МагъчIваялъе рес

Далилал лъиданиги рагIунел гьечIо...


КIиго соналъ цебе хасавюрталда 15 сон барай ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабуразда гьечIеб гIайиб тIад чIезабизехъин бугин абун, гьел цIунизелъун, гьезул эбел инсуца лъазабураб ракъунчIеялъул акция жеги халат бахъунеб буго.

Гъоркь арбагI къоялдаса нахъе ине бугеб гьеб тадбиралъулъ цин анцIго чияс гIахьаллъи гьабулеб букIана. КIиго къоялдасан гьей ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вугезул цояв Г1умарх1ажиев ГIалибулатги гIахьаллъана гьеб ракъунчIеялъулъ.

Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе 2013 соналдаса нахъе халат бахъунеб бугеб гьеб ишалъул цIех-рех ахиралде щолеб букIиналъ ва кватIичIого гьелъул гIахьалчагIазе диван гьабизе букIиналъ рахъун руго гьел гIадамал акциялде.

Гьеб такъсир ургъун бахъун букIин ва жидер лъималазда гIайиб гьечIеблъи чIезабизе жидеда кIвезехъин гьечIолъи бичIчIараб мехалда рахъанила жал къватIиейилан абулеб буго акциячагIаз. Гьеб такъсир унголъун букIарабищ букIинчIищали чIезабун гьечIила цIех-рехалъилан абулеб буго гьезул адвокатаз.

Гьезул рагIабазда рекъон унголъунги гьеб такъсир букIун батаниги гьелъул гIахьалчагIилъунги рихьизарун, балугълъиялде яхинчIей ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел ругезул гIемерисел гьеб заманалда Дагъистаналдацин рукIун гьечIо.

Амма гьедин букIаниги я адвокатазул далилазухъ, яги экспертизаялъул баяналъухъ гIинтIамулеб гьечIила цIех-рехчагIаз, гьезие гьеб гьитIинай ясалда хIал гьабиялъул иш рагьанин жидеца, такъсирчагIи туснахъ гьарунин абун цIар щвезе къваригIун бугилан лъазабулеб буго ракъунчIараз ва гьезул адвокатаз.

БатIияб къагIидаялъ ритIухълъи чIезабун бажариялда жидер божилъи гьечIила, къуваталъул идарабазул системаялъ жиндицаго тIамулел ругила жал гьадинал гIорхъолъа арал ишал гьаризейилан абураб пикру загьир гьабулеб буго ациялъул гIахьалчагIаз.

Итни къоялъ ракъунчIей лъазабуразул ичIго чи хутIун вуго. Акциялъул кIиго гIахьалчи унтун, тату хун лъугьун хехаб кумекги ахIун гьез рачун ун руго, тIубан сахлъиялъул рахъ нахъе ккезехъин букIун гьел заманалъ акцияги гьоркьобкъотIизе тун рокъор ругин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ракъунчIеялъул гIахьалчIужу ГIабдулхIамидова Нинаца.

Нина ГIабдулхIамидова: «КIигояв нахъе вачун ана, цойги кIигоясул бидул тIадецуй цIакъго бахун букIун хехаб кумек ахIун букIана. Регун рукIун гурони, рахъине кIолеб хIал гьезулги гьечIо. Гьедин рукIаниги нижеца акция гьоркьоб къотIизе тезе гьечIо. Унтун лъугьун рокъоре рачун аразда гьоркьов вуго дой ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вугезул цояв ГIумархIажиев ГIалибулат.

Гепатиталъ захIматго унтарав вас вуго гьев, гьей ясалъ жий инжит гьаюнин гьезилан абулеб мехалдаги тIаде вахъун бажарулареб хIалалъ унтун азарханаялъул инфекцияллъул унтаби рукIунеб бутIаялда вегун вукIана гьев. Гьединго рокъове витIун ана нижеца цойги гьеб такъсиралъулъ гIахьалъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев ХIажиев Мурадил эменги. Гьев сакъатав чиги вуго, бидул тIадецуйги цIакъго бахун лъугьун букIана гьесул».

Нинаца бицухъе акция лъазабуралдаса анкь аниги гьезул гIинтIамурал чагIи цохIо Хасавюрталъул тIалъиги журналисталги гурони ккун гьечIо.

Нина ГIумархIажиева: «Нижгун дандчIвазе вачIун вукIана Хасавюрталъул мэр Зайнудин Охъмазов. ТIокIав щивниги я тIалъиялъул я къуваталъул идарабазул рахъалдасан нижехъе вачIинчIо. Мэрасги гьеб акция гьоркьоб къотIизе теялде ахIулел рукIана ниж. Гьадинал акциял тIоритIизе бегьуларила, гIайиб гьечIолъи гьел ракъунчIеялги лъазарун чIезабуларилан вукIана гьев.

Жиндица Дагъистаналъул прокурорасухъе ахIилила, гьесулги нужерги дандчIвай гьабиялъеги квербакъилин рагIиги кьуна гьес. Ниж гьаниса кирениги ине гьечIо, къватIиреги рахъине гьечIо. Гьев прокурорги нижехъе гьаниве вачIине виччан те».

РакъунчIей лъазабун хадуб цIех-рехчагIаз гьеб акциялъул гIахьалчагIул тIалабазда ва гьез цIех-рехчагIазда чIвалел ругел гIайибазда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб букIинчIо.

Итни къоялъ «Эркенлъи» радиолъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темирбековас лъазабуна гьел акциячагIаз жидеда кьучIгьечIел гIайибал чIвалел ругилан.

Расул Темирбеков: «ГIурал далилал ракIарун руго цIех-рехалъ гьей 15 сон барай ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулел унголъунги гIайибиял рукIин чIезабизе. Лъицаниги ургъун бахъараб жо гьениб щибниги гьечIо. Хасго тIалъиялъ гьединал ишал жидерго бербалагьиялде гъоркье рачунги рукIуна, щай гурелъул гьел цIакъго кIварцIикIкIараллъун рикIкIунелъул. ГIагараб заманалда гьезул ункъоясе диван къотIизе буго, цойгидазул иш жеги диваналде щун гьечIо, цояв цIех-рехалдеги лъазавун вуго».

РакъунчIараз лъазабулеб буго жидер васазда хурхун цIех-рех лъугIизе тезегIан жидеца акция халатбахъинабизе бугилан. Жидер мурадал тIурачIони МахIачхъалаялъул аслияб майданалдеги яхъун жийго жинцаго юхIизе йгиланцин лъазабулеб буго ракъунчIаразул цояй Нина ГIабдулхIмидовалъ.

XS
SM
MD
LG