МагъчIваялъе рес

Дуца нах бахуге мохмохалда тIад...


Жеги ал гIадамал цоял гIарчIиххун бералгун ццин бахъун, цогидал ирониягун хьимун, лъабабилез гьелъул бицунго пайда гьечIин квер хьвагIулел рукIуна Рамазан ГIабдулатIиповас абурал цо рагIабиги рехсон. Кинал  рагIаби гьел? "Дица нуж лагълъиялдаса хавасар гьаруна" - ян абурал рагIаби. "

Дун вукIинчIо, ле, лагълъун, дун, яги дир умумул рукIинчIо!!!" - ян цIацIан бид риххарал бералгун, понцIон бидурихьалгун каранда бугеб гурде бихъизе журала гIемерисел. ВукIинчIого ватизеги рес буго гьеб абулев чи "лагълъуда", гьединго вукIун ватизеги рес буго. Кинабго бараб буго гьеб "лагълъуда рукIана" абураб калимаялда гъоркь кинаб магIна гьел рагIаби абурав чияс лъеялда. Масала, хIурият бергьун хадуб улкаялда ракъи букIанин хъван буго цIакъ гIемерал бакIазда тIахьазда.

Гьеб калима борхатаб бакIалде рахун такрарги гьабула. Амма цониги дун, яги дир умумул ракъун рукIинчIин абун керен буххулев чи вихьичIо дида. РукIун ратила доб заманалдаги ракъичIел, квен бугел чагIиги.

Щайха гьел руцIцIун чIолел ругел гьеб рагIарабго? Щай гурелъул гьеб "халкъ бакъун букIана" абурал рагIаби руго гIаммаб сурат цебе чIезабун абурал рагIаби. Гьел ритIахъе ричIчIизе бегьуларо. РитIахъе ричIчIунги гьечIо гьел гIадамазда. Гьелъ дагIба букIунаро. Амма гьаб "лагълъудаса хвасар гьаруна" - ялда цIакъ ццин бахъула. РукIанищ нилъ гьеб образ хIисабалда рехсараб "лагълъуда" рукIинчIищали ургъила гъоркьехун.

ГIабдулатIиповас нилъ жинца "тархъан гьарунин" абулеб заманалъул асдияб нухмалъи кканин абизе бегьула Пачалихъияб Советалде ва гьелъул хиси гьчIого I6 соналъ вукIарав председатель МухIамадгIали МухIамадовасде.

Гьев чияс жинди нухмалъиялъул заманалда миллиял рагъа-рачариязул церехъабаздаса депутаталгун министралги къачIана, бандитаздасагун цIогьаздаса ва чIвадарухъабаздаса шагьаразул ва районазул бутIрулги гьаруна. Хъулухъал, тахбакIал инсуца васасухъе, васас вацасухъе, вацас цойги хъулухъалде живгоги ун жиндир кверщел тIад бугев чиясухъе кьолеб, финансово-криминалияб ва тухумазулгун росабазул къагIидаялъ нухмалъи гьабулеб стркутураги гIуцIана.

Гьесул нухмалъиялъул заманалда гIелму цIали ва вацIцIадго хIалтIи рогьолъун лъугьана, гIадамал чIвай ва гIарац бикъи хъулухъалда тезе сабаблъун ккана. Гьеб нилъеда бихьула жакъаги тахбакIаздаса ун рахъичIел гьесул заманалъул гIангразухъ ралагьун. Живго МухIамадгIали вихьизеги гьайбатав, кIалъазеги гIакъилав, гIадамазулги рекIелъ восулев чи вуго. Амма нухмалъиялъул хIасил тIадехун рехсараб гIадаб букIана.

Гьеле гьев хIикматав инсанасе хъулухъалдаса нахъе арабго къануналъ рихьизарурал бигьалъаби: машина, кабинет, курортазда бакI, харж ва цогидал тIокIлъаби нахъе рахъизе кколин хитIаб гьабуна Дагъистаналъул прокуратураялъ. Нилъеда лъалеб бакIалдаса МухIамадгIали вуго Дагъистаналда бищунго бечедаб ва ресалда ругездаса цояблъун рикIкIунеб хъизамалъул бетIер.

Лъиениги балъголъи гуро гьесул лъималазухъе республикаялда бищунго хайир кьолеб нартги, лъимги, газги букIинги. Россиялъул президентасул администрациялъул бетIерасул заместителлъун васги вуго. Гьесие льготаби нахъе рахъи тIалаб гьабулеб бугин прессаялдаса хабар бачIарабго гIемераб хъуй бахъана социалиял гьиназда гьеб рекъон гьечIин.

Зоб-ракьалъ хIехьелищ гьеб хIалихьалъиян рахъана цере жамгIиял хIаркатчиги, хъулухъчагIиги, хъулухъалдаса аралги, хъулухъалда хиял лъуралги бахIарзал. Цо щинав бигьалъабиги нахъе рахъун чед-хинкIго гьечIого МухIамадгIали хутIизе гурин рахIмуялъул бераздалъун балагьана гIалам.

Гьезда ракIалде рачIунел гьечIо микьазарго харж бугел пенсионерал, лъехъгун газалъухъ гIарац кьезе рес гьечIел мугIалимал, бестIалал, гъаримал, мискинал гIадамал. Гьел киналгоги кIочон анцIго наслуялъе гIураб буголъи нахъе лъурав МухIамадгIалие бигьалъаби теян хитIабал гьарулелги, гьесда гурхIаралги, гьезул рахъ ккуралги чагIи щалха кколел? Гьеб "тIалабалде" гурищ хъван букIараб поэтас:

"Дур къалъи бакъалъе хIажатаб гьечIо,

Хинлъизаре дуца хасалил сардал.

Дуца нах бахуге мохмохалда тIад,

ТIинкIе гьеб бакъвараб чадил мочIуде..." - ян.

Гьеле гьеб "мохмохида нах бахулеб" халкъалъул бицунеб букIун батилин ГIабдулатIиповасин ккана ракIалде гьел КIудиясул пенсиялъул тIалаб гьабулел бахIарзал рихьарабго. Бицун пайда щиб, дунял бижаралдаса нахъе рукIана тIадчагIиги, гъоркьпалугьабиги, гьанжеги камилищха гьел? Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG