МагъчIваялъе рес

Москваялда Франциялъул вакиллъиялда цебесан чIагояб эфир (видео)


Автобусазда рекIинарун эвакуация гьабулел гIадатиял гIадамал. 13Ноя2015
Автобусазда рекIинарун эвакуация гьабулел гIадатиял гIадамал. 13Ноя2015

Парижалда рузман къоялъул сардилъ гьарурал тIадекIанцIиязул хIасилалда хваразул къадар бахунеб буго 150 чиясде, лъукъун вуго нус-нус чи.

Гьужумал гьарун руго Франциялъул тахшагьаралъул чанго бакIалда: «Батаклан» абулеб театральную-концертазул централда, «ГьитIинаб Камбоджа» рестораналда, «Ле Карийон» кафеялда. Гьединго лъабго кьвагьи гьабун буго Франциялъул ва Алманиялъул тIасса

рищарал командабаз хIалеб футболалъул матч унаго. Гьенив вукIун вуго улкаялъул президент Франсуа Олландги кIиябго улкаялъул министралги. Гьел киналго хехлъи гьабун гьениса нахъе рануч руго.

Оландица сардилъ лъазаби гьабуна халкъалде. Къан руго Франциялъул гъурхъаби, улкаялда лъазабун буго гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалалъул низам, къан руго школаби, гIадамазда лъазабун буго къватIире рахъунгейин.

Франциялда зигара балеб буго батIи-батIиял улкабазул лидераз.

Москваялда Франциялъул вакиллъиялда цебесан чIагояб эфир

XS
SM
MD
LG