МагъчIваялъе рес

«Баркула чекистазул къо, къватIущал!»


Президент Путиница "чекистазул къо баркула". 2016 соналъул 19 декабрь.
Президент Путиница "чекистазул къо баркула". 2016 соналъул 19 декабрь.

20 декабралда Россиялъул тIалъиялъ кIодо гьабулеб букIана «Чекистазул къоилан» абураб пачалихъияб хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъчагIазул байрам. Гьезда гьеб байрам баркана Россиялъул президент Владимир Путиница. Цого мехалъ Лубянкаялда цере инсанасул ихтиярал цIунулез гIуцIана жидерго протесталъул акция.

Россиялъул президент Владимир Путиница "Россия 1" абулеб пачалихъияб телевидениялъе интервью кьолаго абуна, хасал хъулухъчагIаз Россиялъул суверенитет цIунулеб бугин. Гьес гьединго мисалалъе рачана Евроцолъиялъул улкаби: "гьезул бутIруз жидерго суверенитеталъул къисмат Америкалул Цолъарал Штатазе кьун буго",- ян абуна Путиница.

Гъоркьиса «чекистазул къо» (гьадинаб буго гьеб байрамалъул официалияб гуреб цIар) кIодо гьабулеб мехалда, Москваялдаги Петербургалдаги щалали лъаларез борхизабун букIана «ФСБ- халкъалъул тушманилан» абураб игIлан. Исанаги гьадиналго акциял тIоритIана инсанасул ихтиярал цIунулез.

«Баркула чекистазул къо, къватIущал» - гьединаб игIланалда гъоркь анцIгогIан хIаракатчи вачIун вукIана Москваялда Лубянка майданалда бугеб ФСБ-ялъул минаялде цеве.

Полициялъ ккуна гьеб акциялъул анкьго гIахьалчи. Вера Лаврешина, Виктор Капитонов, Василий Недопекин, Виктория Малясова, Семен Барсенев ва цогидал полициялъул бутIаялде щвезарун рукIана. Дора гьез сордо бана, протоколал хIадур гьаризегIан.

Протоколазда рекъон цо-цоял лъеберго сордо-къоялъ жанире тIамизе бегьула. Малясова Викториялда кIвана полициялъул бутIаялдаса лъутизе.

Протесталъул акциязул гIахьалчагIаз тIалаб гьабулеб букIана Павленский, Бученков ва Дадин эркенлъуде виччай. Рехсарав Ильдар Дадин жаниве тIамун вугоан диваналъ анкьалъ цеве, гьес цохIо жинцаго разилъи гьечIолъиялъул пикет тIобитIун букIиналъухъ.

Ахирисеб заманалда хасго гьадинал цохIого цо чияс гIуцIулел пикетал хIалтIизарулел руго хIаракатчагIаз. Щай гурелъул - гIадамазул гIемераб къадар бугел демонстрациялъе мэриялъул хасаб изну къваригIун букIиналъул, ян абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулев Дмитрий Флориница.

Дмитрий Флорин: «Гьединал акциязул бицен гьабулаго, пикетазе ялъуни митингазе изну кьеялда хьулцин лъезе рес гьечIо. Щайин абуни, жинде данде кколарел пикрабигун акциял тIадтарал хIехьезе гьечIо.

Амма, мисалалъе босани Москваялъул мэриялда бигьаго кIола тохтурзабазул демонстрациялъе изну кьезе. Изнуги кьун, гьез гьединаб митингалде жидерго гIадамал ритIула кодор жидецаго хIадур гIарурал игIланалгун.

Дир ракIалда буго гъоркьиса октябрь моцIалда Москваялда Суворовасул цIаралъул майданалда букIараб гьадинаб митинг. ИгIланазда тIад хъван букIана: "Владимир Владимирович! Кумек гьабе. Медицина биххизабизе хъулухъчагIазе рес кьоге", - ян. Ва киналго гIайибал Америкалде гIунтIизарулаан.

Гьале гьадинал митингал бегьула тIоритIизе. Амма нижер ТIадегIанав Рагъулав бетIер Владимир Владимирович Путин какулел акциязе лъицаниги изну кьезе гьечIо».

XS
SM
MD
LG