МагъчIваялъе рес

Пенсионер-педофил ккун вуго Дагъистаналда


Дагъистаналда гьал къоязда педофил вукIиналда щаклъи бугев чи ккун вуго. Бащадаб лъагIалица 10 сон барай яс инжит гьаюлей йикIун йигин гьесилан абун лъазабулеб буго цIех-рехчагIаз.

Психолог Замира Рамазановалъул пикруялда рекъон цере-цереги гьединал хIужаби республикаялда рукIун руго, амма эбел-инсуца гьел рахчизе кIванагIан хIаракат бахъулеб букIун буго. Гьанже гьезул бербалагьи дагьабго хисун буго. Адвокат Елена Денисенкоца рикIкIунеб буго педофилия Дагъистаналда цIикIкIун тIибитIиялъе цо-цо гIайиб низам цIунулезда бугилан, гьез цIакъ кIудияб кIвар кьолеб бугила жидерго хIисабазда гьединал такъсирал цIикIкIун рукIиналде, гьединаб хIисаб модаялда бугин, гьединлъидал чанги гIайиб гьечIел чагIиги гьеб модаялъул къурбаналъул кколел ругин гьанжейилан абулеб буго гьелъ.

Дагьал церегIан къояз дагъистаналъул цIех-рех чагIаз педофил вукIиналда щаклъи бугев 62 сон барав чи ккун вуго. Хасал идарабазул хIалтIухъабазул баяналда рекъон исана соналъул февраль моцIалдаса нахъе гьес жидерго мадугьалихъ йигей 10 сон барай яс зама-заманалдасан инжит гьаюлей йикIун йиго. ЦIех-рех лъугIизегIан моцIица туснахъ гьавизе хIукму къотIун буго гьесие диваналъ. Низам цIунулез лъазабухъе гьей ясалъ эбелалда бицун буго жиндие ккараб-тараб, гьелъ полициялдаги лъазабун бахъинабун буго ахIи-хIур. МахIачхъалаялда аскIоб бугеб Шамхал-Термен росулъа гьев пенсионер цеве киданиги цониги такъсир гьабиялда щаклъи бугев яги туснахъ гьавурав чиги вукIун гьечIо. Лъадиги ункъго кIудиял гIурал лъималги рукIун руго гьесул.

Ахирал саназда жаниб Дагъистаналда лъималазда хIал гьабиялъухъ туснахъ гьаруразул къадар 10 ялдасаги цIикIкIун буго. Руго гьезда гьоркьо цIикIкIарал гIелалъул гIадамалги. Щайин гьединал хIужаб ахирал саназ цIикIкIине лъугьаралин абураб суал кьуна «Экренлъи» радиояъ психолог Рамазанова Замирае.

Руччабазда хIал гьабиги, лъимал инжит гьариги цебе-цебеги кидаго букIараб жо бугила Дагъистаналда, амма гьединал лъугьа-бахъинал кIванагIан рахчизе хIаракат бахъулаанила гIагарлъиялъин абуна психологалъ. Гьанже гIадамазул пикру дагьаб хисулеб бугила. Гьезда гьоркьор раккулел ругила цойги гьединал хIужаби такрарлъичIого рукIиналъе гIоло жидер лъимадуе ккараб къварилъиялъул бицине хIадурарал чагIи. Амма кин букIаниги жеги букIине кколедухъ гьеб проблемаялде кIвар кьолеб гьечIин жамгIияталъ, гьеб бахчанагIан дагьабги цIакъ цIикIкIине ругила гьединал хIужабийилан бицана Замираца.

Замира Рамазанова: «Дида лъалеб ахираб заманалда жаниб ккараб щуабилебищ анлъабилебищали хIужа буго гьеб. Нилъер гIадамазул гIемерисезда кколеб буго лъие кканиги гьединаб къварилъи жиндир лъималазе ккеларилан. Гьединлъидал гьединал такъсиразде кIвар кьечIого толеб буго гьез. Гьоркьо-гьоркьор цо-цояз къуваталъул идарабазда лъазабун гьел педофилал тIатиналъе хIаракат бахъулеб буго, амма гьезул къадар цIакъго дагьаб буго.

Дихъе рачIунел лъималги рихьун абулеб буго дица гьеб. Дихъе гьарделаго рачIуна улбул гьеб иш къватIиб чIвазабугейила, кIвараб хIалалъ дуцаго кумек гьабейилан гьеб лъимадуейилан. Гьедин дихъе гьелги рачун рачIунел рукIинги гьебги кIудияб иш буго. Дицани специалист хIисабалда кIвараб кумек гьабула гьезие. Амма чанги психологаз тIуран ражаруларел, психотерапевтги хасаб медицинаялъулаб кумекги хIажатал лъималги рачIуна, амма азарханаялде гьел лъималги рачун умумул унаро. Балъго гьабизе къваригIун букIуна киназего. Дагъистаналда гIумру кинила гьединал лъималаз гьабилеб.

Ясал ругони жидеца кинила гьел росасе кьелел, васал гIолохъабазд гьоркьор кинила рукIунелин, гьезие гьаниб букIине кколедухъ гIумру гьабизе толарилан гьезда хIал гьабулеб букIраблъи лъанийилан абула умумуз. Гьедин балъго гьабулаго доб лъимадуй кколеб бугеб къварилъиялъул гьезда бичIчIулеб гьечIо. Заманалда букIине кколеб кумек щвечIони гьединал лъималазул бетIер сверизецин бегьула, батIи-батIиял комплексал лъугьуна, жалго жидецаго чIвазейилан лъугьуна гьел. БукIине кколедухъ гьединал лъималазде руссунел гьечIо, гьезде кIвар кьолеб гьечIо гIемерисел умумуз».

Гьединго психологалъ абуна къватIир чияр чияс хIал гьабулел лъималаздасаги, рокъор гIагарлъиялъ гьедин инжит гьарулезул къадар Дагъистаналда гIемер нухалъ цIикIкIун бугилан. Гьебги эбел-инсул гIайиб бугин рикIкIунеб буго гьелъ. Улбуз гьединаб хIалалде ккарал ясазде гьабулила гIайиб, жиндир вас яги рос гьеб хъубаб ишалъе гIайибияв вугин рикIкIунарила гIемерисел руччабазин абулеб буго Замираца. Гьединлъидал рокъой гьедин инжит гьарун, хадубги гьеб лъимер жибго гIайибияб бугин умумуз чIезабиялъ жалго жидецаго чIваялде кколила гьел лъималин абуна гьелъ.

Замира Идрисова: «Дихъе ячIуней йиго шизофрения лъугьиналде ккарай яс. Гьелъни абулеб буго жий вацгIалас инжит гьаюнин, амма дида лъана гьеб гьелъул кIудияв вацас гьабураб иш букIин. Цо яги кIиго нухалъ гуро гьелда хIал гьабун бугеб. Гьелъ бицана жинда гьитIинаб мехалда щибго бичIчIулароанила, амма дагьаб лъай-гIакълу щвезе лъугьараб мехалда жинца дандечIей гьабизе лъугьиндал юхун хIакъир гьаюн тIамулаанила вацас жинсияб гьоркьоблъиялде лъугьине. Эбелалъ жинда тIад ханлъун тун вукIанила гьев, гьес гIадлу гьабизе кколин дуе, гьес абуралда нахъюссани жинца хвезаюлин мунилан абулеб букIанила кидаго эбелалъилан бицана гьей ясалъ. Гьедин жий эбелалда йичIчIулареблъи лъарай гьей яс, гьабизе жо тIагIиналъ жийго жинцаго чIвазейилан лъугьун йикIун йиго чанцIулго. Гьелдаса хадубги мун гьедин лъугьине дуе гIолареб жо щибин бугебин абунги юхун йиго гьей эбелалъ. Гьединал хIужаби гIемер рукIуна. Улбул лъималгун гаргадулел гьечIо, гьезда рекIеда щиб бугеб, къварилъи кинаб бугебали бичIчIизе хIаракат бахъулеб гьечIо. Лъимал жалго жидедего руссун тун рукIиналъ руго гьелщинал проблемаби лъугьунел».

Гьединго Заремаца абуна Дагъистаналда чара гьечIого рагьизе ккун бугила педофилаз инжит гьарурал рукIа рокъор хIал гьабурал рукIа лъималазе букIине кколеб кумек гьабулеб гIуцIи. Щибаб школалаздаги социалиял бухьеназдасанги телевидениялдасанги тIибитIизабизе кколила гьеб информация, балъго бокьараб лъимер жиндиего бугеб къварилъиялъул бицун кIалъазе яги гьенире рачIине рукIине.

Адвокат Елена Денисенкоца рикIкIунеб буго ахираб заманалда гьел педофилал гIемерлъиялъе гIайиб къуваталъул идарабаздаги бугилан. Чанги нухалъ гьез жидецаго ургъун рахъун рукIунила гьединал чагIи, гьезие хIисабалъе къваригIунел ругила гьединал такъсирчагIийилан. Гьедин гьелъ цIунев вукIарав МахIачхъалаялдаса 20 сон барав щибниги такъсирияб иш гьабичIев Тимур Хайрулинги гьезул къурбанлъун лъугьун вуго.

Елена Денисенко: «Ахираб заманалда модаялде бачIун буго Россиялъул къануналъул I32 бутIа, гьеб ккола педофилиялъухъ тамихI гьабиялъул бутIа. ТIасан нилъер низам цIунулезе амру бачIун батилин ккола дида хIисаб кьолеб мехалда гьенир гьоркьор педофилалги рукIине кколин абун. Россиялда гьаб ахираб заманалъ цIакъ гьелгун къеркьеялде кIвар кьолеб бугелъул. Гьебни лъикI, амма щибго гIайиб гьечIел чагIазда тIад гьеб такъсирги къотIун гуроха хIалтIи гьабизе кколеб. ХIалтIудаса рокъове ине вукIарав Тимур Хайрулин полициялъулас чIезавун вуго нухда.

Мун щивила киве унев чийиланги цIехон гьесухъ букIараб рюкзак бахъизе лъугьун вуго гьев. Жив рокъове ине вугин жиндица щибниги къанунги хвезбичIин абун гьев лъугьараб мехалда цойги полициялъулалги ахIун гьев полициялде вачун вуго. Гьениб гьесда гьикъун буго дуца кинаб такъсирин тIаде босилебилан. Наркотиказул бича-хисийищин босилеб яги дагьабги кутакаб такъсирищин жидеца дуе ургъизе ккелебилан.

Гьев гьабичIеб такъсир тIаде босизе мукIурлъичIеб мехалда лъикI вухун вуго гьев. ХIинкъалаби кьезе лъугьун руго, гIарац тIалаб гьабун буго гьесухъа. ТIадецуйги гьабун гьев жив педофил вугин абизе тIамун вуго видеокамераялда цебе. Жидеца абураб гIарац босун мун вачIинчIони гьеб видео жидеца къватIибе кьезе бугин хIинкъиги кьун буго гьесие».

Полициялъулаз жив вугиялда, жиндаса гIарац тIалаб гьабиялда, жив инжит гьабулеб видео бахъизе тIамиялда ва гьеб тIибитIизабиялда хурхун гIарза хъван буго прокуратураялде. Гьеб ишалда хурхун цIех-рехчагIаз букIине кколедухъ хIалтIи гьабулеб гьечIин абун гIарз гьес диваналдеги кьун букIун буго. Диваналъ Хайрулинил рахъги ккун къуваталъул идарабаз гьесул гIарзалда хурхун хIалтIи гьабунгутIи къанун хвезаби бугин абун хIукму къотIун буго.

XS
SM
MD
LG