МагъчIваялъе рес

ФСБ-ялъ Гъизляр мухъалъул бетIер ккун вуго


26 июлалда къуваталъул идарабаз ккун вуго Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградов. Гьев кквеялъе гIилла щибали официалияб къагIидаялъ къуваталъул идарабаз лъазабулеб гьечIо. «Экренлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Виноградов ккун вуго такъсирчагIазул къокъаялъул бетIер хIисабалда.

Гьев хIакимчиясул ва гьесул сверухълъиядаса чагIазул рокъоб чIухь бан бугин абурал баяналги руго. 27 июлалъул радал хасал идарабаз чIухь базе лъугьун буго, гьединго, Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIер Сайгид МуртазгIалиевасул рокъобги.

ГьатIан къоялъул сардилъ къуваталъул идарабаз ккун вуго Гъизляр мухъалъул бетIер Андрей Виноградов. Дагъистаналдаса гурел къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз тIобитIун буго гьеб хасаб тадбир. Республикаялъул цониги къуваталъул идараялъ гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

Официалиял гурел баяназда рекъон Андрей Виноградов кквеялъе гIиллалъун лъугьун буго гьев, гIемерал такъсирал гьарураб, кIудияб такъсирияб къокъаялъул бетIерлъун вукIин. «Кавказская политика» сайталда жиндирго блогалда Константин Тимошкинилан абурав авторас гурони гьев Виноградовасда хурхун гьабураб хасаб операциялъул хIакъалъулъ мухIканлъиги лъицаниги кьолеб гьечIо.

Гьес блогалда хъвалеб буго хасаб рагъулаб техникаялдаги рекIун Моздокалдасан, Чачаналъан рачIун ругила Гъизляралде хасал идарабазул хIалтIухъаби. Гьез лъабго горсвери гьабун сверун ккун бугила Виноградовасул мина, гьел жанире къазе риччаларин лъугьун рукIун руго мухъалъул бетIер цIунаразул къокъа ва гьединго гьес ахIуд рахъинарун рачIарал полициялъул хIалтIухъаби.

Гьезул дандечIейги къинабун, киназухъаго ярагъги нахъе бахъун Виноградовасул минаялъуре лъугьун руго гьел хасал идарабазул хIалтIухъаби. Кколеб мехалда дандечIей гьабизе лъугьун вукIун вуго Андрей Виноградов, гьелъ чанго нухалъ кьабизе ккун буго гьесда. Вертолеталдаги рекIинавун Моздокалде вачун вуго гьев.

Гьединго гьел хIалтIухъабаз Гъизляр мухъалъул бетIерасул рокъоб чIухь бан хадуб батун гьениб батун буго номерал нахъе хъвагIараб чанго автомат, снайперазул туманкI, кьвагьулеб жо ва гьеб гьабизе хIажалъулебщинаб, гьединго 165 грамм марихуаннаялъулги. Андрей Виноградовасул сверухълъиялъул рокъо-рокъобги балеб бугин чIухьилан лъазабулеб буго гьеб цебехун рехсараб блогалда.

Гьез хъвавухъе цойги гьев хIакимчи кквеялъе гIиллалъун лъугьун буго 2012 соналъ Гъизляралъул базаралда Виноградов цIунарал чагIаз щуго чи чIвай. Гьел ккоалаан бизнесчагIи вацал ХIамзатовал ва гьезул яцалъул вас. Лъабго соналъ халат бахъараб гьеб ишалдаса хадуб диваналъ гьеб чIвай-хъвеялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи букIун ккун рукIаразда гIайиб гьечIилан чIезабуна.

Живго Виноградовасги гьел чагIи жиндир хIалтIухъаби гурилан лъазабуниги, гьеб гьереси букIин баянаб букIана киназего. Гъизляралда киназдаго лъалеб букIана ХIамзатоваздаги Виноградовасдаги гьоркьоб кьал букIараблъи ва щибго жо гьечIеб бакIалда гьесул чагIаз питна ургъунго бухъараблъи. ХIамзатовал чIвазе багьана гьезие некIого къваригIун букIанин абулеб букIана.

Андрей Виноградовас мухъалъе нухмалъи гьабулеб буго 2010 соналдаса нахъе. Цеве гьеб хъулухъалда вукIарав Сайгид МуртазгIалиев Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIерлъун араб мехалда гьес, жиндирго божарав чи хIисабалда, тун вукIана Виноградов гьеб хIалтIуда. Гьелде щвезегIан чанго соналъ МуртазгIалиев цIунулевчилъун хIалтIулев вукIараблъи лъала гьев.

Гьединго итни къоялъул къалъудалалда МахIачхъалаялда аскIоб Кривая Балкайилан абураб бакIалда бугеб Сайгид МуртазгIалиевасул минаги сверун ккун буго къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Виноградовасул дора тадбирал тIоритIулел рукIарал чагIи ругин гьелилан абурал баянала руго.

МуртазгIалиев цIунарал чагIаз жанире риччалел гьечIила гьелин абун информация тIибитIизабун буго интернеталда. Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун ва Виноградов кквеялда бан Сайгид МуртазгIалиевас жеги кинаб букIаниги баян кьезе гьечIилан.

Гьес лъазабунила гьеб кинабго жинди-жиндир бакIалде ккезе тейила. Гьединго МуртазгIалиевас лъазабулеб буго лъил букIаниги заказалда рекъон тIоритIулел ругила гьел тадбиралилан

Сайгид МуртазгIалиевасе Дагъистаналъул бетIерлъун вачIине къваригIун бугин абурал харбал рукIана, гьелъул жо ккечIеб мехалда МахIачхъалаялъул мэрлъун вахъине ракIалда бугин гьесдайилан абурал баяналги рукIана цо-цояз.

Амма республикаялъул тIалъиялъ щиб гьабунги мэрлъиялде виччазе бегьуларин гьевин лъазабун бугин, гьединлъидал тIоритIун ратизе бегьулин гьесда хурхун хасал табиралилан абулеб букIана. Амма гьеб мекъаб информация бугин рикIкIунеб буго «Новое Дело» газеталъул журналист МухIамад ГIабдурашидовас.

МухIамад ГIабдурашидов: «Рамазан ГIабдулатIипов бетIерлъиялде вачIаралдаса цебе гIадин тIалъиялъул кверщаликь гьечIо республикаялъул къуваталъул идарабазул система. Гьединлъиялъ Дагъистаналъул тIалъиялъе тIамун, гьез Сайгид МуртазгIалиевасдаса рецIел босизелъун гьарулел ругин гьел хасал тадбиралин абизе бегьуларо.

Къуваталъул идарабазул жидерго хIалтIул къагIидаби рукIуна. Гьезул цониги чиясде суал батани, гьелъул цIех-рех гьабизе хасал тадбирал тIоритIула киса-кирего. Гьел тIоритIунин абун чи кколин яги жанив тIамулин абизе бегьуларо. Гьеб буго хасал идарабазул гIадатияб хIалтIи».

Живго Сайгид МуртазгIалиев унтун вукIиналъ ахираб заманалъ хIалтIуда вукIун гьечIо, цо-цо баяназда рекъон Дубаялда вуго гьев.

XS
SM
MD
LG