МагъчIваялъе рес

Дараби гIунги токIал руго, амма унтаразухъе гьел щолел гьечIо


Дагъистаниязул гIарз буго хIукуматалъул азарханаялдаса жидее дараби щолел гьечIин, гьел жидецаго ричун росизе кколел ругилан. Сон байбихьаралдаса гьединаб чанго гIарза бачIун буго республикаялъул ЖамгIияб Палатаялде. Гьеб суал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIана гьез 20-абилеб маялда, сахлъи цIуниялъул иш тIаде кколел идарабазул чанго вакилги ахIун.

Дагъистаналде рачIунелщинал дарабазул 80 процент бачIунеб буго къватIиса хIукуматалъул фирмабаз хIадур гьарурал дараби. Амма араб соналъул ахиралда доллар эхеде бахаралдаса гьелъул гьоркьоб къотIи ккун букIун буго.

Гьелда бан Россиялъул хIукуматалъул хасаб хIукмуялда рекъон гIуцIун буго дараби росиялъул рахъалъ комитет. Гьеб комитеталъухъе кьезе кколел руго азарханаялъул бетIерал тохтурзабаз тIад дарабазул сияхIги хъварал документал.

Гьез жидехъе гъалатIалги гьарун ритIулел ругин гьел кагътал, гьединлъидал жидеца нахъчIвазе кколел ругин гьезул документалин абун багьана бачунеб буго дараби росулеб комитеталъ.

ГъалатIалниги рукIунел ратилин гьенир, кин букIуниги 70 тIамач цIурал кагътал ритIулелъул гьез гьенире, гьеб жо сабаблъун дараби росизе инкар гьабулин абураб жо бичIчIизе захIмалъулин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ЖамгIияб Палатаялъул вакил Хадулаев Шамилица.

Гьеб суалалда тIасан хасаб данделъи тIобитIана гьез 20-абилеб маялада. Гьезухъе исана сон байбихьаралдаса гIемерав чиясул гIарза бачIун буго хIукуматалъул азарханаялдаса дараби щолел гьечIин жидее, жидецаго росизе кколел ругилан абун. Жидецаго росулел ругин къватIиса хIукуматалдаса рачIунел дараби цIакъго хираго чIолел ругин гьезиеян абуна Хадулаев Шамилица.

Хадулаев Шамиль: «Тохтурзабазе гьеб кинабго цIияб жолъун букIиналъ гьел лъикIалан хадур гъолел гьечIо гьеб киналдаго, гьедин тIокIал чIечIого доре нахъе документал ритIулел гьелги рукIун пакъирал унтарал гIадамал хутIулел руго дарабиги гьечIого.

Дараби росизе гIарац биччалеб буго медицинаялъул страхование гьабулеб республикаялъул фондалъ. Гьез абулеб буго жидер гIайиб щибниги гьечIин, гIарацги бугин, дарабиги ругин ричун росизе гIурал, кинабго гIайиб бугин гьел азарханаялъул бетIерал врачаздагун дараби росулеб комитеталдаги, гьез жидедаго гьоркьоб иш роцIцIине гьабейин абейилан».

ХIасил-калам гьел дандеккунгутIиял лъугIизаризе къотIиги гьабун биххун буго 20 маялда ЖамгIияб Палатаялда букIараб данделъи. Хадулаев Шамилил рагIабазда рекъон гьединаб ахIвал-хIал республикаялъул шагьараздагун 22 мухъалда рагIула.

Амма жидер лъоба гьединаб къварилъи гьечIилан бицана Эркенлъи радиоялъе, Гумбет мухъалъул аслияб азарханаялъул бетIерав тохтур СайгидахIмадов МухIамадица:

СайгидахIмадов МухIамад: « ГIадамазе кьезе кколел дарабазул рахъалъ налъи буго нижер араб соналъго хутIараб. Амма гьеб налъи букIунилан абун нижее дараби риччачIого течIо. Гьеб налъиги цо моцIида жаниб тIасабихьизабизе ракIалда буго. Гьединлъидал нижер мухъалда гьединаб гIунгутIи гьечIо.

Буго гьениб цо гьадинаб жоги. Шагьаралда ругел, хасаб бетIергьанлъиялъул клиникаялдеги ун, цо унтиялъе 10 дарабиги рихьизарун рачIана нижехъе чагIи, амма гьезие гьел дараби кьезе нижеда тIадаблъун гьабун гьечIо.

Щайин абуни сахлъизе квер бараб хIалалда унтарав вугони гьесие щугоялдасаги цIикIкIун дару кьезе кколаро тохтурас, анлъабилеб дару кьолеб бугони гьеб кьола тохтуразул комиссиялъул хIукмуялда рекъон.

Жидее шагьаралда хасаб бетIергьанлъиялъул клиникаялда гьадинал дараби хъванин, гьелда рекъон сах гьарейилан чIола цо-цоял, гьединаб жо дандекколаро сахлъи цIуниялъул гIуцIиялда. Киназего гIаммаб цо стандарт, диагноз буго сахлъи цIуниялъул хIалтIуда жаниб.

Гьединал цо-цо дандеккунгутIиял камуларо унтаразулгун, амма дараби кьолел гьечIилан абураб гIунгутIи нижер гьаниб гьечIо».

Росизе кколел дарабазул сияхIал хIадурулаго гъалатIал риччалел ругин азарханаялъул бетIерал тохтурзабазилан, дарабазул рахъалъ комитеталъ чIвараб гIайибалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго СайгидахIмадов МухIамадица гьадина бицана.

СайгидахIмадов МухIамад: «44 абилеб федералияб къануналда рекъон хIадур гьарурал, нижедагоцин лъикI ричIчIуларел тIалабал руго гьел пачалихъиял хIажалъабазе босулеб къайиялда жанир. Гьединлъидал нижеда абун буго гьединаб хIалтIуе кумекалъе цо лъай камилав бухгалтер восейин хIалтIудеян.

Гьединав чи валагьулев вуго нижецаги. Гьез бицунел гъалатIал рукIине бегьула тохтурас хIадур гьабураб сияхIалда, гьел гъалатIал хисизаризе заманги кьола гьез, щибниги гьениб кочIое ахIизе ккараб жоги бихьуларо дида. Гьединал гъалатIал рукIине бегьулилан гьеб комитеталъул вакилзабаз нижеда бицунги букIана гьезулгун дандчIваялда».

Лъиениги балъгояб жо гурин къватIиса хIукуматалдаса рачIунел дарабазул асар къуватаб букIунеблъи, гьединлъидал гьелго къабул гьарулел ругин халкъалъги.

Пачалихъалъул фармацевтикияб магIишат лъикI хIалтIулеб букIарабани нилъ гьезде ккелароанилан абулеб буго бакълъулазул бетIерав тохтурас.

XS
SM
MD
LG