МагъчIваялъе рес

Дару-сабабалъул къанагIалъи рештIун буго Кавказалде


Дагьав цевегIан Дагъистаналде вачIун вукIарав Россиялъул премьер Дмитрий Медведевас абуна Шималияб Кавказалда цIакъ унтараб суалллъун хутIун бугин дарабаздалъун гIадамал сах гьарулел бакIал хIебтIизари ва гьениб ахIвал-хIал хисизабизе кколилан. Мисалалъе, Дагъистаналда лъил гIайиб бугеб дараби унтаразухъе щолел гьечIолъиялъе ва щиб абулеб бугеб гьелда тIасан жалго тохтурзабазали цIех-рех гьабуна нижеца.

Дмитрий Медведевасул рагIабазда рекъон бищунго цIакъ дарабазул къанагIалъи рагIула рак унти ккарал гIадмал сах гьарулеб азарханаялда. Унтул гIазаб бигьа гьабизе кьолел дараби щолел гьечIин гIицIго унтаразул 18 проценталъе гурониян абуна хIукуматалъул нухмалъулес. КигIанго экономикияб квачIакълъи бугеб заман бугониги гьеб суал роцIцIинабизе нух батизе кколилан тIадкъай кьуна Медведевас.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна МахIачхъалаялда бугеб онкологиялъул азараханаялъулгун, амма гьениса нижехъе баян щвечIо. Нижеца цIех-рех гьабурал сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабаз абулеб буго хIакъикъаталдаги гIолел гьечIин дараби республикаялда. Хасго гьезул рахъалъ къанагIалъи бугин мугIрузул росабалъилан абуна Гъуниб мухъалъул Гьонода росдал амбулаториялъул тохтур Абакаров МухIамадгIарипица.

Абакаров МухIамадгIарип: «Нижее, азарханаялъул, амбулаториялъул гьединго ФАП-алъул хIалтIухъабазе бихьизабураб лимит буго хIукуматалъул дараби росизе кьолеб гIарцул. Мисалалъе, нижер амбулаториялъе бихьизабураб жо буго 2500 гъурущ, ФАП-алъе 1000 гъурущ.

МоцIрое дараби росизе нижее гьеб гIарац гIоларо. ХIукуматалда божун чIани ниж унтаразе дару гьабизе, гIадада хварал чагIи рукIине руго. Мисалалъе, цо къоялъ укол гьабизе дие бищун дагьалдасан хIажалъула лъабго шприц, моцIалъе гьеб ккола нусго шприц, бищун дагьаб къадаралда, гьелъухъ дица дирго кисиниса кьезе ккола 400 гъурущ.

Гьединго босилин унти секьизабизе чара гьечIого хIажалъулел анальгин абураб дару, гьелъул цо гъутухъ босизе ккани дир уна I00 гъурущ, гьеб цо гъутухъ абуни махIиего гIоларо. Гьединго росе рекIел дараби. Гьел киналго, унтаразе бищун цебесеб иргаялда хIажалъулел дараби росун моцIалъе дица харж гьабизе ккола 2500 гъурущ.

Гьелда хъвачIого унтарасул ругъун къачIазе хIажалъулел бинт, батIи-батIиял растворал, ва гьел гурел цогидалги дарабазухъ уна гIарац. ХIасил-калам цIакъ къанагIалъун буго дарабазул иш, гьеб рукIалиде ккезабизе рес батулебани, гьеб буго чара гьечIо гьабизе кколеб тадбир».

Гьединго чанги хIужа букIонин дараби росизеян райцентралде аралго гьелги ратичIого чIорого нахъруссине ккарабгиян бицана МухIамадгIарипица хадубги. Гьедин чанги рес бугел чагIаз росун рачIонила хIажалъи ккарал чагIазе кьеянги абун дараби.

Дагъистаналде рачIунелщинал дарабазул 80 процент бачIунеб буго къватIиса хIукуматалъул фирмабаз хIадур гьарурал дараби. Амма араб соналъул ахиралда доллар эхеде бахаралдаса гьелъул гьоркьоб къотIи ккун букIун буго.

Гьелда бан Россиялъул хIукуматалъул хасаб хIукмуялда рекъон гIуцIун буго дараби росиялъул рахъалъ комитет. Гьеб комитеталъухъе кьезе кколел руго азарханаялъул бетIерал тохтурзабаз тIад дарабазул сияхIги хъварал документал. Гьез жидехъе гъалатIалги гьарун ритIулел ругин гьел кагътал, гьединлъидал жидеца нахъчIвазе кколел ругин гьезул документалин абун багьана бачунеб буго дараби росулеб комитеталъ.

Гьеб суалалда тIасан хасаб данделъи тIобитIана гьез 20-абилеб маялада. Гьезухъе исана сон байбихьаралдаса гIемерав чиясул гIарза бачIун буго хIукуматалъул азарханаялдаса дараби щолел гьечIин жидее, жидецаго росизе кколел ругилан абун.

Гье данделъи тIобитIаралдаса иш дагьабниги рукIалиде бачIун бугилан бицана Эркенлъи радиоялъе ЖамгIияб Палатаялъул вакил Хадулаев Шамилица. Амма дарабазул къанаг1алъи хутIун бугин

Шамил Хадулаев: «ГIиси-бикъинаб жойиланги кколеб гьечIищха гьеб? Амма гьеб гIиси-бикъинаб жоялдалъун дараби щолел рукIинчIо унтаразе. Гьедин цо-цо тохтурзаби чIана азарханабазе дараби росизе тендерал жидехъего кьейилан. Гьел рази рукIинчIо гьенир пачалихъалъул хIажалъабазе къайи босулеб комитеталъул хIалтIухъаби гIахьаллъизе рукIиналда.

Гьедин тохтурзабаз абулеб букIана 200 азарго гъурущги дагьаб бугин тендералъе, цо млн гъурщидегIаги бахинабейин. Амма комитеталъул вакилзаби разилъичIо, жидецаго росилин дарабийилан. Гьедин гьез пачалихъалъул гIезегIан гIарац тIокI гьабуна.

Гьеб комитет гIуцIизегIан азарханабазул бетIерал тохтурзабаз чанги гIарац пасат гьабулаан пачалихъалъул, бугеб-гьечIеб багьаги дарабазухъ бихьизабун. Гьедин гьанже гьезие данде кколаро пачалихъиял хIажалъабазе гIоло къайи босулеб комитет гIуцIун букIин, щайин абуни гъоз жидехъа чед бахъулеб бугелъул. Гьединлъидал гьел бетIерал тохтурзабазул цо-цояз квалквалал гьарулел руго документал битIун цIезе, ургъунго гъалатIалги риччан.

Гьезие къваригIун букIуна бихьулищин, гьадаб комитеталъ гьарулел ругел квалквал абун гIадамазда ккезабизе. Гьелдалъунин абуни бищун кIудияб зарал ккола унтаразе. Щуго моцIалъгицин рукIана гIадамал дарабиги щвечIого».

Росизе кколел дарабазул сияхIал хIадурулаго гъалатIал риччалел ругин азарханаялъул бетIерал тохтурзабазилан, дарабазул рахъалъ комитеталъ чIвараб гIайибалда тIасан жиндирго пикру загьир гьабулаго Гумбет мухъалъул аслияб азарханаялъул бетIерав тохтур СайгидахIмадов МухIамадица абуна «Эркенлъиялъе», 44-абилеб федералияб къануналда рекъон хIадур гьарурал, нижедагоцин лъикI ричIчIуларел тIалабал ругин гьел пачалихъиял хIажалъабазе босулеб къайиялда жанир.

Гьединлъидал нижеда абулеб бугила гьединаб хIалтIуе кумекалъе цо лъай камилав бухгалтер восейин хIалтIудеян. Амма Пачалихъалъул фармацевтикияб магIишат лъикI хIалтIулеб букIарабани ниж гьезде ккелароанилан абулеб буго Гумбет мухъалъул бетIерав тохтурас.

XS
SM
MD
LG