МагъчIваялъе рес

Чачанав: «... дунги вукIунаан гьеб стадионалда»


Парижалъул «Стад де Франс» стадион 13 ноябралъул къаси гьенир кьвагьиял гьарун хадуб
Парижалъул «Стад де Франс» стадион 13 ноябралъул къаси гьенир кьвагьиял гьарун хадуб

Парижалъул «Стад де Франс» стадионалде кьвагьулеб жогун ине ресго букIинчIин ва террористал Парижалде тIадекIанциял гьарураб 13 ноябралъул къаси гьенире кинан рорчIарали жинда бичIчIулеб гьечIин бицана гьеб стадионалда чанго соналъ хIалтIарав Дачаев Зелимханица.

Зелимхан: «Дун Франциялда хутIун вукIаравани, узухъда гьеб стадионалдаги вукIунаан. Дун гьенив хIалтIулев вукIана кIигогIан соналъ цIадудаса цIуна-къаялъул хъулухъалда. Стадионалда кIудиял тадбирал тIоритIулеб мехалда ниж киналго гьенирги рукIунаан.

Гьеб цIунулезул лъабго гор букIунин абизе бегьула. ТIоцебесеб-стадионалдаса дагьалъ рикIкIад-жандармалги, полицияги. Гьез хал гьабула стадионалде рачIунел ругел гIадамазул, хадусеб стадионалде гIадамал риччалел бакIазда. Гьез хал гьабула щибав чиясул. Руччабаз руччабазул, бихьиназ бихьиназул. Кодоб бугеб жоялъулги хал гьабула. Гурин дун хал гьабизе чIоларин, жинда квер хъвагеян лъугьарав чиясдаги абула,: "ЛъикI буго, гьедин батани, гьанибе дуе нух гьечIо",-ян. Лъабабилеб-стадионалда тадбирал унаго гьенир трибунаязда гьоркьор ва хIаязул майданалде унеб нухда рукIунел хъаравулзаби».

Зелимханица бицухъе, бицен гьабулеб стадионалда жанив гьуна 70-75 азарго чи. Гьенир лъурал кIудиял экраназда цо-цо тадбирал унаго бихьизабулеб буго стадионалда чан чи вугевали. Гьесул пикруялда, гьедигIан гIемерав чи стадионалде вачIунев вукIаниги гьенибе кьвагьулеб жо босизе ресго букIинчIо. Гьесда бичIчIулеб гьечIо 13 ноябралъул къаси террористазда гьеб кин бажарарабали.

Европаялда гIадамал россиялъулазде яги кавказалъулазде дандеккун гIемерго тамахал, чиясда божулел гIадамал ругин рикIкIунеб буго гьес ва ракIалде щвезабуна живго гьенив хIалтIулаго ккараб цо гьадинаб хIужа.

Зелимхан: «Дун стадионалда хIалтIулев мехалда гьениб ине кколеб букIана Ирданиялда ва Франциялда гьоркьоб регбиялъул къец. КъватIиб букIана квачалъул кIиго градус. ГIадамал трибунаязда гIодорчIун хадуб судияс лъазабуна гьаб матч нахъе бахъулеб бугин, нужерго билеталги цIунейин гьелъухъ балагьизе тIасияб анкьалдаги рачIайин. Ирдандиялдаса Франциялде щвезегIанги рачIарал, матчалдаса кеп босизеги хIадурал, дагьаб жоги гьекъарал чагIи рукIинарищха гьел.

Цинги гьениб багъарана разигьечIезул кIудияб хъуй. Гьекъонги рукIанин абизе бегьула гьел киналго. Ирландиялъул фанатал лъалаха дунялалдаго жидер ахIи-хIур кIудияб букIиналъ. Гьезул трибуна букIана дида цебе, дир масъалаги букIана гъал-магъир ккезе бичIчIачIого гьел чагIи стадионалдаса къватIире ккезари. Гьезул 800-гIан чи вугев трибуна цинтIаго тIадеги рахъун журана хъудизе. Гьел тIаде рачIун рукIарабани дирги дида цадахъ рукIаразулги нахъе жо хутIулароаан.

Гьезда гьоркьосан цояс, гьезул лидер вукIун ватилин ккола дида гьев, дида гьикъана: «ТIаде балагьун мун французав гуро, мун щив?»-ян. Дица абуна чачанав вугин. Цинги гьес абуна гьаб сагIат нилъ кIиялго цоцазда къочани жал гьаниса ине руго ян. Дида цадахъ вукIарас ишан гьабуна гьезде аскIовегIан унгейин, бокьараб жо ккезе бегьулелъулха. Гьесухъги гIенеккичIого дун ана ва нижеда гьоркьоб букIараб турникеталда тIасан ниж цоцазда къочана. Дир кIигъежалда кверги кьабулаго «ЛъикI!» абун кIудияб килищ борхана гьес. Гьел киналго берцин гьабун нахъеги ана. Гьединал тамахал агрессия гьечIел гIадамал руго Европаялда».

Франциялда диназде, тIомол кьералде, жинсияб ориентациялде балагьун кинабгIаги рокьукълъи гьечIин гIадамазда гьоркьоб, гьеб бихьанин стадионалда аза-азар чиги хвасар гьавун террористазе нухкъан бусурманчи чIеялъгиян ракIалде щвезавуна Зелимханица террористазул цояв матч унеб майданалде виччачIев Захир абулев стадионалъул хъаравул.

«Стад де Франс» стадионалда хIалтIулев вукIарав Зелимханица гьанже гIумру гьабулеб буго чачаналъ. Эбелалъ гьениса нахъе вачун вуго жиндир цо вугев вас Зелимхан Европаялда гIумру гьабизе бокьун гьечIин жиндиейинги абун. Гьейин гуребани, живги доб къоялъ стадионалда вукIунаанин рикIкIуеб буго Зелимханица.

13 ноябралъул къаси Парижалда гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда, ахирисел баяназда рекъон, хун вуго 132 чи, лъукъун вуго нус-нус чи.

XS
SM
MD
LG