МагъчIваялъе рес

Э. Хидировасда 500 млн бикъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго


Рузман къоялъ Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ лъазабуна 500 миллион бикъиялда щаклъи букIун «Патриоты России» партиялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев Эдуард Хидировасда тIад такъсиргьабиялъул иш рагьун бугилан.

Гьединго гьес хасаб такъсирияб къокъаги гIуцIун букIанин, гьелда гъорлъ рукIаразда гьоркьоса цойги анлъго чиясда тIадги гьабун бугин такъсиргьабиялъул ишиланги лъазабулеб буго цебехун рехсараб идараялъ. Гьезул баяназда рекъор Хидировас хас гьабун экономикиял такъсирал гьаризелъун гьеб гьеб къокъа 20I0 соналда гIуцIун букIун буго, гьез хIатта россиялъул банказулаб системая кьучIаб хIалалъ, букIине кколедухъ хIалтIиялъецин квалквалал гьаризе хIал бихьанин абурал баянал кьолел руго цIех-рехчагIаз.

Гьезулго информациялда рекъон 2011 соналъул декабралда рейредаразулаб къагIидаялъ бахъун буго МахIачхъалаялда букIараб «Нафтабанк» ва гьениса гIадамаз банкалда лъун букIараб гIарцул 300 миллионги бикъун буго гьебго къокъаялъ.

Гьединго гьез гьересиял документалги гьарун гьелгун рекъарал фирмабаздаги гIадамаздаги тIад хъван гIемерал кредитал росулел рукIун руго. Гьелдаса хадуб гьеб банкалъухъа лицензия нахъе босун хадуб, банказул страхование гьабураб гIарац бецIулеб агентлъиялъул 200 миллионги гьоркьоб инабунин гьевго Хидировасги гьесул къокъаялъги.

Лъабго моцIица цеве республика тун арав Эдуард Хидиров тIадвуссине кватIигун гьесда сверун батIи-батIиял харбар раккараб мехалда экспертаз абулеб букIана сентябралда Дагъистаналда рукIарал муниципалиял рищиязда цебе жиндего тIадецуй гьабичIого букIине къватIиве ун чIун вугин гьевилан. Хас гьабун МахIачхъалаялъул мэрасул рищиязда хурхинабулеб букIана гьеб иш. Гьезул «Патриоты России» партиялъ лъазабун букIана гьеб мэрасул хъулухъалъе гIоло жал къеркьезе ругилан. Гьедин МахIачхъалаялъул мажлисалъул депутатазда гьоркьоса вищизе кколелъул мэрги гьел депутатлъиялде патриотазул рахъалдасан ункъго халкъияб мажлисалъул депутатазгицин кандидатура лъун букIана.

Эдуард Хидировгун хIалтIилев вукIарав журналист Альберт Эседовас «Эркенлъи» радиолъулгун букIараб гара-чIвариялда лъазабуна сиясатчиясда сверун ахIи-хIур гьев республикаялъул нухмалъиялъе данде кколарев чи вукIиналъ бахъинабун бугилан.

Альберт Эседов: «Гьединав кутакав такъсирчи гьев ватани гьабгощинаб мехалъ щайха гьел хасал идараби чIун рукIарал. Гьес кигIан гIарац бикъун бажарулебали балагьунищ гьел рукIарал. Гьеб «Нафтабанк» гъоркьисала ноябралъ къана, гьеб мехалдаго гьениса гIарац бикъи тIатинабун букIараб батани, лъагIалица, Хидировги улка тун инегIан, цойгидал гьесул къокъаялъул чагIазги жидеего санагIалъи бугеб бакI балагьизегIан щайха чIарал.

Гьел такъсирал гьарурал тамихIалде цIай гурониги гьел хасал идарабазда тIадаб буго гури такъсирал гьаричIого рукIиналъе хIалтIи гьабизе ва хIаракат бахъизе. Гьеб киналъго бихьизабулеб буго гьесда сверун иш цIакъго гьонцIозабун букIин ва гьеб иш ургъунго гьабун букIин. МахIачхъалаялъул мэрасул рищиязда бан багъаразибун бугин гьеб ишилан абизеги бегьула, гьеб бакI къваригIаразе бокьухъин гьез малъараб гьабичIого батизе бегьула Хидировас, гьев цо тамахав чи вугин кканиги гIезегIан жирдирабго ккун чIолев чи вуго.

Гьеб гурониги «Патриоты России» Дагъистаналъул нухмалъиялъе оппозиция букIинги лъала киназдаго. НекIогоялдаса нахъе гьеб партиялде гьужумал гьарулел рукIана, гьеб биххиялъе хIаракат бахъулел рукIана чангиял. Эдуард Хидировги гьанже гьелда гьоркьоса нахъе вахъани гьеб къала, цохIо гьесул бажарияллда ва лъай-гIакълуялда мугъчIвай гьабун рукIанин гьелилан абизе бегьула».

Эдуард Хидиров оппозиционер вукIиналъ багъаразибунин цIех-рехчагIаз гьесда сверун ишилан аби гьеб мекъи бугилан абураб пикру загьир гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе журналист ва тарихчи Маркъо ШагIбановас.

Маркъо ШагIбанов: «Гьев вуго цIогьор, диваналъ цIогьор вукIин чIезабичIого гьедин абизеги бегьуларо, амма жив оппозицонер вукIиналъ тIад такъсиргьабиялъул иш рагьанин аби гьеб гьадингояб чIанда буго. Гьеб гьанже багъаризабураб иш гуро гьесдда сверухъ. «Нафтабанк» къараб заманалдаго, жеги МухIамадсалам МухIамадов Дагъистаналъул бетIерлъун вугев мехалдаса нахъего буго гьесда хадуб гьеб такъсиргьабиялъул лъалкI.

Гьев лъил оппозиция ? Киданиги я Путиниде я ГIабдулатIиповасде данде жо абураб яги хъварав чи гуро гьев. Гьесдасаги кутакав оппозиционер вугин живилан чIарав чи вукIана «Справедливая Россиялъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул бетIер ХIажимурад ГIумаров. Щайха гьесда сверун гьабичIеб цониги гьединаб иш».

Гьанибго абизе ккола «Эркенлъи» радиоялъухъе къуваталъул идарабазул хIалтIухъанас кьурал баяназда рекъон Эдуард Хидировасда цадахъ «Нафтабанкалда» хIалтIулей йикIарай гьесул секретарь исана июль моцIалдаса нахъе МахIачхъалаялъул заманалъ гIадамал жанир тIамулеб туснахъалда йигилан.

Гьей яс махсародеги ккун батIи-батIиял документазда гъоркь гъулбасал гьаризе тIамулей йикIун йиго гьес, гьедин жиндаго лъачIого чанго анцI-анцI миллион гъурущ босун буго банкалдаса гьелул цIаралда. Июлалда гьей яс ккун хадуб ва гьеб банкалда чIухь бан хадуб вачIинчIин Хидиров тIадвуссун Россиялдейилан абулеб буго гьев къуваталъул идарабазул хIалтIухъанасги.

XS
SM
MD
LG