МагъчIваялъе рес

"Тушманасухъе" цIунизе кьураб гIарац...


Политикияб портреталъул экспозиция. Москва, 30Ноя2015
Политикияб портреталъул экспозиция. Москва, 30Ноя2015

Цо рос хварай магIарулалда "алжан къачIазе арав ватайги" - ян зигара барабго данде жаваб гьабун бугила: "кIигIан кIалъаниги гьагъаб чахъаби тIамулеб чолол каву къачIан бажаричIоха, яц, алжан къачIалев гIадав чиги вукIинчIо"-ян. Гьеб мисал бачуна магIарулаца кIиго батIи-батIияб ахIвал-хIалалда хурхун. ТIоцересез гьеб бачуна абураб рагIи битIахъего, магIнаялъул рахъалде балагьичIого къабул гьабулел чагIи рихьигун. КIиабилеца хIалтIизабула жиндиегоцин чIаголъи гьечIев чияс чияе кин гьабилеб абураб магIнаялда. "Жиндие чед гьабичIес чияе гурга кьоларо" - янги абула.

Гьебго хIисаб бугин абизе бегьула кIудияб бац Россиялъ Асадгун Шам "талихIаллъун" гьаризе ва улка цIунизеян ралел бомбабазухъги ралагьунги. Лъалеб букIахъе, жакъа финансазулги экономикалъулги кризисалъул заманалда Шамалда лъолел авиакьабгIиял Россиялъул бюджеталъе рахунел рагIула цо-цо баяназда рекъон къойие 200 миллионалде. Гьеб рагъул экономикияб рахъалъул бицунаго экспертазул пикраби тIуранго данде кколел рукIинчIо. Цо-цоязул баяназда рекъон Россиялъ ГIагараб Машрикъалда тIад босараб кверщелалъ дунялалда нартил багьа бахине кколаан. Ва рагъулаб операциялъе харж гьабураб гIарац дунялалъул базаралда нартил багьа бахиналъул хIасилалда тIад буссине кколаан.

Нилъеда бихьулеб бакIалдаса абизе гIураб хиса-баси гьел кьабгIияз кьечIо ва нарт багьалъичIо. ТIаде жоялъе риларал миллиардазда тIаде квешлъана къватIисеб политика ва дипломатиял гьоркьорлъабиги. МоцIалъ цебеги лъикIаб гьоркьоблъиялда букIараб Турция тушманлъана. Жакъа Россельхознадзор лъугьун буго халкъалда бичIчIизабизе турказул нигIматазул бугеб заралалъул. ТIаде жоялъе росадал магIишаталъул министр Ткачевас абулеб буго Россиялда кIолила 15 проценталде тIаде росдал магIишаталъул нигIматазул инфляция биччангутIизе. Ай турказул помидорал гьечIого нилъго нилъецаго хьихьизе. БукIуна гIадатияб ахIмаклъи, "гьас ахIмакъал жал рицунел руго" - ян гIадамаца квер хьвагIун толеб. Гьеб буго кинаб бугониги баян кьезецин рекIее къабуллъулареб ахIмакълъи.

Кин бугониги баян кьезе кколеб буго гьаб ахIмакълъиялъеги. Лъица азие триллионал нефтедолларал ругеб пачалихъалъе квал-квал гьабулеб букIараб жалго бетIергьанал помидорал гIезаризе турказухъа росичIого? Щиб бугеб гIаммаб жо Шамалъул гIорхъода бортизабураб самолеталдаги помидораздаги? Гьенир миллиардал кьвагьичIого щай аз тIоцебесеб иргаялда экономикияб, хIатта къватIисел шартIазда бухьичIеб продовольствияб хIинкъигьечIолъи бугеб, жибго жинцаго хьихьизе кIолеб пачалихъ гьабулареб? Сунда бан бугеб гьаб ахIмакъаб роххел ва оптимизм гIадмазда тIаде бомбаби ралаго? Щай хIисабалде босулареб 1979 абилеб соналъ босараб Аминил кIалгIаги, гьенир харж гьарурал миллиардалги, чIварав 15 азарго солдатги, нахъе хутIарал аза-азар жакъаги жидее рукъзал кьеян къватI-къватIазда чIарал инвалидалги, къватIиб рагъ байбихьилелде цебе?

КидалъагIан нилъ рукIине ругел къватIиса тушбаби ралагьулел ва жаниб гIумру ва шартIал гIуцIизе кIолареллъун? Щай бокьараб жидер ахIмакълъиялъе къимат кьурал чагIазда "5 колонна", "хиянатчагIи" абун цIарал лъолел урапатриотаца хIисаб гьабулареб улкаялъул нухмалъиялъ гьабулелъулги абулелъулги? Магърибалъул улкабиги Америкабиги квешаб батани щай аз жидерго гIарац Европаялъул банказда лъолеб, жидерго лъимал гьенир цIализарулел, гIумру гьабизе гьенире унел, унтани сах гьаризе гьенир регулел? ТIад русса абе жалгоги лъималги Россиялде, гьанир больницабаздаги рега, гьаниб лъайги босе, Россиялъул банказда гIарацги лъе, цинги хадур лъезе риччай гIадамазда тIокIцIарал. Ал щибулелха тушманасухъе цIунизе гIарацги, гъоркьлъалие лъималги кьун? Гурони гьезул пропагандаялда ва зонбоящиказухъги гIенеккун улкаялъул къираласе хъатги чIван чIани нилъ лъабабилеб дунялалъул пачалихъаздасаги ахаде ккезе руго.

Терроризм ва гIадамал чIвай квешаб, рогьояб, жибго Исламалдасацин гIалам нахъе цIазабулеб жо букIиналда щаклъизе бакI гьечIо. Амма кIудияб дуниялалда "гIадлу" гьабизеян бомбабазулгун ракетабазул "ясикIаби" гIадамазда тIаде ритIулеб пачалихъалъе лъикIан тIоцебесеб иргаялда жаниб аз какулеб бищунго нахъе ккараб Европаялъул пачалихъалде гIагарарабниги яшав гIуцIизе, хадур ургъизе гьеб "гIадлуялда" тIад. Нилъеда жиндир мунагьал рахчаяб СССРалъги гьезул бугьунлъуде рачIарал вождазги гьабураб политикаялдаса бихьана гьаблъиялда ани иш сунде кколебали.

Дунялалъул базаралда нартил багьа бортарабго дваргъиялда биххун ана ракетабазулгун бомбабазул пачалихъ. Цебе жаниса сах гьабун лъикI гурищ аб улка? Гьаб суалалъе 99 проценталъ жаваб кьела гьеб дуда лъаларин, В.Путинида лъалин. 89 проценталде гIагарун рейтинг рагIула жакъа гьесул цо-цо цIех-рехазда рекъон. Гьебголъидал букIараб Афгъаналда Аминил гьундул росизе амру кьурабго Леонид Ильичилги. УнкъцIул Совет Созалъул бахIарчи, поэтас хъвавухъе "каранда цIвабигун Леонид Ильич, коньякалъул цIураб шиша киниги" Гьеб рахъалъни В. Путин роцIцIараб бетIералъул ва бацIцIадаб каламалъул чи вуго. Пайда щиб, гьал цо хIасилал абурал жал квешал гьечIелани. Хабар лъикIаб рагIайги!

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG