МагъчIваялъе рес

ФСБялъул нуцIида цIа лъурав хулиган


Петр Павленский ФСБялъул нуцIида цIа лъун хадуб. Москва, ноябрь 9, 2015
Петр Павленский ФСБялъул нуцIида цIа лъун хадуб. Москва, ноябрь 9, 2015

ФСБ-ялъ хIинкъизавун вугин 146 млн. чи, гьединлъидал, гьезде данде битIараб букIанин жиндир акцияйин абун буго художник Петр Павленскияс жиндирго адвокат Ольга Чавдариде. Гьелъ гьедин бицана итни къоялда журналистазде.

Павленскияс гьатIан къоялъул къаси хIаракат бахъун буго Лубянкаялда бугеб ФСБялъул минаялъул нуцIида цIа лъезе. Гьеб сабаблъун гьев ккунги вуго.

Итни къоялъ гьесухъа сурав босулаго низам цIунулез гьесие кьолеб букIанин цохIого цо суалин бицана нахъеги адвокаталъ. Гьебги букIун буго: «Щив вукIаниги хвезе бокьун букIанищ дуе?»-ян абураб.

Гьелъие жаваб гьабулаго Павленскияс абун буго букIинчIин, жив гьеб бакIалда живго цохIо вукIанин къотIновгицин цониги инсан вукIинчIин.

Павленскияс адвокаталъе бицухъе гьесул акциялда цIар букIун буго «ХIинкъи. Лубянкаялъул кIалъалел нуцIби» абураб.

ГьатIан къоялъул къаси Павленский вачIун вуго ФСБялъул минаялде цеве, жиндихъго букIараб къалиялъуса гьес нарт чвалхун буго гьеб минаялъул нуцIиде ва лъун буго цIа. Гьеб параялъго рекерун рачIарал полицияз ккун вуго гьевги, гьенир рукIарал «Дождь» каналалъул журналист Владимир Роменскийги, журналист Нагина Бероеваги. Журналистал хадусан нахъе риччан руго.

Павленский лъала жиндир хасаб пикру цо жиндиего хасаб куцалда загьир гьавулев художник хIисабалда. 2012 соналда ««Pussy Riot» къукъаялъул рахъ ккун гьес жиндирго кIал букъун букIана. 2013 соналда Россиялъул репрессивияб политикаялде данде абун гьес живго зазхараб телалъ жемжемун вукIана, Гьебго соналъул хасалихъе гьес живго магIалъ кьабун вукIана БагIараб майданалъул гамчIида. Гьеб акция гьес тIобитIун букIана полициялъул къоялде. 2014 соналъул февралалда Санкт-Петербургалда гьев гIахьаллъун вукIана «Эркенлъи» абулеб акциялда. Гьеб тIобитIун букIана Киевалда букIараб Майданалъул рахъккун.

Гьанже гьесда гIунтIизабулеб буго гIиси-бикъинаб хулиганлъи гьабиялъул абулеб гIайиб, амма гьеб цIа лъей абуралде хисизабизеги рес бугин рикIкIунеб буго адвокат Чавдарица. Гьелъул хьул буго гьеб терроризм абуралде хисизабичIо хутIиялда.

XS
SM
MD
LG