МагъчIваялъе рес

Каспийскалъул азархана: бицалъ хутIараб ремонт


 Каспийскалъул азарханаялъул рукъ
Каспийскалъул азарханаялъул рукъ

Каспийск шагьаралъул азарханаялда чанго бутIаялда санитариял шартIал хвезариялъул хIужаби тIатинарун руго Роспотребназоралъ. Азарханаялде 2013 соналъул ахиралдаса бахъун чанго хIакимзаби рачIун руго, цIигьариялъул хIалтIаби гьарун, кколел шартIал чIезаризе рагIи кьун, амма жакъа къоялдеги хисараб жо гьечIилан абулеб буго азарханаялъул хIалтIухъабаз.

Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилзабаз Каспийск шагьаралъул централияб азарханаялда тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда чанго санитраиял шартIал ва къанун хвезабиялъул хIужаби тIатинабун буго. Гьедин, азарханаялъул инфекциялъулаб, стоматологиялъул ва лъимал гьарулеб бутIаби гьенир кколел шартIал чIезаризегIан къай тIалаб гьабун гIарза кьун бугин диваналдейилан лъазабулеб буго Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул управлениялъул пресс-хъулухъалъ.

Хасаб рацIалъиялъул режим чIезабун букIине кколеб инфекциялъул бутIаялда кверал чуризе ресцин гьечIила, гьединго чIезарун гьечIила чороклъи тIагIинабулел хасал лъамалъаби. ГIусал къачIалеб бутIаялда гьенибго гIадин кколел тIагIалаби гьечIолъи бугила ва киса кибего къадада чIвараб ккал ва бичI-бичIун инеб мокърукь бакI бугила. ЦIигьариялъул хIалтIаби хIажат ругила гьенир. Азарханаялъул лъимал гьарулеб бутIаялда гIодоб, къадада ва мокърукь цIигьариялъул хIалтIаби хIажат рукIин гуребги, бугила ккал ва регьел, гьанже гьабураб лъимада цо лахIзаалда унти ккезе хIинкъи бугеб хIал бугила гьенибин лъазабулеб буго Роспотребнадзоралъ.

Каспийскалъул азарханаялъул рукъ
Каспийскалъул азарханаялъул рукъ

​Каспийскалъул азарханаялда цIигьариялъул хIалтIаби гьаризе хIажат ккеялъул бицине байбихьана 2013 соналъул ахиралдаса, Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министр Танка Ибрагьимов гьениве щун хадуб лъазабун букIана гьениб ремонт гьабизе хIажат букIиналъул. Хадубго гьенире арал ЖамгIияб фронталъул вакилзабазда Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабун буго гьеб суал тIубазе бугилан ва тIоцебесеб иргаялда лъимал гьарулеб бутIаялда байбихьизе бугин цIигьариялъул хIалтIабийилан. Гьеб мурадалда сахлъи цIуни цебетIезабизе 2020 соналде щвезегIан биччалеб 103 млн. гъурщил, 2014 соналъул ахиралде щвезегIан 25 миллион гъурущ биччазе бугин лъимал гьарулеб бутIа къачIазе.

Амма 2015 сон щваниги жал регьел ва ккал бугеб бакIалда хIалтIулел ругин, гIицIго пластикалъул гордал лъунин гьенир, гьез тIадеги ккалги чIвазабулеб бугин абулеб буго Каспийскалъул централияб азарханаялъул лъимал гьарулеб бутIаялъул хIалтIухъабаз. Медикияй яц Умакусум Сиражулиновалъ баян гьабухе, цIад бараб щинахъе жанибе бачIунеб буго лъим, гIекколеб буго мокърукь бакI, цинги бакъвараб мехалда гьениб бахараб гач гъенезе байбихьулеб буго. Цогидал гIунгутIабиги ругила гьенирилан бицана гьелъ.

Умакусум Сирижудинова: « Рагъулал авлахъалъул шартIалцин лъикIал ратила ниж хIалтIулеб бакIалда ругездаса. Гьединаб хIал буго лъимал гьарулеб бутIаялъул киналго рукъзабахъ, операциялъулаб палатаялде бачIараб цIияб къайи холеб буго гьениб бугеб рагьлица, гIекколел къадал ва мокърукьбакI. ГIицIго араб соналда цIиял пластикалъул гордал лъуна, гIодоб кафельги ккуна цIияб, амма гьеб бугони щиб чвахулеб тIох бугеб мехалда. Азарханаялъул минаялъулго тIох хисизе ккун буго, гьеб хисилин гьабилин абула гьанире рачIунез, амма гьабилин абураб жо гьабулеб гьечIо. ЦIад бараб сагIаталда чIорокаб лъим бачIуна бецIцIун, гьеб бакIаризе ккола тохтуразги хIалтIухъабазги цадахъ».

Гьединабго хIал бугила цогидал бутIабаздагийин тIаде жубана хIалтIухъаналъ.

Щай Каспийск шагьаралъул азарханаялда цIигьариялъул хIалтIаби гьарулел гьечIелали баян гьабулаго Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул вакил Зарина Агъдамовалъ баян гьабуна гьеб цIигьариялъул хIалтIаби лъабго бутIаялде рикьун гьаризе хIукму къотIун бугин ва 2016 соналда лъагIан лъугIизе гьечIилан. Цебеккун бицен гьабулеб букIараб 25 миллион гъурщил хIалтIаби гьариялде цо бутIа гурого биччан букIинчIила, хутIарал гьеб медикияб гIуцIиялъе хIажатал дару-сабаб ва цогидаб босизе бихьизабунин лъазабулеб буго министерлъиялъул вакил Багьавдин ГIалиевас.



XS
SM
MD
LG