МагъчIваялъе рес

Щай раккарал педофилазул "гьужумалъул" хIакъалъулъ харбал Дагъистаналда?


Дагъистаналъул хасал идарабазул баяназда рекъон гъоркьисала ва исана республикаялда педофилал рукIиналда щаклъи бугев 76 чиясда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьезул 8 проценталда тIад гIайиб чIезабун буго, хутIаразда бан цIех-рех лъугIун гьечIин лъазабулеб буго республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ.

Ахираб заманалда Дагъистаналда гIадамазда хIинкъи ккезабун бугин гьел педофилал гIемерлъиялъун ругин абурал харбазин абизе бегьула. Социалиял сайтазда ругел къокъабаздасан батIи-батIиял чагIаз гьезул лъималазда хадур щалали лъаларел чагIи лъугьун рукIараб куцалъул бицун батIи-батIиял баяналги кьолел рукIана.

ЦIакъго гIемерал гьединал лъугьа-бахъиназул бицун Буйнакскалдаса ва гьебго мухъалдаса гIадамаз кьолеб букIана информация. Цо гIаданалъ хъвалеб бугоан Буйнакск мухъалъул Хъарани росдада аскIов цо гьитIинай ясги йикъун гьелда хIал гьабиялда щаклъи бугев чи ккунилан абун. Гьес бицанила жидер цадахъ рекъон гьеб хъубаб пиша гьабулел 60 чиясдасан гIуцIараб къокъа бугилан.

Гьелъ Буйнакскалда полициялъул хIалтIухъабазгицин школазде рачIун лъималазул тIалаб гьабейилан лъазабулеб бугин рагIанила жиндидайилан абулеб буго Буйнакскалдаса ГIалиева Саидацаги. Гьелъул ясги щивали лъаларев чи хадув лъугьун вукIун, гьесдаса хIалихъе тIурун йорчIун йиго.

ГIалиева Саида: «Буйнакскалда ичIабилеб школалда аскIоб бугеб тукаде араб бакIалда цо чи хадув лъугьун вукIун вуго дир ясалда. ХъахIаб гордеги ретIарав кIудияв чи вукIанин гьевилан аби гурони, тIокIаб жо бицун бажарулеб гьечIо гьелъухъа гIемер хIинкъиялъ.

КIудияб талихIккун буго дир яс гьесдаса тIурун тукаде жание йорчIи. Гьей жаний кIанцIун ячIараб мехалда тукада рукIарал чагIи къватIире раккигун гьев чи тIурун ун ватун вуго. Гьел автомобилаздаги рекIун руго гьанир жидерго чорокаб иш гьабулеб. Чанго чIегIераб приора буго гьезул. Дида цадахъ хIалтIулей чIужуялъул ясалда хадурги лъугьун рукIун руго гьел чагIи.

Гьейги рокъой тIурун йорчIун йиго. Гьелъул эбел инсуца къотIноб букIараб видеокамералъул записалъухъ балагьараб мехалда гьениб бихьулеб буго гьей ясалда хадур лъугьун рукIараб куц».

Гьединго цо чанго анкьица цебе МахIачхъалаялда нефтеперегонная къотIнор кIиго гьитIинаб лъимада хадур лъабго бихьинчи лъугьунев вукIун, аскIосан унел гIадамазда рихьун, гьел гьоркьоре лъугьун цояв ккун вугила гьев бихьиназул, кIигоял тIурун рорчIун ругин абунги букIана интернеталда киса-кибего хъван.

Гьеб киналдаго тIасан баян кьолаго Дагъистаналъул жанисел ишазул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Фатина ГIубайдатовалъ «Эркенлъи» радиооялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана гьел педофилазул къокъа бугила Дагъистаналдайилан абурал баянал хIакъикъиял гурилан.

Фатина ГIубайдатова: «Унголъунги гьал гIагарал къоязда цо педофил ккуна Шамхалалда. ХутIарал гьел харбал гьересиял руго. Щибаб гьединаб хабаралъулни, интернеталда бугеб хъвай-хъвагIаялъулни халгьабичIого толаро нижер хIалтIухъабаз. Гьел гьерсазул хал-шал гьабиялда заман хвезабизе ккола гьез, гьелъул бакIалда хIакъикъиял такъсирал рагьиялда тIад хIалтIизе бегьулел рукIарал чагIи.

60 чиясдасан гIуцIараб къокъа бугила гьел педофилазулин абун харбал рукIана. Гьеб букIине рес бугеб жоцин гуро, щай гурелъул педофилал къокъабиккун киданиги рукIунаро. Гьезул батIияб психика букIуна.

Дида бичIчIула гIадамал хIинкъунги ратила, нилъер киназдаго бищунго захIмалъулеб, ракI унтулеб суал буго гьеб лъималазда хурхараб суал, амма гьедин хIакъикъиял гурел, гьанир дора рагIарал, яги жидедаго ракIалде ккарал кьучIгьечIел баянал тIиритIизаризе бегьуларо. Хасал чагIи руго ургъунго республикаялда бугеб ахIвал-хIал квешаб рахъалде буссинабизе, гьеб хIалуцинабизе гьел баянал тIиритIизарулел».

Гьел гьереси баянал ургъунго тIиритIизарулел чагIи ралагьиялда тIад хIалIтулел ругила гьаб сагIат полициялъул хIалтIухъабийиланги тIаде жубана Фатина ГIубайдатовалъ.

Цойги къуваталъул идарабазул мухIканал гурел баяназда рекъон гьел педофилазда хурхун баянал тIиритIизариялъе гIиллалъун рехсон буго Дагъистаналъул лъайкьеялъул министерлъиялъ исана лъайкьеялъул идарабазда лъималазул умумухъа батIи-батIиял багьанаби ратун гIарац бакIариялъул иш гьоркьоб къотIизабулеб букIиналъ.

Гьедин цебе хъаравуласейин абун лъималазул эбел-инсухъа бакIарулеб букIараб гIарцул цIикIкIунисеб къадар школазулгун лъималазул ахазаул нухмалъулезул чвантинибе унеб букIун буго. Гьеб жидее щолеб букIараб жо гьоркьоб инехъин букIин лъараб мехалда, гьел лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулез байбихьанин гьел педофилазда хурхун харбал тIиритIизаризе. Гьедин гIадамал хIинкъизарун, гьез хъаравуласдаса инкарали киб гурин гьабулев цойги хъаравулгицин кквезе гIарац бакIарулин абулеб буго гьез.

Гьанибго абизе ккола исана Дагъистаналда раккун руго педофилазде данде къеркьолел хасал гIолилазул къокъаби. Гьез интернеталда гIисинал лъималазде хъвадарулел, гьел дандчIваязде ва жинсияб гьоркьоблъи гьабизе ахIулел чагIи тIатинарулел руго. Гьереси аккаунтги гIуцIун гьитIинай ясалъул цIаралдасан гьезде хъвадарун, дандчIваязде ахIулел руго гьел. Гьезул суратал рахъун, видео бахъун гьел интернеталдасан тIиритIизарун суризарулел руго. Гьеб къокъа гIуцIарал чагIи ва гьезда гьоркьоре щал унелали лъалеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG