МагъчIваялъе рес

БацIцIадаб лъим гьечIолъиялъ эпидемиялде рачине бегьула


Лъел масъала Дагъистаналъул чанги росулъ буго.
Лъел масъала Дагъистаналъул чанги росулъ буго.

​Гьекъезе бегьулеб бацIцIадаб лъим гьечIел росаби гIемерлъизе бегьулин Дагъистаналдаян лъазабулеб буго экспертаз.

Мисалаллъун гьез рачунел руго ахирисел заманалда лъималдаса гIадамазул чорхолъе загьру ккеялъул хIужжаби.

Гьединал хIужжабазул цояб ккана ахирисеб мехалда Гъарабудахкент мухъалъул Доргели росулъ. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабухъе, гепатит А вирус бугел 23 чи ватун вуго гьеб росулъ ва гьел чагIазда гъорлъан гIемерисел лъимал руго. Гьебго диагноз букIине рес буго инфекциялъулаб азарханаялде анализал кьезе рачIарал 18 чиясулги.

Министерлъиялъул баяназда рекъон, росдалчагIазе прививкал гьарулел руго, унтаразе букIине кколеб медикияб кумекги чIезабун буго. Идараялъул вакилас абухъе, тохтураз халгьабулеб буго гепатит бугищали цогидал чагIазул. Мисалалъе, 1025 лъимадуе вакцинация гьабун буго.

Доргели росдал нухмалъулев ХIамзат Мурзаевас бицухъе, росулъ гьекъезе бегьулеб бацIадаб лъим гьечIо, гьелдалъун гепатиталъул эпидемия ккезе рес буго гьениб. Лъим бацIад гьабулеб система къваригIун буго росдае.

Гъарабудахкент мухъалъул администрациялъул нухмалъулев АхIмад ХIажиевас абуралда рекъон, росулъе гьекъезе бегьулеб лъим щвезабулеб букIана машинабазда. Амма администрациялъул гьеб тадбир гьоркьоса къотIун буго – гьел машинаби кквеялъе гьениб гIарац батун гьечIо.

Доргели жамагIаталъул шураялъул нухмалъулев Абсалитдин Мурзаевас «Эркенлъиялъе» бицухъе, лъел масъала тIубала лъим бацIинабиялъул хасаб система росулъ банани.

Абсалитдин Мурзаев: «Нижер росулъ лъималъул масъала буго - лъим бачIунеб кIиго иц бакъвана. Гьелдалъул росдалчагIазе лъим босизе бакI букIинчIо. Лъел гIейгьечIолъиги бихьун, гIадамаз гIарацги бакIарун лъим цIунулеб бассейн ай водохранилище бана. Амма гьенибе лъим бачIунеб букIана Къадаралъул зонаялдаса, цогидаб бакIалдаса гьеб бачине рес букIинчIо. ГIурул лъим хIалтIизабулеб букIана росдалчагIаз. Гьеб лъим бацIинабулеб букIинчIо, лъим бацIцIинабиялъул система бачIо росулъ.

Республикаялъул хасаб программа букIана, "БацIцIадаб лъим" абулаан гьелда, гьелъие гъурщил 426 миллионги бичан букIана. Гьеб программаялда рекъон, росулъ базе кколаан лъим бацIцIулеб станция. Амма станциял разесел сияхIалдаса Доргели нахъе рехана щаялиго. Гьеб программаялда рекъон, анцIго станция базе кколаан Дагъистаналда. КIиго гурони бан гьечIо ва гьезул цояб хIалтIулебги гьечIо тIадежоялъе. Доргели росулъ лъималъул масъала бугеблъи лъалеб букIана, амма гьелъие кIвар кьечIо. ХIасил нужедаго бихьулеб буго. Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ щаялиго гьерсал рицулел руго къоло хадув чиясул батанин гепатит А. Дир информациялда рекъон, гьеб вирус 34 чиясул буго. Дагъистаналда бугеб Роспотребнадзоралъул хитIаб битIун букIана республикаялъул хIукуматалде лъел масъала росулъ тIубаян».

Роспотребнадзоралъул идараялъул сайталда лъун бугеб информациялда рекъон, лъел масъала Дагъистаналъул чанги росулъ буго. Мисалалъе, Лак мухъалъул анлъго росулъ нормалияб лъим гьечIо. Гьединабго масъала буго Гъаякент мухъалъул щуго росулъги. Идарялъул специалистазул рагIабазда рекъон, санитариял нормабазда дандекколеб лъим гьечIо рехсарал мухъазул росабалъ.

XS
SM
MD
LG