МагъчIваялъе рес

КIийиде бикьулеб Буйнакскалъул тахбакI


Итни къоялда Буйнакскалда хIалтIуде рачIун руго шагьаралъул мэрасул ишал тIуралев Закарья ГIамировги мэрлъиялдаса жеги вахъичIев ХIамзатов ХIусенги. Амма бакIалъул хъулухъчагIи ХIамзатовги тун ГIамировгун данделъиялде ун руго. Гьебго заманаялда шагьаралъул мажлисалъул депутатаз ХIусен ХIамзатовасул рахъккун хъвадарулев блогер вуханин абураб информацияги тIибитIун буго социалиял сайтазда.

Лъабго моцIгIанасеб мехалъ хIалтIуда вукIинчIев Буйнакскалъул мэр ХIусен ХIамзатов 11 январалда хIалтIизе вахъана. Гьесдаго цадахъ жиндирго хъулухъалде вахъун вуго Ильяс Мамаев хисул шагьаралъул мэрасул ишал тIуралевлъун тарав Закарья ГIамировги. Буйнакскалъул хIакимзаби рикьаххун, лъил рахъалде руссинелали лъалареб хIалалда ругин абурал баянал щвана «Эркенлъи» радиоялъухъе. Кин букIаниги гьаб сагIат ГIамировасул рахъалда ругезул къадар цIикIкIун рагIула. Закарья ГIамировас шагьаралда гьабизе бугеб хIалтIул суалал гьоркьор лъун, киналго хIакимбабиги ракIарун щибаб анкьил байбихьуда тIобитIулеб данделъиялде Буйнакскалъул киналго идарабазул бутIрул гIадан хутIичIого рачIун рукIанин, ХIамзатовас цониги хIалтIул суал тIубалеб букIинчIин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Буйнакскалъул администрациялъул хIалтIухъабаз. Гьединго ГIамировас роцIцIинабулеб букIун буго администрациялъул киналниги документазул ишги, сундаго гъоркь гъулбасалги, кколелда тIад резолюциялги цохIо гьес лъун руго. Мэрасул мугьруги гьес кьабулеб буго .

Гьедин итни къоялъ хIалтIуде вачIунелъул ХIусен ХIамзатов живго цIунулел гIолохъабазде тIаде дагьалги ярагъги борчарал спортсменазул къапилаги хадур гьабун вачIанила, гьев жиндирго хIалтIулеб рокъове виччаларин ккун букIун батилила гьесда, амма лъицаниги щибниги дандечIейги гьабичIила, кидаго жиндирго букIараб хIалтIулеб рокъов гьевги вукIанилан бицана гьез. Мэрасул ишал тIураев Закарья ГIамировас цебе шагьаралъул администрациялъул нухмалъулесул букIараб хIалтIулеб рукъ ккун бугинги бицана гьелго гIадамаз. «Эркенлъи» радиоялъул гьаб передача къватIибе иналде Буйнакскалъул администрациялда ХIамзатовасул ва ГIамировасул гIадамазда гьоркьоб кинаб букIаниги тунка-гIуси кканин абурал баянал рукIинчIо.

Исана сентябралда муниципалиял рищиязда ХIусен ХIамзатовасде дандечIарал ветераназул партиялъул вакилзабаз бергьенлъи босун хадуб ва шагьаралъул депутатазул мажлисалда гьез 21 ялъул 17 бакI ккведал гьез лъазабуна ХIамзатов жидеца мэрлъиялда тезе гьечIилан. Амма шагьаралъул уставалда рекъон бигьаго гьев нахъе вахъизе депутатазда кIвезехъин букIинчIо. Гьел рищияздаса хадуб республикаялул нухмалъиялъул Буйнакскалъул мэрасда цIакъ ццин бахъун букIин бичIчIулеб букIана, чанцIулго гьесда бадирчIваял гьарун Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасги . Гьелдаса хадуб жив унтун вугин абун хIалтIуде вачIунев вукIинчIо ХIамзатов, амма гьесул бакIалда ветераназул депутатазе тезе къваригIун вукIарав ГIусманов ГIусманги киданиги гьенив толарилан лъазабун букIана ГIабдулатIиповас. Гьедин 15 сентябралдаса нахъе мэрасул ишал тIуралевлъун Дагъистаналъул сахлъицIуниялъул министрлъун вукIарав Ильяс Мамаев тун вукIана. Жидеца разилъи кьечIого гьев тезе бегьуларин абун бакIалъул депутатал кигIан цIакъ ахIданиги гьелъулги хIасил ккечIо. 30 декабралда хIалихъе дандегьарун гьелго депутаталгун мэрасул ишал тIуралевлъун Закарья ГIамиров тун вуго. Буйнакскалъулаз бицухъе гьев вищизелъун лъабцIул данде гьаризе хIал бихьун буго депутатал, кIиго нухалъ гIурал чагIи ракIаризе кIун гьечIо, лъабабилеб нухалда къаси анкьго тIубалеб мехалда данде гьарун депутатазул 13 чигун гьез разилъиги кьун вищун вуго ГIамиров. Ильяс Мамаев жиндиего бокьун хIалтIудаса ине тIамун вуго. Гьел киналго тадбирал Дагъистаналъул бетIерасул администрациялъул хIалтIухъабаз гьарулел рукIун руго. ГIусман ГIусманов гурони тIокIав чи шагьаралъул бетIерлъуда вукIине бегьуларин чIун рукIарал гьел ветераназул партиялъул депутатазул бащадаз ГIамировасул рахъкквеялъ гьезда гьоркьобги кьал ккун рагIула. Гьел лъугьа-бахъиназда тIасан цониги депутатас ва мажлисалъул бетIерасги баян кьечIо.

Гьеб мэрасул ишал тIуралесда сверун ахIи-хIур гIодобциналде цIидасан багъа-бачари лъугьана гьебго Буйнакскалдаги гьелъул нухмалъиялда рукIине къваригIараздаги гьезул рахъкколездаги сверун. Январалъул байбихьуда Буйнакскалдаса блогер Нурудинов ХIажица Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялде гIарза хъван буго ХIусен ХIамзатовасде данде рукIарал шагьаралъул мажлисалъул депутатаз жив вуханилан абун. Гьелъие гIиллалъун ккун буго Нурудиновас Ширван ГIалиевилан абурав чиясул цIаралда гъоркь фейсбукалдасан гьел ветераназул партиялъул депутатал хIакъир гьарулел баянал тIиритIизарулел рукIин. Гьеб гIарзалда рехсарав депутатазул цояв Марат Жанхаевас «Эркенлъи» радиоялъе бицана жидеца гьев вас вухунги вукIинчIилан, ургъунго жидее квешезе, жидее квалквалалъе багъаризабулеб бугила гьеб ахIи-хIур ХIамзатовасул рахъккуразилан.

Марад Жанхаев: «Гьев вас хъвадаризе тIамулев вукIун вуго. Нижер лъималазда, улбузда тIасанцин хванщинаб жо хъвалеб букIана гьес. Гьеб кинабго ХIусен ХIамзатовасул сверухълъиялъул гIадамаз гьабулеб букIин тIатана. Гьез кьураб кинабго информация тIибитIизабулеб букIана гьес. Жиндихъго цоцада хадуб кIиго лъабго магIнаяб предложение хъван бажарулев чи гуро гьев. Ццин бахъун букIана нижер гьесда, гьереси бицинаро, амма нижеца гьев вуханин аби гьеб гьереси буго. КIиго нухалъ хъатица кIал чIван букIана гьесул. Гьебги кьочIое босун гьанжеги депутатал квешаб хIалалъ рихьизаризе рукIине ахIи-ахIур багъаризабулеб буго гьез. Гьесул къаркъалаялда кьабун лъугьарал хъахIиллъабиги цойгидал лъалкIалги жидецаго рахъарал жал руго, гьез цIех-рехалъул идараялде гIарзаги хъвазе тIамун МахIачхъалаяладса гIебеде вахчизавун вуго гьев».

Гьединго Маратица абуна вуханин абулев вугев блогерги гьев хъвадаризе тIамулел рукIаралги гьез жидер къадру-къимат хвезабулеб гьересияб информация тIибитIизабулеб букIиналъухъ гIагараб заманалда жидеца диваналде кьезе ругилан.

XS
SM
MD
LG