МагъчIваялъе рес

Перроналда пачалихъ ва "къватIисев тушман"


ГIажаибаб пачалихъ буго нилъер. Дунялалда бищунго кIудияб ракьги бугеб, ядернияб ярагъги бугеб, 90 проценталде гIагарун халкъалъ божилъи гьабулев цевехъан президентги вугеб, амма щивниги жинда божизеги божулареб. Гьеле гьеб "щивниги божулареб" абураб жоялъе дагьаб гIатIидго баян кьезе кколеб буго гъоркьехун.

Жакъасеб Россиялда балагьарабго кинабго улка поездалъухъ балагьун чIараб гIадаб ахIвал-хIал буго. МоцIалъ цеве магIарухъе щвезе ун вукIана дун. Дова щивав чи вуго дагьабниги санагIалъи ккани райцентралде гочизе, дагьабги рес рекъани шагьаралде, гIатIиракьалде рещтIизе санагIалъи балагьулев. МахIачхъалаялда ругел хIакимзабазул ва дагьабниги ресалда ругел чагIазул лъимал унел руго Москваялде.

Россиялъул политикияб ва финансовияб элита ва гьезул лъималаца магIишатги, рукъзалги, гIумру-яшавги Европаялда ва Америкаялда гьабулеб буго. Гьеб лъиениги балъголъиги гуро. Жакъа нилъер улка сверун буго вокзалалде. Кинабго халкъ балагьун буго цо кибе бугониги гочине санагIат ккеялда. Экономикаялъул рахъ босани тIубанго халкъ "къватIиб" бугин абизе бегьула. Жакъа бугеб экономикияб ахIвал-хIалалъул рахъалъ гIадамаца тIоцебе кьолеб суал буго: "Доллар чамалде бахун бугеб?" абураб.

Лъицаниги гьикъуларо гъурущ хиралъулебищ бугеб учузлъулебищ абун. Балагьулеб, багьа гьикъулеб, щивасул гIаданиб бугеб ва гIалам хадуб лъугьараб жо буго доллар. Гьелъ бихьизабулеб буго нахъойги улка перроналда, ай кидадай гьаниса къватIире рорчIилин абун чемоданазда тIад рукIин. ХIатта патриоталцин гьедин руго.

Гьеб патриотлъиги дагьаб харжида ва гIорцIизегIан квен гьечIого гьабизе гIемер санагIатаб жо рагIуларо. М.Веллерица абухъе, "патриотлъун" рикIкIуна гьеб патриотизм абураб жоялъе гIоло къо хIехьезе - вакъизе, квачазе, вагъизе, хвезе хIадурарав чи. "Единая Россия" партиялдеги лъугьун, думаялъул депутатасул харжги босун гьабулеб патриотлъи гIемер захIматаб жо батуларо. Гьелда хурхунги гIаксияб, цо-цо мехалда тIубанго мекъаб пикру бижизабун буго халкъалъул, пачалихъалъул пропагандиял алатаз.

Масала, пачалихъалъул тендераздалъун миллиардалги рикъун, державаялъул бицун ва В.Путинил рахъ ккун ахIтIолев чи рагIула патриот. Улкаги бокьулев, халкъги бокьулев, бюджет бикъулел чиновникалгун ришватал росулел тIадчагIиги рихарав ва рагьун гьелъул бицунев чи - "пятая колонна", магърибалъул агентал ва гьелда релълъарал ахIмакъал тIокIцIарал лъолел руго гьезда долго бюджет бикъулел "патриотаз".

БатIа гьабизе лъалеб гьечIо коррупциялъ босараб тIалъиялдехун ва халкъалде бугеб бербалагьи. Хасго гьеб рахъалъ ура-патриотаз гIакълуялъул гьаракь къинабураблъун букIанин абизе бегьула ахираб щуго - анцIго сон. 2000 абилел соназул байбихьудаса нахъе исана сон сверизегIан аслияб телепропаганда унеб буго къватIиса тушман валагьулаго. ТIоцересел тушбаби рукIана Чачан республика ва халкъазда гьоркьосел террористал.

Гьел хасал хъулухъазул ва Рамзанил гвардиялъул кумекалдалъун мерхьана. Хадусев тушман лъугьана Саакашвили, баккана Югалъулаб Осетиялъул проблема ва Абхазия. Гьел Грузиялдаса ратIа гьаруна, цIарги реццги - "багIараб армиялъе". Гьеб масъалаялдаса рорчIун чанго сон сверарабго нахъойги мадугьалихъ бугеб Украина, Донбасс, Крым, укрофашистал, магъриб ва жеги рагIалде бахъинчIеб вала-рахас лъугьана.

Крым батIа гьабуна, империялъул амбициязе гьеб лъугьана къохьода нах бахъараб гIадаб асар. Гьеб гIалагъважаялдаса рорчIилелде ГIагараб Машрикъ, Шам, ИГИЛ, Турция ва цIиял тушбаби. Гьелъул щиб хIасил ккелебали жеги лъаларо. Лъалеб жо буго къо бахъанагIан бортулеб гъурущги нартги, борхулеб еврогун долларги, мискинлъулеб халкъги букIин.

Дир суал буго улкаялъул тIалъиялъе ва гьел реццун беццлъарал патриотазе, цо къоялъ гьеб перроналда чемоданазда кIусараб халкъалъ къватIисел тушбабиги тун жанисел проблемабазул гьикъани, щиб жавабдай гьез кьелеб? Щай дунялалда нартил экспорталъул рахъалъ кIиабилеб бакIалда бугеб пачалихъалда бищунго хираго бензин бугеб? Щай херасе кьолеб пенсиялдаса думаялъул депутатасул харж нусго нухалъ цIикIкIун бугеб?

КидалъагIан нилъ рукIинел киналго гIайибал къватIисезда тIадги къан, жаниб ришватги, цIогьги, жагьиллъиги, ахIмакълъиги, гьекъолдиги, хъахIбалъиги ва цогидаб какараб щинабги хьихьун? КъватIисеб сиясаталъул повесткаги нахъе реххун, жамгIияталъ жанисеб политикаялъул, экономикаялъул ва социалиял сулал рорхани щиб жаваб кьелеб улкаялъул нухмалъиялъ? ЦIиял тушбаби ургъулелищ рукIинел? Суалал ... суалал... Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG