МагъчIваялъе рес

РакъунчIей заманалъ къотIизабун буго


БалугълъичIей ясалда жинсияб хIал гьабиялъул гIайиб гIутIизабулел ругезул эбел-инсуца жидерго лъимал цIунун лъазабураб ракъунчIей къотIизабун буго.

Заманалъ гьоркьоб къотIизе тун буго балугълъичIей ясалда жинсияб хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабурал Хасавюрталдаса гIолохъабазул эбел-инсуца тIобитIулеб букIараб ракъунчIей. Гьеб акциялдалъун гьезие бокьун букIана жидер лъималазда гьечIеб гIайиб гIунтIизабулеб букIиналъул рагIизабизе ва гьелда жидерго разилъи гьечIолъи загьир гьабизе. РакъунчIей къотIизабун буго улбузул сахлъиялъул рахъ квешлъун. Дагьаб мадар лъугьарабго цIидасан гьел акциял Москваялда тIоритIизе ругила жидеца, Дагъистаналда жидехъ гIинтIамулев чи ккечIин лъазабулеб буго ракъунчIеялъул гIахьалчагIаз.

21 декабралда гьоркьоб къотIизе тун буго Хасавюрталдаса 15 сон барай ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулезул рахъккун тIобитIулеб букIараб ракъунчIеялъул акция. Гьеб тадбиралъул гIахьалчагIи рукIана, гьеб цебехун бицен гьабураб такъсир гьабиялъул щаклъибугезул эбел-эмен.

ИчIабилеб декабралдаса нахъе халат бахъараб гьеб ракъунчIей лъазабиялъе гIиллаялъул «Эркенлъи» радиоялъ цебе-цебеги чанцIулго бицун букIана. Гьедин кIиго соналъ цебе рагьараб гьеб ишалъул цIех-рех ахиралде щолеб букIун ва кватIичIого гьелъул гIахьалчагIазе диван къотIизе букIиналъ рахъун руго гьел гIадамал акциялде. Гьеб такъсир ургъун бахъун букIин ва жидер лъималазда гIайиб гьечIеблъи чIезабизе жидеда кIвезехъин гьечIолъи бичIчIараб мехалда рахъанила жал къватIиейилан абулеб буго акциячагIаз. Гьей ясалда унголъунги хIал гьабун букIарабищ букIинчIищали чIезабун гьечIила цIех-рехалъилан абулеб буго адвокатаз.

Гьезул рагIабазда рекъон унголъунги гьеб такъсир букIун батаниги гьелъул гIахьалчагIилъунги рихьизарун, балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел ругезул гIемерисел гьеб заманалда Дагъистаналдацин рукIун гьечIо. Амма гьедин букIаниги я адвокатазул далилазухъ, яги экспертизаялъул баяналъухъ гIинтIамулеб гьечIила цIех-рехчагIаз, гьезие гьеб гьитIинай ясалда хIал гьабиялъул иш рагьанин жидеца, такъсирчагIи туснахъ гьарунин абун цIар щвезе къваригIун бугилан лъазабулеб буго ракъунчIараз ва гьезул адвокатаз. БатIияб къагIидаялъ ритIухълъи чIезабун бажариялда жидер божилъи гьечIила, къуваталъул идарабазул системаялъ жиндицаго тIамулел ругила жал гьадинал гIорхъолъа арал ишал гьаризейилан абураб пикру загьир гьабулеб буго ациялъул гIахьалчагIаз.

11 къоялъ хатат бахъараб гьеб акциялъул гIемерисел гIахьалчагIи унтун лъугьун, гьоркьоб къотIизе тезе кканин жидеца гьебилан лъазабулеб буго акциячагIаз. Гьезда гьоркьор гьадингоги сахлъиялъул рахълъикI гьечIел гIадамал рукIун руго, цоязул цIакъго бахараб бидул тIадецуй, цойгиялъул астма, рекIел унти, гепатит букIун буго. РакъунчIеялъ ва букIине кколедухъ дараби гьекъечIолъиялъ цIакъго квеш лъугьун руго гьел. РакъунчIаразул ункъго чи гьабсагIатги азарханаялда вегун вугин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб тадбиралъул гIахьалчIужу ГIабдулхIамидова Нинаца.

Нина ГIабдулхIамидова: «Нижеца гьеб ракъунчIей гьанже Москваялда тIобитIизе буго. Гьаниб нижехъ гIинтIамулев чи ккечIо. Гьалгощинал къояз ракъунчIей лъазабун бугел нижеда нужгIаги щиб гьабулел чагIийин, нужер щиб тIалабалин ругелин абун цIехон цохIо Хасавюрталъул мэр гурони вачIинчIо. АнцIила цо чиясул щугояв хутIана нижер, хутIарал киналго унтун лъугьун хехаб кумекалъул автомобильги ахIун азарханаялде рачун ун рукIана. Цоял дагьаб заманалдасан риччана гьениса укъгоял жеги азарханаялдаго руго. Гьедин букIаниги акция лъугIизе тезе ракIалда букIинчIо нижеда. Адвокатаз абуна гьедин нужедаго дагьабги унти ккей гурони гьаниб гьелъул хIасилги кколеб гьечIила, гьединлъидал гьеб лъугIизе тун лъикI букIинила заманалъилан. Кида ниж Москваялде иненалиги жеги лъаларо, кинабго акциячIазул сахлъиялда бараб жо буго. Цойги нухалда Дагъистаналъул прокурорасухъеги кагъат хъвана нижеца гьеб нижер васаз гьабунин абулеб бугеб такъсиралъул букIине кколеб цIех-рех гьабейиланги гьарун, гьелъулги щибго хIасил ккечIо. Хасавюрталъул мэрас абун букIана жиндица нуж прокуроргун дандчIваялде рачинилан, амма нижгун гьев дандчIвачIо. ДандчIвайищ букIунеб нижехъе телефоналъ ахIунцин бачIинчIо гьез».

Гьединго Нина ГIабдулхIамидовалъ абуна цебе-цебеги жинца абун букIахъин жидер тIалабал тIурачIони жиндица шагьаралъул аслияб майданалдеги яхъун жийго жинцаго юхIизе йигилан. Гьеб иш гьабизе тIамулей йигила жий тIалъилъе ва къуваталъул идарабазе жидер къварилъиялъул ургъелгьечIолъиялъилан.

Гьей ясалда хIал ичIго чияс гьабун бугин лъазабулеб буго цIех-рехчIагIаз. Гьезул щугоясул иш диваналде кьун буго, лъабгоясулалда хурхун жеги цIех-рех унеб буго, цояв цIех-рехалде лъазавун вуго. 18 декабралда Хасавюрталъул диваналда гьеб такъсиралъулъ гIахьаллъи гьабиялъул щаклъи бугел ХIажиевасул ва ГIабдулхIамидовасул ишазул иргадулаб халгьаби тIобитIана. Прокурорас гьел гIайибиял рукIиналъе далилал рачун хадуб диванчияс халгьаби нахъбахъун буго. Гьезул адвокат Сапият МухIамадовалъ абулеб буго диваналъ жиндица гьел гIолохъабазда гIайиб гьечIолъи бихьизабулел далилал рачаниги гьезухъ гIинтIамулеб гьечIилан.

XS
SM
MD
LG