МагъчIваялъе рес

Париж терроралдаса хадуб


Париж, 14Ноя2015
Париж, 14Ноя2015

Гьаб сагIат Парижалда щиб кколеб бугеб, гIадамазе чIезарурал гIурхъаби кинал ругел, бакIалъул телевидениялъ щиб бицунеб бугеб абурал суалал нижеца кьуна Парижалда гIумру гьабун вугев чачанав тарихиял гIелмабазул доктор Вачагаев Майирбекие.

please wait

No media source currently available

0:00 0:06:50 0:00
Интернет-мухъ

Вачагаев Майирбек: "Щиб букIаниги хисараб жо гьаниб бугин дица абиларо, гьаниб дица гIумру гьабулеб шагьаралъул мухъалдаха. Дун къватIив вуго, дун сверун гIадамалги руго, киналго тукабиги руго рагьун, кинабго хIалтIулебги буго. Кинал рукIаниги гIурхъаби нижеда рихьулел гьечIо. Гьелде тIадеги гIадамаз цоцазе махсарогицин гьабулеб буго-мунгийищ, хIинкъичIого, къватIиве вахъарав-ян. Шагьар бакьулъегIан гIемер рихьулел руго полициял ва солдатал. ТIокIаб хиса-басиго бугин абизе кIоларо, масала Парижалъул 13, 14, 15 мухъазда.

Амма абизе ккола улкаялда гъорхъолъа араб ахIвал-хIал лъазаби гьеб махсаро гурин. Ахирал анцI-анцI соназда жаниб тIоцебе гьабураб буго гьеб. Гьеб буго Франциялде бачIараб кIудияб балагь. Гьаниб терроризмалъул проблема букIана Алжир лъидаго бачIеб букIин лъазабун хадуб 80-соназда. Гьеб французазе рикIкIадаб проблема гуро. Амма нолъ гьаниб ккаралъ киналго риххизаруна.

Жакъа, дида бихьараб жоха, гIадамал цоцалъ гьавугьин кIалъалел руго. Кутакаб пашмалъи гьез загьир гьабулеб бугин абиларо, гьелъул гIаксалда ццим буго гьезул бахъун.

Гьезда бичIчIулеб буго нолъ рахъарал къурбаназул бакIалда гьезул щибав вукIине рес букIин. Рестораназда къаси гьел хъизабигун уна, концерталдеги гьел унаан билет щун букIарабани, футболалъулги щибизеха бицинеб.

Терактал ккарал цоги бакIазде дандеккун гьаниб тIубанго батIияб ахIвал-хIал букIанин абизе бегьула. Масала таксистаз нолъ гIадамазухъа гIарац босулеб букIинчIо. ХIалкIвараб жо кьейин, кIвечIони кьечIого тейин абулеб букIана гьес. Трагедия ккараб бакIалда сверухъ ругел кафе-рестораназда гIадамазе чIобого кьеолб букIана квен. Трагедия ккараб бакIал полициялъ сверун къан букIана. Гьениса къватIире рачIина ругел гIадамал, хасго футбол бихьизе рачIарал немцазде-гьалбазде гIадамаз абулеб букIана бокьани къаси жидехъе сордо базе рилъайин, метер радал дагьаб бигьаяб букIине бугин. Парижалъулал цо хъизан гIадин рукIана нолъ".

РЭ: ГIадамазулъ хIинкъи бихьулеб бугищ?

Вачагаев Майирбек: "ГьечIо! Буго ццим ва бичIчIунгутIи. Гьез абулеб буго дунялалъул туризмалъул централде (Парижалъ 70 соналъ тIоцебесеб бакI кколеб буго туризмалъул рахъалъ), гьалбал хириял жидее гьеб балагь щай гьабурабин.

Гьеб буго ургъунго магърибалда, гьелъул централда, гьелъул цивилизациялда щвезабураб кьаби.

Гьеб гьабуразе къваригIун букIун батула берцинаб ва бечедаб Парижалдацин бокьараб мехалда кьаби щвезабулин жидецайин. Амма гьелъул гIаксалда парижалъулал цоцалъ гъункана.

Цоги абизе ккола соналдаса цониги комментаторас цо рагIудалъун абичIин гьеб исламияб террор бугин яги гьелда релъараб цоги кинаб букIаниги рагIи. Дица бихьулеб буго Франциялъул аслияб лъабго канал. Гьез цо рагIи абичIо бусурбабаздехун.

Гьужум гьабун буго миллаталде яги диналде балагьун гуреб-парижалъулазде".

РЭ: Гьел гьужумал гьаруразул хIакъалъулъ кинал рукIаниги баянал кьолел ругищ французаз?

Вачагаев Майирбек: "Цересел терактал гьарураб мехалде дандеккун, гьанже тIалъиялъ информация цIакъ дагьаб гурони кьолеб гьечIо. Гьез лъазарулел гьечIо гIадамазде кьвагьдаразул цIаралги. Гьезул рахъ кколел чIаго ва эркенлъуда ратилин абураб пикруги букIине рес буго. Микьго террористасул тIоцересел сордо бащалъилалде чIван рукIиндал сон. Жеги рехсечIо цониги фамилия.

Президент Франсуа Оландица гьел тIадекIанцIиял гьарун хадуб гьабураб каламалда абуна гьужумал гьабурал чагIи французал рукIанин, ай эркенго паранг мацI бицунел гIадамал. Фамилиял жеги абичIо".

XS
SM
MD
LG