МагъчIваялъе рес

Франциялда бидул сордо: цо-цо дагъистаниязул пикраби


Париж, терроралъул гьужумаздаса хадуб, 14Ноя2015
Париж, терроралъул гьужумаздаса хадуб, 14Ноя2015

Парижалда рузман къоялъул сардилъ ккараб трагедиялде гIадамазул аслияб куцалда цоккураб бербалагьи бугониги руго киг1ан ч1валел ругониги бусурбабазул бицунарин абулел пикрабиги, терроралъе г1илла т1алъиялъул политика бугин рикIкIунелги. Амма террор сунцаго рит1ухъ гьабуларн абулезул гьаркьал цIикIкIун рагIунел руго.

Гьужумал гьарун руго Франциялъул тахшагьаралъул чанго бакIалда: «Батаклан» абулеб театралъулгун-концертазул централда, «ГьитIинаб Камбоджа» рестораналда, «Ле Карийон» кафеялда. Гьединго лъабго кьвагьи гьабун буго Франциялъул ва Алманиялъул тIасса рищарал командабаз хIалеб футболалъул матч унаго. Гьенив вукIун вуго улкаялъул президент Франсуа Олландги кIиябго улкаялъул министралги. Гьел киналго хехлъи гьабун гьениса нахъе рачун руго.

Бищун цIикIкун чагIи чIварал ва лъукъарал руго «Батаклан» » абулеб театральулгун-концертазул централда, гьениб гьабураб тIадекIанциялъул хIасилалда чIваразул къадар нусидаса цIикIкун бугин баян гьабулеб буго информсурсатаз. «Батаклан» ккурал чагIаз автоматаздасан речIун гIадамал чIвалаго «Аллагьу акбар»,-илан ва «Гьаб Сириялъухъ рецIел буго»,-илан ахIулеб букIанин лъазабулеб буго «euronews» сайталда. Франциялъул цIуна-къаялъул хъулухъаз 14 ноябралда радал кьурал баяназда рекъон, чIван вуго тIадекIанциял гьаруразул щуго чи. Гьезул ункъоял жалго жидецаго кьвагьизарурал кколел руго. Гьединго 14 къоялъ радал «Аль-Джазира» сурсаталъ тIибитIизабуна хабар Франциялда ккарал терактазул жавабчилъи «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ тIаде босулеб бугин. Гьеб Франциялъул 11 сентябрь бугин лъазабун буго «Исламия пачалихъ» гIуцIиялъ.

Рузман къоялъул сардилъалдаса нахъе Франциялъул къварилъи бикьун тIугьдул ва хIевул чирахъал росун гIадамал ракIарулел руго Москваялда бугеб Франциялъул вакиллъиялде цере. Социалиял гьиназда гIахьалчагIаз хъвалел руго зигара балел баянал, амма камулел гьечIо гьеб лугьа-бахъиналде батIияб бербалагьи бугел гIадамалги. Масала, цо гIахьалчияс хъвалеб буго: ГIодоркъояз хIалтIулебдай Шарли Эбдо абун, киналдай гьанже гьез карикатураял рахъилелилан.

Дагъистаниязул цокIалаб бербалагьи гьечIо рузман къоялъул сардилъ Парижалда ккаралда бан. Масала, учительница ХIасанова ГIайшатица рикIкунеб буго терактал ругин ритIухълъи гьечIолъиялъул хIасил. ГIайиб гьечIел гIадамал кколел ругила къурбаналлъун тIалъиязул политикиялъул хIаязул.

ХIасанова ГIайшат: «Терактал ккола ритIухълъи гьечIолъиялда данде чIезе тIокIаб рес батичIогон, къураз гьабулеб жо. Инсаният бижаралдаса нахъе бугеб жо буго гьеб. Гьеб гьабизе бегьуларин ахIула диназ. Толстояс хъвалелб буго квегIаб кIаркьен чIванани кваранаб цебе кквейилан, амма кидагоги инсанасда кIоларо рецIел босичIогон тезе. Бидул хъублъи гьечIин абуларищха. ГIадамазе демократия, эркенлъи кьун буго, амма гьелда рекъараб гIакълу, бичIчIи гьечIо. Гьабулеб жоялъулъ, хасго хIукуматалъул, тIалъиялъул ритIухълъи гьечIолъи бихьидал, тIадчагIазе квешезе гьабулеб иш буго теракт. Кинотеатралда яги цогидаб бакIалда ругел гIадамазда цциналъ гьабулеб жо гуро гьеб. РитIухълъи гьечIолъи лъугIизегIан, гьелда дандечIейги лъугIизе гьечIо».

Парижалда сардилъ ккаралда бан цо-цояз рикIкIунеб буго Франция бусурбабазда данде рагъулел пачалихъазул цояб кколин ва гьелъ ритIухъ гьарулин гьел такъсирал. Масала, МухIамадов Шамилил пикруялда чанго соназ халатбахъун чIвалел ругила бусурбаби, амма гьезда зигара лъицаго балеб гьечIила.

МухIамадов Шамиль: «Щай нилъеца чIвалел ругел, хъолел ругел бусурбабазул бицунареб зигара балареб? Путиница зигара балеб буго, жинда кутакалда унтанин гьенир гIадамал чIвай, амма щай Путинида кIочонеб бугеб жиндир буюрухъалда рекъон, самолетаз гьарулел гьужумаз чIвалел ругел аза-азар руччабазулги лъималазулги».

Би тIеялъе ритIухъгьари гьечIин, ГIиракъалда, Сириялда цогидал улкабазда кколеб бачунеб бугила риIухъгьариялъе, амма рагъ букIине кколила мусахIикъаб, бихьинчияб, гIайиб гьечIезул би биччалел кколила инжитал чагIийин рикIкIунеб буго хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовас.

ГIабдурашид СагIидов: «Я инсанасе кьураб унти, я балагь кколаро инсанасе сундухъ бугониги рецIел. Балагьалда бан рохи бижулел гIадамал унтарал xагIийин ккола дида. Гьаб сон Парижалда тIобитIараб бидул сордо гIуцIаразе кинабгIаги ритIухъгьари гьечIо. ГIиракъила, Сирияйила, кьер улкабазул бачунеб буго ритIухъгьариялъе. Дир пикруялда, рагъги пачалихъазда гьоркьоб букIа, халкъазда гьоркьоб букIа букIине ккола мустахIикъаб, бихьинчияб. КIолеб гьечIищ бихьинчилъи, багьадурлъи бихьизабизе, бергьенлъи босе - асирлъизе ккола. ГIайиб гьечIев чиясул би тIей ккола инжилъи. Бусурбанчи вукIа, насранияб диналъул вукIа, яги динго гьечIев чи вукIа, гIайиб гьечIев чиясул би биччалев, гьесул бадиса магIу баккизабулев чи ккола инжитав, пасатав, Аллагьасдаса ва диналдаса рикIкIадав чи».

Гьал къояз, интернеталда гьединго тIобитIана видео, «Исламиб Пачалихъ» гIуцIиялъул цIаралдаса бугеб. Гьелда лъазабулеб буго Россиялда гIагараб заманалда бидул гIорал чвахизе ругин, гьелда бан хасал хъулухъаз гьеб видеоялъул халгьаби тIобитIулеб бугин лъазабуна Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас.

Россиялъе хIинкъаби кьеялъ къуваталъул идарабазул кверщелал цIикIкIине ругин. Франциялда ккаралда бан, Россиялда рес бугищ терактал ккезеяли щибго абизеги цудуно бугин, щай гурелъул «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъ тIаде боси цо иш бугин, амма гьел чIвай-хъвеял гьарурал чагIи ва гьезие гIиллаби лъалел гьечIин рикIкIунеб буго журналист МухIамд МухIамадовас. Кинаб такъсир кканиги, гьеб тIаде босулила терроралъул гIуцIабаз. Парижалда ккараб жо бичIчIизе кканани, гьелъие гIиллаби, Франциялъул жанисеб ва къватIисеб политикаялда бугеб ахIвал-хIал мухIканго лъазе кколила.

XS
SM
MD
LG