МагъчIваялъе рес

Полициялъул хIалтIухъабаз инжилъи гьабулеб бугони…


Дагъистаналъул Тарумовка мухъалда дагьаб цебегIан ккун буго цIакъ рокьукъаб иш. Нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул лъабго хIалтIухъанас тIадеги руссун кьабун вуго ЦIунтIа мухъалдаса гIолохъанчи. ГьабсагIат гьев азарханаялда вуго. Вухарасул гIага-божарал цIакъ ццидахун руго, полициялъул хIалтIухъабазе щибниги тамихI гьабизе къасдцин гьабулеб гьечIин гьезда тIад бугеб идараялъ.

Гьеб лъугьа-бахъин ккун буго 21 октябралъул къаси сагIат ичIго тIубараб гIужалъ Тарумовка росулъ жаниб. ЦIунтIа мухъалдаса ГIисаев ГIумар жидерго гIага-божаразул берталъа нахъвуссун вачIунаго гьесда бихьун буго нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз гьесулго росулъа цо гIолиласе къо гьикъулеб.

Гьесие хIалае вахъун нужеца гьабулеб щибилан гьас цIехезе байбихьидал, гьале гурийин дов нилъеда цадахъ хIалтIулесул рокъобе канлъи къотIизабурав чиян гьесда тIаде руссун руго полициялъул хIалтIухъаби. ГIисаев ГIумар ккола Тарумовка мухъалда бугеб канлъи кьолеб хъулухъалъул хIалтIухъан.

Гьеб идараялъул нухмалъулес витIун вуго гьев пуланав чиясул рокъове, бухIараб токалъухъ цебегоялдаса нахъе налъи вугин гьесда тIад, гьес гьеб кьезе къасдги гьабулеб гьечIин, гьесул рокъобе канлъи свинабизе. Гьеб кколеб буго нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул хъулухъалъул кIудияв инспекторасул мина. Гьеб ишалда хурхун диваналъул хIукму рагIалде бахъинчIого нижеца гьесул цIар баян гьабулеб гьечIо.

Гьеб тIадкъайгун рокъове вачIарав ГIисаев ГIумарида тIаделъун вуго дур хъулухъ щибин, мун щиб гьабулев чийин жиндир рокъобе ток свинабизе. Дун вугин дида тIадкъараб иш тIубалев чи, жиндир гьаниб гIайиб гьечIилан гьасги жаваб кьун буго. ХIасил-калам бихьилин, рагIилилан цоцазда кIалги гьикъун, дагIба-рагIиялдалъун ратIалъун руго гьеб къоялъ кIиявго.

Гьедин берталъан нахъувуссун вачIунев ГIисаев ГIумарида гьеб кинабго бецIулеб гIадин тIадеги руссун гьев кьабизе къасд гьабун буго, гьес рокъобе канлъи къотIизабурав полициялъул хIалтIухъанасда цадахъ хIалтIулел чагIаз. ГIумарицаги жиндего хIалае ахIун руго жиндирго вацги, вацасул васги.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе мухIканго бицунеб буго ГIисаев ГIумарил вацасул вас Анварица

ГIисаев Анвар: «Гьале гьанже цо-цоккун рачIайин нуж дунгун рагъизе, берцинаб мацI нужеда бичIчIулеб гьечIелъулилан дир имгIалас абун бахъиналде гьесде тIаде руссун руго гьел полициялъулал. Гьел кквезеян лъугьарав дир инсудаги вацасдаги цо–цо жо щун буго гьезухъан.

Дов, жиндир рокъобе канлъи къотIизабурав ГАИ-ялъул хIалтIухъанас чанго нухалъ тIатIала кьабун буго дир имгIаласул гьурмалъ ва чIарбида гIодов ккарав гьев малаца вукIун вуго гьез вухулев. Гьел нахъе рачине тIалабцин гьабичIого тIаде ралагьун чIун рукIун цогидал полициялъул хIалтIухъаби.

Дир инсуца абун буго гьебмехалъ, нуж гIадамал гурилещин, дидани гьанир гIолохъаби рагъилел ругилан ккун букIана, полициялъул хIалтIухъабазгийищин гьадинаб инжилъи гьабулебилан.

Бидахъ бан гьумергун вугев вац вихьидал гьев азараханаялде вачине кколилан эмен лъугьиндал, гурин гьев жидеца гьев полициялъул минаялде вачине кколилан лъун руго гьел. Кинаб минаялдейин, гьасда бугеб къо бихьулариш, нужеда нужеца гьабулеб жоялъул магIна щибилан ццидахун кIалъан вуго гьезда эмен».

Гьесул суалалъе жавабги кьечIого полициялъул бутIаялде вачIун вуго гьез ГIумар. Гьелдаса хадуб гьоркьоб заман ун хадуб гурони азарханаялдеги щвезавун гьечIо.

Гьединал ругъналги лъун азарханаялда вегизавурав жиндир имгIаласе полициялъул хIалтIухъабз гьикъараб къоялъул цониги идараялъ миллат гьабулеб гьечIилан абулеб буго Анварица. Кире гIарзалъ жал щваниги жидедаса цеве щун гьениб кинабго гъоркь бакI рекъезабун батулеб бугин гьев ГИБДД-ялъул кIудияв инспекторас.

Гьанже жал ургъулел ругин кинаб ресдайин батила гьев тамихIалде цIазейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIисаев ГIумарил яцалъул рос ТIагьирица.

Гьесго бицухъе 27 октябралда гьел полициялъул хIалтIухъабаздаги, цо даргиязул гIолохъабазда гьоркьобги ккун букIун буго квешаб тунка-гIуси. Гьелъул хIакъикъат «Эркенлъи» радиоялъухъе жеги щвечIо. ТIадехун бицен гьабулев ТIагьирица бицухъе, гьел полициялъул хIалтIухъабаз тIасанккарал ишал гьарулеб тIоцебесеб нух рагIуларо гьеб, амма гьел гIадлуялде цIан жеги лъихъаниги бажаричIила.

XS
SM
MD
LG