МагъчIваялъе рес

"КъватIисел улкабазул агенталищ" инсанасул ихтиярал цIунулелищ?


Россия - «Яблоко» партиялъул активистаз НКОязда сверун къанун кьваризабиялде данде Думаялда цебе тIобитIулеб акция, Москва, 6Июл2012
Россия - «Яблоко» партиялъул активистаз НКОязда сверун къанун кьваризабиялде данде Думаялда цебе тIобитIулеб акция, Москва, 6Июл2012

Россиялъул пачалихъияб Думаялда рузман къоялда тIосебесеб цIалиялда къабул гьабуна пачалихъиял ва коммерциялъулал гурел идарабазда ай НКОязда сверун къануналда хиса-басиял гьариялда сверун къануналъул проект. Гьелда рекъон къватIисел улкабаздаса грантал щолел идарабазе кьолеб буго «къватIисел пачалихъазул агент абураб статус» .

Гьеб проекталъул рахъ ккун буго 323 депутатас, ункъгояв вукIун вуго данде ва цояс гьаракь кьун гьечIо.
Амма гьеб къануналъул проект тIубанго рекIее гIолеб гьечIо улкаялъул инсанасул ихтиярал цIунулезе. Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун президентасда цебе бугеб Шураялъул бетIер Михаил Федотовас лъазабуна гьеб къануналъул проект Конституциялде данде кколарин.

Гьеб проект тIубанго рекIее гIолеб гьечIо улкаялъул инсанасул ихтиярал цIунулезе. Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун президентасда цебе бугеб Шураялъул бетIер Михаил Федотовас лъазабуна гьеб къануналъул проект Конституциялде данде кколарин.

Щибизе гьарулел гьел хиса-басиял; улкаялда гражданияб жамгIият букъизейищ, улка къватIисел пачалихъазул агентаздаса цIунизейищ?

Риидалил хIалхьиялъул къоял щвелалде пачалихъиял ва коммерциялъулал гурел идарабазда ай НКОязда сверун къануналъул проект тIубанго къабул гьабизе ракIалда буго депутатазда, гьелъие гIиллалъун кколеб буго цо-цо социалиял къунанал кьваризарурал хиса-басиял хасалихъе къуваталде лъугьине рукIин ва тIолабго улкаялда протесталъул акциял рагъаризе бегьи. Гьедин хъвалеб букIана гьал къоязда алманиялъул «Tagesspiegel» газетаялъ.

Гьеб къануналда рекъон, къватIисел улкабаздаса гIарац щолел НКОязе кьезе буго цIияб «къватIисел улкабазул агентал» абураб статус («агентал» абураб рагIиги гьаниб бичIчIизе кколеб буго «вакилзаби» абун). Гьел идараби росизе кколел руго хасал реестраздеги. Гьелде тIадеги, гьезул хIалтIул хал, россиялъул цоги гьединаго идарабазде дандеккун, гIемерго ризго гьабизеги бихьизабулеб буго.

Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутат гьеб къануналъул проекталъул авторазул цояв Александр Седякиница Эркенлъи Радиоялъе гьадин бичIчIизабуна гьеб къануналъул проекталъул магIна.

Александр Седякин: «Нижеца бицен гьабулеб буго РФ-ялъул территориялда ругел ва къватIисел улкабаздаса яги халкъаздагьоркьосел идарабаздаса гIарац букIа къайи букIа щолел ва гьебго заманалда политикияб хIаракатчилъи бугел комерциялъул гурел идарабазул яги гражданазул.

Гьеб къануналъул проекталда рекъон, гьезул хIалтIуе кинал рукIаниги тIадеги гIурхъаби лъолел гьечIо. Нижер проекталда рекъон, бащдаб лъагIалида жаниб гьез загьир гьабизе ккола жидерго хIалтIул хIасил, бихьизабизе ккола гьезие кумек хIисабалда кьураб гIарцул къадар ва бицине ккола жидее нухмалъи гьабулел идарабазул хIакъалъул информация. Гьеб информация цинги россиялъул гражданазе рагьун загьир гьабизеги буго».

Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул бетIер Людмила Алексеевалъ Эркенлъи Радиоялъе бицана гьезул идараялъ гьез цIунулел ругин «россиялъул гражданазул мурадал» ва гьел кинал рукIаниги «къватIисел улкабазул агенталлъун» кколарин. Гьеб къанун хисизабизе бахъулеб хIаракатги релъараб бугин къватIисел улкабаздаса гIарац щолел россиялъул идараби суризаризе бахъараб ахIиялдаян абуна гьелъ.

Людмила Алексеева: «Нижеца гьеб гIарац босула нижер улкаялда жаниб гIарац босизе яги щвезе рес гьечIолъиялъ. Пачалихъиял фондаз гIарац кьола гIицIго жидеего ва тIалъиялъе данде кколел идарабазе. Масала дица нухмалъи гьабулеб Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъе грант щола адвокатазе кьезе гIарац гьечIел гражданазе юридикияб кумек гьабизелъун. Гьеб щиб? Цоги улкабазул гражданазул мурадал цIунийищ кколеб?

Россия -- Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул бетIер Людмила Алексеева,Москва, 23Maр2010
Россия -- Москваялъул Хельсинкиялъул къукъаялъул бетIер Людмила Алексеева,Москва, 23Maр2010
Гьеб буго нилъер гIадамазул мурад цIуни. Кинал рукIаниги агентал ниж гуро. Гьединал къануналги къабул гьарулел руго хIалихьатаб мурадгун- гьеле гьез жидецаго абулеб бугин жал къватIисел улкабазул агентал ругин абизелъун.
Киналго гьечIониги, телевидениялъ бицунелда божулел гIадамалги ругелъул Россиялда. Гьеле гьезие бицине къачIалеб хабар буго гьеб. Гьезда ккезе буго киналиго инсанасул ихтиярал цIунулел ругин къватIисел улкабазе хIалтIулел тушбабиян».

Москваялъул Хельсинкиялъулаб къукъа гIуцIун букIана 1976 соналда, къватIисан гьелъие тIоцебесеб грант щун букIана 1993 соналда гьеб тIолго дунялалда машгьураб идаралъул лъугьараб мехалда.

Советияб заманалдацин хIалтIизе бажарарал жидеда жакъаги бажаризе бугин, гьелде иш ккани, къватIисан грантаздасаги жидеца инкар гьабизе бугин, амма цоги улкабазул агентал хIисабалда жидеца киданиги регистрация гьабизе гьечIин абуна жеги Людмила Алексеевалъ.

Жидер хIалтIи хурхараб бугин лъайкьеялъул программабазда ва мониторингал тIоритIиялда. Гьеб политика кколарин. Жидеца абулеб бугин, гIадамал, нужер ихтиярал хвезарулел ругин, нижер кумекалдалъун нужерго ихтиярал цIунеян.
Гьединаб хIалтIи гьабизе бегьулареб батани, ГIурус килисаялъ кинаб хIалтIиха гьабулеб бугебин гьикъулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулелъ.

Гьеб къануналъул проект Думаялъ нагагь къабул гьабуни, гьелда вето лъеян гьаризе бугин жинца президент Владимир Путинидаянги абулеб букIана Алексеевалъ.

РитIухъал ва эркенал рищиязе гIоло бугеб «Гьаракь» абулеб идараялъул пикруялда рекъон, къанун хисизабиялъе рехсолеб аслияб гIилла- коррупция дагьлъизаби ва гьабулеб хIалтIи тIатун гьаби-гьеб буго гIадамазда тIадрелъигIадаб жо. Къанунал рахъулез гьелъул гьабичIого ургъел политикиял хIукмуял къабул гьарулаго хIалтIи тIатун гьабиялъул гьабизе ккола ва коррупцияги пачалихъалъул хъулухъчагIазул кьералъа тIагIинабизе ккола.

Гьеб ассоциациялъул нухмалъиялдаса Григорий Мельконьянцил пикруялда къануналъул гьеб проект букIине рес буго тIакъсир гьабиялда сверун статьябазде рачиналъул цеберагIилъун. «Россиялда гIилла гьечIого щибго гьабуларо ва хъулухъчагIазда цIакъ лъикI бичIчIулебги буго сундул ишаралъул гьеб кколебали»-ян абуна гьес информалатазе.

Transparency Internationalалъул антикорупциониял цIех-рехазул централъул Москваялда бугеб бутIаялъул директор Памфилова Еленал пикруялда комерциялъулал гурел идарабазул хIакъалъулъ къваригIараб информация щвезе жакъа къоялде ругел къанунал гIунги тIокIал руго.

Елена Памфилова: «ЖамгIиял идарабазул хIалтIи бихьизабиялда ва гьел рагьарал рукIиналда сверун жакъа къоялде ругел къанунал гIунги тIокIал руго гьезул хIалтIи бихьизабизе. Жидее гIарац киса щолебали, гьелъул къадар кигIанаб бугебали, кинал мурадазе гьеб харж гьабурабали-гьеб киналъулго гьел идарабаз лъагIалида жаниб цо нухалда лъазабула Юстициялъул министерлъиялда. Гьеб министерлъиялъул сайталда гьеб информацияги лъун букIуна.

Къануналда рекъон, жалго гьел идарабазул сайтаздаги кьун букIуна тIолабго гьеб информация. Жакъа къоялде хIалтIулел ругел идарабазда сверун дие къваригIараб информация гьел сайтазда дида батулебги букIана. Гьединлъидал дида ккола гьеб киналъулго батIияб политикияб магIна бугин. Жеги бичIчIулеб гьечIо щибизе гьеб къваригIун бугебали. Жакъа къоялде ругел къанунал цIунани киналгIаги проблемаби рукIунаро. Юстициялъул министерлъиялъ гьелъие квер-бакъиги гьабулеб буго. Лъида букIаниги ракIалде ккун батизе рес буго гьел гьел къанунал дагьал ругин».

Инсанасул ихтиярал цIунулезул пикруялда бицен гьабулеб къанун кьваризаби-гьеб кколеб буго «Магнисткиясул сияхIалда» рекъон Россиялъул цо-цо хъулухъчагIазе улкаялде рачIине Цолъарал Штатаз гьукъани ва гьенир ругел банказда гьезул активал цIорозаруни Америкалъе кьезе хIадурулеб жаваб.
Америкалъул «Hermitage Capital» компаниялъул вукIарав юрист Сергей Магнитский медициналъул кколеб кумек щвечIого хун вукIана Москваялъул цIех-рехалъул заманалда жанир тIамулеб изоляторалда.

«ХIукуматалъул пикруялда рекъон, къватIисел улкабаздаса финансазул кумек щолел фондал автономияллъун лъугьуна. Кремлалъе абуни автономия абураб жого рекIее гIоларо, щайгурелъул гьезда тIад гьезул контроль билулеб букIун. Гьезда рарал фондал абуни бегьула хIинкъизаризе, рес букIуна гьел мукIур гьаризе, гьезие тIадецуй гьабизеги»,-гьедин рикIкIунеб буго Москваялъул Карнеги централдаса политолог Мария Липманица.

«Кремлалъул пикруялда, хиса-басиял къваригIаралщинал чагIи руго тушбаби, тушбаби абуни-къватIисел улкабаздаса гIадамал руго. Улка къватIисел улкабаздаса гражданаздасаги гIарцудасаги бацIцIад гьабизе ккола. Гьеб мехалда халкъалдагьоркьоб разилъунгутIиги букIине гьечIо». Гьедин хъвалеб буго «The New York Times» газеталъул сайталда блог бачуней Маша Гессеница бицен гьабулеб къануналда хурхун.

The Washington Postалъ хъвалеб буго Америкалъул Конгрессалъ «Магнискиясул къанун» къабул гьабиялъе жаваб бугин НКОязул хIалтIуе квал-квалал гьаризе бахъулеб хIаракат. Гьеб газеталда кьураб «Путинида ракIалда гьечIо Америкалъукьа къуркьизе» абураб макъалаялда хъвалеб буго къватIисел улкабаздаса гIарац бачIунел ва жамгIияталъул пикруялде кIудияб асар бугел россиялъул коммерциялъулал гурел идараби захIматаб хIалалде ккезе ругин.

Гьезие регистрация гьабизе бугин «къватIисел улкабазул агентал» абун ва тIалъиялъул рахъалдасан гьезул хIалтIул цин чIечIого хал гьабулеб букIине бугин.

Америкалъул президент Барак Обамал критиказ рикIкIунеб буго гьанже Москваялъулгун ругел рагIирекъонгутIияз бихьизабулеб бугин кIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби «цIигIуцIиялъул» («перезагрузкаялъул») план кIалагъоркье речIчIун букIинин.

КIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби гIагараб чанго соналда жанир хисизе ругин кколарин жинда ва Обамал администрациялда гьеб бичIчIулебги бугин абураб пикру загьир гьабун буго Джорджтаун университеталъул профессор Гьарли Бальцерица The Washington Postалъе.

Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутат гьеб къануналъул проекталъул авторазул цояв Александр Седякиница абуна Америкалдаги бугин "къватIисел улкабазул агентазул" регистарция гьабизе тIадаблъун гьабулеб къанунин. Гьебги цебегоялдаса хIалтIулеб бугин.

Александр Седякин: «Америкалда цебегоялдаса хIалтIулеб буго гьединаб къанун. Гьезул къануналда мухIканго бихьизабун буго Америкалъул территориялда къватIисел улкабазул гIарцуде политикияб, инсанасул ихтиярал цIуниялъул яги жамгIияб хIаракат бихьизабулел чагIи къватIисел улкабазул агентал ругин.

Гьелъул рахъалъ Россиялъул къануназда букIана гIунгутIи. Нижее къваригIун буго нилъер гражданазда бихьизабизе улкаялъул гражданияб жамгIият цебе тIезабулеб НКО киб бугеб ва къватIисел улкабаз гIарац кьолеб НКО киб бугебали».

Бицен гьабулеб гьеб къанун сундуе гIоло къабул гьабун букIараб ва гьеб гьанже Россиялда къабул гьабизе бицунеб "Цогояб Россия" партиялъул къануналъул проектгун дандекквей битIараб бугищали нижеца гара-чIвар гьабуна политолог Андрей Пионтковскийгун.

Андрей Пионтковский: «Дида лъалеб бакIалъан, гьеб къанун къабул гьабун букIана 1938 соналда президент Рузвельтил администрациялъ. Гьелъие гIиллаги букIана доб заманалда улкаялда Гитлерил агентуралъе хIалтIизе квал-квал гьаби. Гьанже гьеб къанун ракIалде щвезаби гIемерго битIараблъун бихьуларо дида.

Гьедин, кигIан бокьичIониги, цоцазде данде лъолел руго Гитлерги президент Обамаги. Америкалъе Гитлеридасан букIараб хIинкъи данде кколеб буго гьаб заманалъулаб Россиялъе Обамадасан букIине рес бугеб хIинкъиялде».

Гьеб къанун гьанже хIалтIулеб бугищалицин лъаларин жинда. Америкалъул политикияб гIумруялда хадуб жинца халккун бугел ахирисел анцI-анцI соназда жаниб гьелъул бицунебго рагIичIин жиндаян бицана нахъеги Пионтковскияс.

Россия-- политолог Андрей Пионтковский, Москва, 14Апр2009
Россия-- политолог Андрей Пионтковский, Москва, 14Апр2009

Эркенлъи Радио: КъватIисеб улкаялъул асар бугеблъун рикIкIине рес бугищ Америкалда кинаб букIаниги идара?

Андрей Пионтковский: «ГьечIо. Жакъа Россиялда «къватIисел улкабазул агентазда» сверун къанун къабул гьабизе бокьараз цебехун бицараб Рузвельтил къануналъул гуребги бицунеб буго лобизмалъулаб абулеб къануналъулги. Щиб кколеб гьелъул магIна?

Америкалда, къануналда рекъон, регистрация гьабизе бегьула цо пуланаб къватIисеб улкаялъул лобистлъун бугин жибан абун бокьараб идараялъ. Гьенир кигIан бокьаниги руго Путинил лобисталлъун кколел идараби. Масала дунялалдаго машгьураб кетчуб гьабулеб фирма.

Гьелъ тIибитIизабулеб буго РФ-ялъул «Путин» абулеб бренд. Америкалъул политикияб гIумруялдаги руго гьединал лобистал. Масала Америкалъул Пачалихъияв секретарьлъун вукIарав Генри КиссинжергIадал. Буго «Киссинжер-Примоков» абулеб гIакъилазул къукъа. Гьелъие финансазул квер-бакъи гьабула россиялъул бизнесалъ ва гьелъие регистрация гьабун буго Америкалда.

Америкалъул цоги Пачалихъияв секретарь Александер Гьейг-гьев вукIана Туркменбашил лобистлъун. Америкалъул масштабазда гьесие кьолеб гIарац 100азарго доллар цIакъго дагьаб гIарац букIаниги, гьединаб хIужа букIана. Лобистал бокьарал рукIине рес буго, амма гьел киназдаго тIадаб буго регистрация гьабизе».

Эркенлъи Радио: Жакъа пачалихъиял ва комерциялъулал гурел идарабазда сверун къануналда хиса-басиял гьаризе Россиялъу лъугьиналъе гIилла щиб?

Андрей Пионтковский: «Кремлалъе рекIее гIечIо «Гражданин тохалчигIадал»
цоги идарабазе батIи-батIиял къватIисел улкабазул грантал щвей. Гьебги Россиялда парламентиял ва президентасул рищиял унел рукIараб куцалда хабуд контроль гьабизе.

Дир пикруялда гьеб кинабго букIана Россиялъул интересазде данде кколеб ишлъун. Гражданазеги жибго пачалихъалъеги кIвар букIине ккола жидеца тIоритIулел рищиял лигитимияллъун чIезариялъул. Гьеб кколаро Америкалъул кинал рукIаниги мурадал Россиялда цIунун рукIиналъул гIаламатлъун».

Цоги политолог Марк Урновасул рагIабазда рекъон, гьеб къануналъул проект мухIканаб гьечIо. Цогояб Россиялъе гьеб къабул гьабизеги къваригIун буго къватIисел улкабаздаса гIарац щолел ва жидее данде кколарел идараби сурукъго рихьизариялъул мурадалда.

Урновасул рагIабазда рекъон Единая Россиялъул машгьурлъи гIодобе кколеб буго. Гьелде тIадеги, тIалъиялда хутIизелъун гьез къанунал хвезариялъул хIужаби тIадккураб мехалда гьеб кверщалидасаги гьел махIрумлъизе рес буго.

Марк Урнов: « Цогояб Россиялъул машгьурлъи гIодобе кколеб буго жибго тIалъиялъул машгьурлъи гIодобе кколеб букIиналъ. Гьебго заманалда жидее кьурал гьаркьал гьересиял рукIанин чIезабулебги бугони, гьезие фальсификациял гьарулаго тIадкколелги ругони, кверщел кодоса борчIизеги рес бугелъул. Гьедин байбихьулеб буго гьеб гIантаб женкIей»

Инсанасул ихтиярал цIунулев Сергей Ковалёвасул ракI чIараб буго бицен гьабулеб къануналда хиса-басиял гьариялъ халкъалда гьоркьоб дандечIей цIикIкIинабизе букIиналда ва гьесул пикруялда къануналде данде кколареб тIалъиялъул ахир гьелъ гIагарлъизабизе букIиналда.

Сергей Ковалёв: «Гьединал къануназул проектал-гьел руго рухI бахъулеб аздагьоялъул махIцараб хIухьелалда релъарал жал. Гьеб махIалъулъ гъанкъизеги рес буго. Дида ккола, гьаб заманалъул политикияб ахIвал-хIалалда кIвар бугин къануналде данде кколареб, къанунал цIунулареб пачалихъалда гIумру гьабизе бокьун гьечIел миллаталъул церетIурал гIадамазул къадар цIикIкIунеб букIинин».

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулезда ракIалда буго Европалъул Парламенталде ва Америкалъул Сенаталде бицен гьабулеб къануналъул проекталъул авторал Магнитскиясул сияхIалде росейин хитIаб гьабизе.
XS
SM
MD
LG