буго H1N1 вирус ва 14 чиясул H3N2 вирус. Амма республикаялда карантин социалияб кIваралъул объектазда лъазабизе ккараб хIал гьечIин бицана Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министрас 27 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда.

ГIаммаб куцалда, гриппалъ унтиялъул сурат лъикIаб гьечIила республикаялда. Масала, МахIачхъалаялъул азарханаялда 300 вахун чи вугила гриппалъ ва ОРВИялъ унтарав, гьезул цIикIкIараб къадар бугила пневмония лъугьарал.

Танка Ибрагьимов: «ГIизагIан кIудияб къадар буго унтаразул «Болъоназул» гриппалъ. Кинавниги 77 чи. Гьединго 14 H3N2 вирус батарал. Азарханаязда тIатинарурул гриппалъ унтиялъул лъугьа-бахъиназул хал гьабула эпидемиологиялъул централда. Гьедин, жакъа къоялде щуазаридаса цикIун хал гьаби тIобитIун буго. Цебеккун, гьеб вирус тIатинабун сахлъизарун руго 20 чи. Хвелазул бицанани, цебеккун лъазабун букIана 5 чи хвеялъул. Гьеб къадар хисичIо. Ункъо дагъистаниял ва цо Украинаялдаса ячIарай чIужу хвана. Гьел киналго прививкаби гьаричIел рукIун руго».

Вакцинация тIобитIун букIиналъ эпидемиялде сверичIила республикаялда «Болъоназул» абулеб грипп тIибитIи. Исана Дагъистаналда вакцинация тIобитIанила гIицIо 33 проценталъе, гьеб кколеб буго 970 азаргоялдаса цIикIкIун чи. Амма республикаялда кIудияб къадар вакцинаялдаса инкар гьабулезулги бугилан лъазабуна министрас.

Танка Ибрагимов: «974 вакцинаялдаса официалияб куцалда инкар гьабиялъул гIарза буго министерлъиялде бачIараб азарханаяздаса. Гьезул цIикIкIараб къадарги ккола лъимал гьаризе ругел руччаби. Вакцинация тIобитIизе гьанже бегьуларо, гьелда тIадеги, гьанже гьелъ унти багъаризабизецин бегьула. Араб пресс-конференциялда нижеца бицун букIана вирусалъулал дарабаз хIасил кьолин гриппалда данде къеркьеялъулъилан. Гьелдаса хадуб, чанго къоялда жаниб МахIачхъалаялда ругел аптекабаздаса гьел дараби тIуран лъугIана. Нижеца мекъе абун батана гьеб. Тохтурасухъе инчIого, рокъоб дару-сабаб гьабизе бегьуларо. Унтиялъул гIаламатал загьирлъидал, тохтурасухъе ине ккола».

УнтичIогон рукIиналъе гигиенаялъул тадбиразул кIвар бугин, гьелго гьурмада маскаби ххунани, лъикIаб букIунин, амма гьелъул рахъалъ гIунгутIаби ругин баян гьабуна министрас.

Дагъистаналда маскаби ххун хьвади, яги школалда лъималазда гьел рай билълъун араб гьечIин, гьел ран рачIанани лъималазухъ батIаго ралагьулелги ругин абулеб буго МахIачхъалаялдаса Лейла ХIамзатовалъ. ГьабсагIаталда школалда лъималазде унти бахине хIинкъи бугила, амма маскаби ххейилан лъицаго абулеб гьечIила. Жидерго мисалалда гьеб бихьизабиялде ахIана жамгIияй хIаракатчIужуялъ.

Январь моцI байбихьаралдаса шагьаралъул ясли-ахаздаги дагьлун руго лъимал Унтиялъукьа хIинкъун, ахазде ритIичIогон рокъор толел руго гьел улбуз. Масала, МахIачхъалаялдаса Раисат МуртазгIалиевалъ баян гьабуна 4 сон барав вас лъималазул ахалде витIичIин, гьениб кIиго лъимер унтун, рокъоб тараб мехалдаса бахъун.

Гьединго пресс-конференциялда бицана Дагъистаналда гьабсагIат цониги цIалул идара къан гьечIин гьеб гриппалъе гIолойилан. Амма киналго азарханабазда цIакъ кьварараб карантин лъазабун буго. Масала, унтарасде раккизецин риччалел гьечIо гьесул гIагарал, гьез кьураб къайи-цIа яги квен-тIехгицин босизе биччалеб гьечIо гьел азарханабазда.

XS
SM
MD
LG