МагъчIваялъе рес

ГьетIараб тIилалъе - битIараб рагIад


Кинабха бугеб вагIза ва насихIат бищунго гIенеккарасе асар гьабулеб? ВагIза гьабулев чияс жинцаго мисалалдалъун бихьизабулеб? Гьеб кин? Инсан вацIцIалъиялде ахIулев ватани, гьудуллъун ккве ва тIоцебесе кьерде ваче вацIцIадав чи, ришватчи гурев.

"Гьесул эмен вукIана саламатав чи, гьересиги бицунароан, хIарамлъиги хъвазе толароан, тIекълъиялдаги тIад рекъолароан, какги балаан... амма цо гIунгутIи букIана, дагьав хъитIун чIарав, чияр пикру къабул гьабуларев гIадав чи вукIана, ав вас вуго тIуванго гьесие гIаксияв чи, гьединав щай лъугьаравалиги лъаларо...". Гьаб хъвай-хъвагIаялдаса нахъехун бугеб жо дица тIубанго кагътиде босизе бегьулеб гьечIо. Жеги цудунго буго, нилъеда лъаларелъул гьел чагIаца щиб гьабизе бугеб гIумруялдаяли. Рес буго кантIизе, тавбу гьабизе, витIараб нухде вачIине, гъалатIазда тIаса лъугьин гьаризе.

Рагьун пуланав чиясул гьадинабги гьадинабги гIунгутIи бугин абизе лъугьин ккола бищунго кIудияб гIунгутIилъун. Инсан къабул гьавизе кколев рагIула ракьалда Аллагьас вижухъе, хIал кIвани кантIиялъул, битIараб нухде тIамиялъул насихIатги гьабун. Щайха гьадав тIадехун рехсарав вацIцIадав инсул вас гьесда релълъарав лъугьинчIев? Щай гьев гьерсал рицинеги, хIарамлъиялде инеги ришваталде ва цIогьалдеги варав? Гьесул гIайибго букIун батичIо гьениб. Щай?

Щайгурелъул гьев васасда бичIчIун буго кигIан инжитго жинца магIишат гьабуниги, хIел-хIеданиги, цIогьоданиги, ришват босаниги гьеб магIишаталъ ва бечелъиялъ "чурулеблъи". ГIайиблъун, рогьолъун гьеб рикIкIунеб батаниха нагагь. ГьечIелъул, тIадеги ссиялда буго хIарамалъи ва ришват. Гьедин бугеб мехалда сунца гьев лъалхъизавилев мекълъиялдаса, жибго жамгIияталъ гьелъул къимат гьабулеб мехалда? Жакъа Дагъистаналда инжитаб ва рогьояб нух гьечIо гIарац балагьулаго, инжитлъи буго жибго гIарац гьечIолъи, мискинлъи. Мискинавги вацIцIадавги чиясул къимат гьабулеб бакI дида жеги бихьичIо-мажгиталдаса бахъараб улкаялъул Кремлиялде гIунтIун.

Нужеда рихьун ратила, нагагь рузманалде хIакимзаби рачIани бугеб гIаламги бикьизабун, тIоцересеб кьерде рачун рачIуна чиновникал. Щай? АлллагьасдегIанал рукIунищ? Гуро, кодоб хъатикь жо бугел чагIи рукIунха, пачалихъалъул кверщел кодосел гIадамал рукIун. ТIоцебесеб кьерда гьезие бакIги кьун мажгиталъул имамас вагIза гьабулеб буго ахирисеб кьерда гъоркь казиятги тIамун как балев мискинчиясе, "вореха, вореха нуж хIарамалъиялда хъваге, гьедин абун буго пуланаб хIадисалда аварасги (жинда Аллагьасул салам лъеяв) пуланав асхIабасги (жиндаса Аллагь разилъаяс) абун. Гьедин батани, щайха дуца, дир диналъул хIуби, гIумруялъ цо панкъил хIакъ течIев къадахъан дунги гьаниве къазавун, дуда аскIов гьев ламур, ришватчи, цIогьор лъурав абун гьикъун бачIани, щакаб жо буго гьев чи гьениса чIаго ворчIи.

Вагьабиявин цояз абила, Америкаялъул жасусин цогидаз чIезабила, ай как балезулги, гIарац бикъулезулги чукъбуца чIван реххизеги рес буго гьенивго. ХIатта гьаб макъала хъвалев дунги лъезе рес буго диналда ва пачалихъалда данде чIаразул кьерде. Гьединаб буго хIакъикъат кигIан рагIизе санагIат гьечIеб бугониги. Кинабха бугеб вагIза ва насихIат бищунго гIенеккарасе асар гьабулеб? ВагIза гьабулев чияс жинцаго мисалалдалъун бихьизабулеб? Гьеб кин? Инсан вацIцIалъиялде ахIулев ватани, гьудуллъун ккве ва тIоцебесе кьерде ваче вацIцIадав чи, ришватчи гурев.

Гьеб мехалда борхила къимат вагIза гьабулесул. Нилъеда якъинго лъалеб жо буго, творческий интеллигенциялъ: хъвадарухъабаца, журналистаца, мугIалимас, тохтирас, инженерас, мажгиталъгун имамзабаца, гIалимзацагун цогидаб рахъалъул махщелчагIаз гIарцул культ гьабичIони, цохIо хъулухъазухъ ва ресалъухъ балагьун чиясе къимат кьей тани тIубанго хисула гьаб дунял. Дуниял хисизе буго, сахаб наслу гIезе буго. ХIасил калам, кинабго бараб буго тIоцебесеб иргаялда нилъер щивасда, хадуб тIубанго жамгIияталда. БичIчIула гьеб цо къойил, моцIил яги лъагIалил иш гуро. Лъала гьелда тIад хIалтIун тIубан цIияб, бацIцIадаб гIел бачIине кколеблъи. Амма нухда вахъинчIого сапар байбихьуларелъул, байбихьичIого хIажаталъувеги щоларо, хIажат буго байбихьи гьабизе.

Байбихьи сундалъун абун суал бачIуна. ТIоцебесеб иргаялда гьел чагIазе хIелхIедичIого, гьезул кумирал гьаричIогониги рукIине. Дица макъалаялъул байбихьуда рехсарав вацIцIадав эменги, гьесда релълъинчIев инжитаб нух тIаса бищарав васги кIиялго руго жидерго заманабазул лъимал. Халкъалъ ва гьеб халкъалъ гIумру гьабулеб заманаялъул тIалабаз гIезавулев вукIун вуго инсан. Нилъее гIумру камилаб бокьанин абун гьеб лъугьунареб букIун буго, поэтас абухъе: "ГьетIараб тIилалъул битIараб рагIад, балагьулел гьечIищ гьаб ракьалда нилъ?" ХIаракат бахъизе ккола тIил битIараб букIине.

Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG