МагъчIваялъе рес

Парламент ва политикиял къуватал


A session of the parliament of Dagestan, illustration
A session of the parliament of Dagestan, illustration

Талат къоялъ Халкъияб Собраниялъул сессиялде гIемерал чагIи рачIун ругоан. РачIун ругоан киназдего гIагарун депутатал, сессиялде ахIарал хIурматиял гьалбал, республикаялъул министралгун федералиял ведомствабазул нухмалъулел. Дица гьаб макъалаялда бицине гьечIо нужее я парламенталъул повесткаялъул, я гьенир гьоркьор лъурал суалазул. Гьелъул х1акъалъулъ киналго информациялъул алатаз бицине буго гьадингоги.

Дица бицине буго ХъахIаб рокъор къватIир жанир рахъулел гIадамазул ва гьезул рахъалъ рижарал пикрабазул хIакъалъулъ. Парламенталъул жанахIалъуса жанире унезул гIемерисез кIвар буссинабулеб букIана цевехун къанагIат гурони хIукуматалъул "тусовкабазда" вихьизе щоларев, цIияв министр Сайгидпаша ГIумахановасде. Иргадаз баркулеб букIана Сайгидпашада хъулухъ - министерлъи. Дихъе щварал баяназда рекъон гьеб рагIула республикаялъул цолъарал проблемабазул министерство. Церего рагьарал акциязул гIуцIилъун гьабураб энергетика, хасал чагIазухъ бугеб тарнспорт ва бухьен. Ва лъабаго гьеб отраслязда ругел нус-нус масъалаби: налъаби, нухмалъиялъулъ бада-гъудур, цоцада гьоркьор рикьичIел тIадкъаял ва жавабчилъи.

ХIасил калам, лакайдул тахидаги рукIун гъулбасаз гIарац буххулеб бакIалда гьеб релълъун гьечIеблъи якъинаб жо буго. Амма политикияб рахъ босани гьеб рикIкIине бегьула кутакалда гIакъилаб ва жиндир заманаялъ гьабураб хIукму. ГIумахановасул сиясиябгун нухмалъиялъулаб хIалбихьи хIалтIизе буго гьел масъалаби роцIцIиналда тIад, живго ГIабдулатIиповги хасго аваразда цеве жеги тIадегIанлъана гьев командаялде вачиналъ.

Щай дица гьаниб дица тохлъукьего жанахIалъув вихьарав ГIумахановасул гьадигIан мухIканго бицунеб бугеб? Щай гурелъул, парламенталъул сессия букIа, хIукуматалъул данделъи букIа гьенир нахъегIан чIун ралагьарабго мухIканго рихьула гъора ругел политикиял къуватал, союзал, данде кколел кколарел чагIи, гьезул политикияб рес ва сурсат. Гьаб сагIаталда МахIачхъалаялде гочарав ГIумаханов вугин абизе бегьула жакъасеб республикаялъул тIалъиялъул иерархиялда бищунго кIудияб ва политикияб асар бугеб къуваталдаса цояв.

Жинда хадуб цIунараб Хасавюрт шагьар, жив жаниса вахъараб Казбек район, республикаялъул министрасул тахбакI ва Дагъистаналда бищунго кIудияб авар миллаталъул формалияв гурев цевехъан. Гьединго политикияб сурсат бугел чагIилъун рикIкIине бегьула Хизри ШихсагIидовасул ва ГIабдусамад ХIамидовасул команда. ЧIарадаса буго хасаб цоцалъ рекъараб къуватаб къокъа: Эсенбулат МухIамадов, Билал ЖахIбаров ва ШагьгIабас Шагьов. Шамил районалдаса - ГьитIинамухIамад ХIажимухIамадов ва Будун Будунов ва Мурад Пайзулаев. Загьид Хочбаров ва СагIид Юсупов ("Сумма" компаниялде гIагарал), Гъизилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабанов, спорталъул министр КIикIуниса МахIач ругин абизе бегьула гIезегIан сурсат бугел ва жалго жидедаго чIарал политикал.

Руго жеги чагIи, амма гьал тIадехун рехсаразулгIан сурсат бугел ругин абизе бегьуларо. Москваялъул олигархал дица гьанир рехсечIо. Гьел киналго къуватазда тIад вуго жакъа федералияб централъ гIурхъи гьечIеб тIалъи ва сурсатги кьун тарав Рамазан ГIабдулатIипов. Щаялиго гьес гьабичIо власталда бачIого ч1араб ва гIицIго жиндие ритIухъаб политикияб къуват республикаялда. Гьаниб бугеб кадровияб политикаялъул ва нухмалъиялъул къагIидаялда хурхун гьес чанцIулго абуна: "Цебе гIуцIулеб буго каманда, хадуб гьеб сверулеб буго бандаялде, гьелъие ахир лъезе вач1ун вуго дун гьаниве" - ян.

Амма живго республикаялъул бетIер хIисабалда ГIабдулатIиповасухъ бугеб тIалъи ва кверщел цониги республикаялъул бетIерасул букIинчIо цебехун. Гьезул киналго рукIанин абизе бегьула финансовиял ва криминалиял къуватазул асаралда гъоркь. Къуват цIикIкIараб рахъалъ росулаан тахбакIалги мандаталги ва гьезда рекъон хIалтIулаан республикаялъул бутIрулги. ХIасил калам, жакъа республикаялъул политикаялда ругел киналго къуватал ругин абизе бегьула Рамазан ГIабдулатIиповасул политикиял союзникал, пикруцоял, цадахъ хIалтIулел чагIи.

ТIаде бачIунеб буго экономикияб ва финансовияб рахъалъ цIакъ захIматаб сон. ТIоцебе парламенталъ тасдикъ гьабуна дефицит гьечIеб бюджет. "Дефицит гьечIеб бюджет" абураб жоялъул магIна буго киназго хIажат гьечIел, хIатта хIажаталцин штатал, цойги бакIалда харж гьабулеб гIарацги дагь гьабун, къан, кьураб бюджеталда рекъон хIалтIизе кколин абураб жо. Ай "рачел къазе ккола" гIумру лъикIлъизегIан абураб. Цере цадахъ бикъулеб гIарцуцаги, гIурхъи гьечIел бигьалъабацаги, миллиардазул тендеразги цолъизарун рукIун ратани республикаялъул бетIергун гъоркь ругел хъулухъчагIи, жакъа иш гIаксалда буго.

ГIабдулатIиповас гьел махIрум гьаризе ккола бюджеталдаса, дагь гьаризе ккола харжал, премиял, машина, кабинет, курортазда бакI гIадинал квегIенлъаби. ТIаде рачIунел руго 2016 абилеб соналъул републикаялъул ва Россиялъул парламенталде депутатал рищулел рищиял. Кинаб ахIвал-хIал букIинеб гьениб? ХутIиладай гьел бачIунеб соналъги политикиял союзникаллъун ва пикруцоялъун абураб суал хутIулеб буго рагьараблъун.

Хабар лъикIаб рагIайги!

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG