МагъчIваялъе рес

Щиб гIуцIаниги КПСС лъугьунеб буго


"Россиялда кинаб партия гIуцIаниги гьелъул КПСС лъугьуна" - ян абураб пикру чIобогояб бакIалда бижараб жо гуро. Щайгурелъул Россиялъул империялъ ва империялъул гIаламат кIибетIераб цIудуца жиндир кверщел магърибалде -Европаялде ва машрикъалде - Азиялде биччаниги, жибго улка нухмалъиялъул ва халкъалъул менталитеталъул рахъалъ Азия цIикIкIун бугин абизе бегьула.

Гьеле гьеб "Азия" цIикIкIун букIиналъул гIаламатаздаса буго кинаб партия гIуцIаниги КПСС лъугьиналъе гIиллаги. Гьелъул магIна буго, гъоркьан, жамгIияталъул бичIчIиялъ ва пикруцоял гражданазул цолъиялъ гуро партия гIуцIулеб бугеб? тIасан гъоркье биччан, Кремлиялъ изну кьун гIуцIулеб, бугин абураб. Гьеб нилъеда жакъа бихьулебги буго Россиялъул парламенталъул хал гьабураб мехалда.

90 проценталдаса тIаде жамгIияталда ва хIатта жалго депутатазда батIа бахъизе лъаларо кинаб батIалъи бугеб, масала, "Единая Россия" партиялъул ва "Справедливая Россия" партиялъул программабазда гьоркьоб. Щай? Щайгурелъул гьел партиял жамгIияталъ гурел, тIадчагIаз гIуцIарал рукIун.

Гьеле гьеб "парламенталъ" мех-мехалда унго-унгоб, парламенталъ гIадин цIиял къануналги, гьел гьоркьор лъейги, чанго цIалиялда гьезда тIаса бахIсал ругелги гIадаб жо бихьизабула телевизоралдаса. Хасго парламент парламенталда релълъуна гьоркьо-кодов питна гьабизе В.Жириновский цеве вахъарабго.

Гьалеха нужее пикрабазул плюрализм ва рагIуе эркенлъиян ккола тIаде балагьун гьезул хIалтIи бихьарав чиясда. ХIатта хIакъикъияб парламент ва гьелъул хIалтIуда къоно чIваралдаса анцIгоялдасаниги сон свераниги. ГьечIо хIакъикъиял рищиялин абизе бегьула, административияб ресурсалъ хIажаталин ккарал процентал кьола партиязе ва гьезул сияхIаз рихьизарула парламенталде депутатал.

Масала, арал рищиязда Дагъистаналдаса Россиялъул парламенталде ун руго анцIго депутат, гьезул кIигояв - Рамазан ГIабдулатIипов ва Хизри ШихсагIидов тIад руссана цояв республикаялъул бетIерлъун, цогидав - спикерлъун. Гьезул бакIалда щал арал доре, хутIарав микьго депутатасда цIар щиб ва кинал законал гьез къабул гьарурал ва чанцIул жал рищараб халкъгун дандчIваралин гьикъани жаваб батуларо нилъеда.

Гьеле гьеб парламенталъул спикер Сергей Нарыжкиница ахирисеб думаялъул данделъиялда цебе лъуна къануналъул проект, диваналъ гIарац бикъи чIезабуни гражданинасдаса магIишат нахъе бахъулеб. Кутакалда лъикIаб, хIажатаб, тIолго халкъалъ рахъ кколеб къанун гьечIищха? "Буго" - ян абила нусгоялде гIагарун гражданаз, амма... Амма, гIадада гурелъул макъалаялъул байбихьуда абун букIараб Россиялда кинаб партия гIуцIаниги КПСС лъугьунин.

Гьанибги бачIинехъин буго гьебго "КПСС". Щай? Щай гурелъул, киналго Россиялъул нус-нус миллионаз магIишат бугел чиновниказ гьеб магIишат бахчулеб букIун, чияда тIад хъвараб букIун, улка тун къватIибе унеб букIун. ХIисаб гьабеха, щив кколев жакъа федералиял чиновниказул бищунго цIикIкIун коррупциялда хурхун рехсолев ва жиндир цIаралда сверухъ хъуй бугев чи? Юрий Чайка, Россиялъул генералияв прокурор. Гьесул васасул Грециялда ругел миллиардазул хIакъалъулъ кIудияб цIех-рех ва фильм бахъана Навальныяс. Официалияб хайиралда рекъон гьев Чайка рагIула живго бетIергьанаб рукъцин гьечIев пакъир.

"Российская газеталъул" баяназда рекъон гьес гIумру гьабулеб буго хъизангун цадахъ 206 квадраталъул метра гIатIилъи бугеб чIужуялъул рокъоб. Регионазул бутIрул росани, жив нуха регIун нусгоялде гIагарун джипазул рехьед бачунев, жанир гъалбацIалгун цIиркъазде гIунтIун зоопаркалги ругев, гьундузда жаниб гIумру гьабулев нилъер мадугьал Рамзан Къадировасул магIишат рагIула 33 квадраталъул метра гIатIилъи бугеб цохIо рукъ.

ХутIараб бечелъи гьесул рагIуларо. ГIадамаца "бугьатанал" лъолел руго Рамзанида, цохIо рукъалъул квартира гурони гьечIев чиясда. ХIисаб гьабеха лъида кьабгIи щвезе бугеб гьеб бикъараб магIишат бахъулеб къануналъ? ТIоцебесеб иргаялда жидер гIемер цIикIкIараб гуреб магIишат бахчичIого жидедаго тIад хъварал чагIазда.

"Гьоркьохъел гъалмагъирчагIазда" щвезе буго. КIудиязда квер базе кIоларо, гьитIинал рихьичIого хутIизе рес буго, цIияб къануналъул къурбаналлъун ккезе руго цIех-рехалъегун диваналъе кьезе гIураб гIарац гьечIел гъаримзаби. Гьеб къанун бахъун хадуб улкаялда бугеб магIишаталъул бащдаб ине буго "рагIдукье", ай регистрация гьабичIого тела.

Регистрациялъул лъугьунеб буго кIиго батIияб хIинкъизе бакI. ТIоцебесеб - магъало кьезе ккола, кIиабилеб - диваналъ такъсир чIезабуни пачалихъалъ бахъун уна. ХIасил калам, дагьлъизе буго мал-мулкалъул магъалоялъ бачIунеб гIарац ва легалияб гуреб хIалалде ине буго буголъи. Добго "КПСС" лъугьинчIони гьаб къануналъулги... Хабар лъикIаб рагIайги.

------------------------------------------------------------------------------------------------

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун дандеккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG