МагъчIваялъе рес

«Болъоназул» гриппалъ Дагъистаналда щуго чи хун вуго


Дагъистаналда захIматаб «болъоназулилан» абулеб гриппалъ унаразул къадар 82 чиясде бахун буго. Гьезул щугояв къадаралде щун вуго. Интертеналдасан нус-нус чи хун вугин гьеб гриппалъин абун тIиритIизарурал баянал гьересиял ругин, гьеб унтуде данде къеркьеяъе жидеца букIине кколеб хIалтIи гьабулеб бугин лъазабуна талат къоялъ букIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъул ва Роспотребнадзоралъул республикаялда бугеб бутIаялъул вакилзабаз.

Дагъистаналда захIматаб «болъоназулилан» абулеб гриппалъ унаразул къадар 82 чиясде бахун буго. Гьезул щугояв къадаралде щун вуго. Интертеналдасан нус-нус чи хун вугин гьеб гриппалъин абун тIиритIизарурал баянал гьересиял ругин, гьеб унтуде данде къеркьеяъе жидеца букIине кколеб хIалтIи гьабулеб бугин лъазабуна талат къоялъ букIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъул ва Роспотребнадзоралъул республикаялда бугеб бутIаялъул вакилзабаз.

19 январалда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министерлъиялъ ва Роспотребнадзоралъул республикаялда бугеб бутIаялъул тIалъиялъ хасаб пресс-конференция тIобитIана.

Гьеб тадбиралъул аслияб масъала кколила ахираб моцIалъ республикаялда тIибитIун бугеб захIматаб Н1F1 гриппалъ унголъунги чан чи унтун вугев, гьелдаса цIунизе ккани щиб гьабизе кколебали баян кьейилан лъазабуна пресс-конферецния байбихьулаго Роспотребнадзоралъул нухмалъулей Элеонора ГIумариевалъ.

Ахираб заманалда Дагъистаналда гIемер батIи-батIиял харбал тIиритIун рукIана республикаялда цIакъ квешаб грипп багъарун бугин, нус-нусалдаса бахъараб аза-азаргоязде щвезегIан чи хун вугин гьелъиланги абун.

Хасго жал тохтурзаби ругин жидер азарханаялда чаналиго чи хванила, лъимал холел ругин абун бицуней щияли лъаларей цо гIаданги, жидер лъимал хванин вацаял яцал хванин абун бицунел цойги гIадамазул харбалги цин-циязухъе телефоналде ритIун гIадамазда гьоркьор цIакъ тIиритIизарун рукIана.

Гьелъ республикаялдаго рахIатхвей букIанин абизе бегьула. Гьел гьереси харбалги баяналги тIатинаризе ва унголъунги гьеб «болъоназулилан» абулеб гриппалъул къурбанлъун чан чи ккаравали лъазабизе къваригIун бугин жидеейилан абуна ГIумариевалъ.

Гьелъ журналистазе баян кьолаго абуна цо анкьида жаниб ай II январалдаса 19 январалде щвезегIан Дагъистаналда гIадатияб гриппалъ 3942 чи унтун вугилан. Гьезда гьоркьоса 2215 чи МахIачхъалаялда унтун вуго. Гьеб цо анкьида жанир унтаразул 400 чи азарханаялда регизарун руго.

Гьезул гIемерисел гриппалъ унтун хадуб гьелъ гьуърул унтизарун цойги унтарал бакIазде кьун захIматаб хIалалда рукIиналъ рачун руго азарханаялде. Бищунго захIматабилан абулеб H1F1гриппалъ кинавниги 82 чи унтун вукIун вуго.

Гьезул 12 чи гьаб сагIат жеги азарханабаздаго руго. Щуго чи хунги вуго. Гьел хвеялъе гIиллалъун кканила цохIо гьеб захIматаб гриппалъ унти гуреб, гьезул цойги захIма-захIматал унтаби рукIин. Масала, цоязул чакаралъул унти букIун буго, цойги кIигоял ургьисалаби унтиялъ сакъаталлъун рикIкIарал чагIи рукIун руго, цойгиясул гьуърул унтун рукIун руго.

КватIун гурони медицинаялъул кумекги тIалаб гьабун гьечIо гьел гIадамаз. Гьелъ тохтурзабазул кумек кватIун гурони щвечIолъиялъ хванин гьел гIадамалилан лъазабуна пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз.

Гьеб «болъоназул»илан абулеб гриппалъ унтун хваразда гьоркьой цо Украинаялдаса ячIарай гIаданги йикIун йиго, хутIарал Дагъистаниял руго. Гьезда гьоркьоб цо лъимерги букIун буго.

Гьел киналго гIадамаз гриппалъ унтичIого рукIине гьаризе кколел дараби, ай вакцинация гьабун букIун гьечIин, гьеб гьабиялде чара гьечIого кIвар кьезе кколин лъазабуна пресс-конференциялда Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министр хисулев Фейзулагь ХIабибулаевас.

Фейзулагь ХIабибулаев: «Нижеца гьабулеб мониторингалъ бихьизабуна гриппалъ гIорхъолъа ун гIемер чи унтун гьечIин гьаб сагIат республикаялдайилан. ГIаммаб къагIидаялъ босани Россиялда киса-кибего бугеб гIадинаб ахIвал –хIал буго нилъер гьаниб гьел гIадатаб гриппалъ унтаразда ва «болъоназул»илан абулеб гриппалъ унтаразда сверун. РукIине бегьуларелгIан гIемер гIадамал унтун гьечIо цониги гриппалъ.

Аслияб жо буго гIадамаз гьеб грипп багъарилалде гьелде данде чIарал дараби гьари. Квачараб мехалда багъарулелъул гьеб унти. Нижеца щибаб санайил ноябралда декабралда рокъо-рокъоре хьвадун, цIалулел, хIалтIулел бакIазде ун гьарула гьелде данде дараби.

Ахирал саназда цо-цо гIадамаз инкар гьабулеб буго гьел дараби гьаризе, цояз диналде данде кколарин гьелилан абула цойгидаз цойги батIиял багьанаби рукIуна, хIал гьабун гьезда дару гьабун лъихъаниги бажарунаро.

Унтаралги камилищха данде дару гьабулеб гьечIеб мехалда. Нижеца гьел унтарал сах гьариялъе рукIине кколел хIалтIаби гьарулел руго шартIал чIезарун руго. Гьединлъидал ниж гьеб гриппалде данде къеркьезе хIадур гьечIин аби гьеб гьереси буго. Масала хас гьабун гьедин унтарал регизаризе тIадеги бакIал рагьун руго махIачхъалаялъул азарханабазда.

Лъимал гьаризе ругел гриппалъ унтарал руччаби регизарулел руго республикаялъул аслияб азарханаялда, гьединго гриппалъ унтарал лъимал регизарулел руго тахшагьаралъул тIоцебесеб азарханаялда.

Гьел сах гьарулел ругел тохтурзабазе тIадеги малъа-хъваял гьаризе гьуърузул унтабазул, рахунел унтабазул профессоралги ахIун руго. Гьединго рукIине кколелщинал дарабиги чIезарун руго. Щибаб гьел унтарал регизарун ругел азарханабазда тIадеги реанимациялъе хIажатал дарабиги, тохтурасе къваригIунел инструменталги руго».

Гьединго пресс-конференциялда бицана дагъистаналда гьаб сагIат цониги цIалул идара къан гьечIин гьеб гриппалъе гIолойилан. Амма киналго азарханабазда цIакъ кьварараб карантин лъазабун буго. Масала, унтарасде раккизецин риччалел гьечIо гьесул гIагарал, гьез кьураб къайи-цIа яги квен-тIехгицин босизе биччалеб гьечIо гьел азарханабазда.

XS
SM
MD
LG